Баян:
Гьавуна 1960 соналда Казбек районалъул Гертма росулъ.
1983 соналда лъугӏизабуна К. Тимирязевасул цӏаралда бугеб Москваялъул росдал магӏишаталъул академия. 1990 соналда вахъана росдал магӏишаталъул гӏелмабазул кандидатлъун.
2001 соналда лъугӏизабуна Москваялъул юридикияб университет.
Хӏалтӏана ДРялда букӏараб РФялъул налогазул полициялда, 2003-2014 соназда — МВДялда.
2014-2016 соназда Гӏабдулмуслимовас нухмалъи гьабуна Махӏачхъалаялъул администрациялда цебе гӏуцӏараб Управлениялъе.
2016 соналда тӏамуна Мугӏрузулаб округалда ДРялъул Бетӏерасул официалияв вакиллъун.
2018 соналда — росдал магӏишаталъулгун продовольствиялъул министр.
22 февралалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз разилъиги кьун, хӏукуматалъул председательлъун вищана Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов.
Гьеб ккола парламенталда цебе республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас лъураб кандидатура.
Гьанжелъагӏан гьеб хъулухъалда вукӏарав Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов казначействоялде нухмалъулевлъун унев вукӏиналъул бицен буго республикаялда, амма гьабсагӏаталда гьелъул официалияб сайталда нухмалъулевлъун Исрапил Тӏинамухӏамадов вуго вихьизавун.
Букӏаниги, Сергей Меликовас жиндирго Instagram-алда хъвалеб буго Россиялъул Финансазул министерствоялъ Федералияб казначействоялъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъиялде Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов тӏамизе вукӏиналъул рахъкколин жинцайиланги.
Депутатаз Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов вищилалде цебе парламенталъул спикер Заур Аскандаровас бицана росдал магӏишаталъул министрлъун вугеб мехалда гьесул хӏаракаталдалъун щварал лъикӏал хӏасилазул.
Хадубккун республикаялъул хӏукуматалъ кӏвар кьезе ругел рахъазул бицунаго, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас рехсана гьадинал мурадал: гӏадамазул сахлъигун рукӏа-рахъин лъикӏлъизаби, гьезул гьунарал загьирлъиялъе ресал гӏуцӏи, гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиги санагӏалъабиги чӏезари, даран-базаралъе шартӏал гӏуцӏи, цифровияб трансформациялъе квербакъи гьаби.
Нижеда ракӏалде ккана Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул хӏакъалъулъ батӏи-батӏияб заманалда гьесда цадахъ хӏалтӏарал гӏадамазда цӏех- рех гьабизе.
Расул Хӏайбулаев, журналист:
— Гӏабдулмуслимов росдал магӏишаталъулгун продовольствиялъул министрлъун хӏалтӏулеб мехалда дун вукӏана гьенив ишазул управлениялъул отделалъул нухмалъулевлъун. Доб мехалда киназулго кӏалдиб букӏараб ришватазегун откатазул харбие ахир лъуна гьес, министрлъун ккедал.
«Дагсельхозстрой» гӏуцӏиялъ росабалъ чанго соназ ран рахъинчӏого нухда хутӏарал, яги байги бихьун, хадуб квер хьвагӏун тарал объектазул хал гьабулеб букӏана цо нухалда Гӏабдулмуслимовас. Бачӏинахъего гьес гьениб нухмалъиги хисана, Мухӏамад Юсуповги тӏамун. Цинги тӏоцебесеб соналъго щуго школа бан лъугӏизабуна батӏи-батӏиял росабалъ, хъутабазда. Гьанже заманалъул тӏалабазда рекъон, кӏудикӏудиял спортзалалги, компьютеразул залалги, станокалги жанир лъурал трудалъул дарсазе хӏажатал, церетӏурал классалги жанир ругел гьел школал цивилизациялъул борхалъилъун рихьулел рукӏана доб заманалда гьел хъутабазда. Амма ран кьуниги, гьел хӏалтӏизаризе риччаларого, цоги захӏмалъиги дандчӏвана гьезда. Доб мехалда республикаялъул нухмалъиялда рукӏарал гӏадамаз гьелъие цо кӏудияб къасд бихьизабичӏо. Гӏицӏго Меликов вачӏиндал гурони гьеб рахъалъ багъа-башари лъугьинчӏо.
Гӏабдулмуслим министрлъун тӏамидал, республикаялда цо миллиардгӏан гъурущ мелиорациялъеги биччана. Гьесде щвезегӏан гьебгощинаб гӏарац кьолароан гьеб отраслялъе. Гьелдалъун кӏудияб кумек щвана пиринчӏ, ччугӏа гӏезабулел, гӏи-боцӏи хьихьулел гӏадамазе.
Дие абизе бокьараб жо – цо иш цебехун бачине Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул бажари букӏин бихьизаби. Дол школал ран лъугӏизегӏан, ретӏун резинадул чакмабигун, рагъаричӏого хъутабазда чӏун рукӏана цин Мухӏамад Юсупов, цинги росдал магӏишаталъул министрасул заместитель.
Тӏадегӏанал хъулухъазда рукӏаниги, ккараб бакӏалда чиясда бадибе рагӏиги абула Гӏабдулмуслимица. Жидер ракьалъе зарал кколеб бугилан цо росдал гӏадамал дандечӏун рукӏана республикаялъул нухмалъиялъ балеб цо кӏудияб объекталда. Ракӏалда гьечӏо гьанже киб гьеб букӏарабали. Гьелда тӏасан хӏукуматалда тӏобитӏулеб букӏараб данделъиялда цо хӏакимчи вахъана чӏухӏа-чӏухӏарал жал рицине, гьел гӏадамал чӏезаризе Росгвардияги спецназги битӏилин гьенибеян. Гьеб мехалда гьесие цӏакъ лъикӏаб жаваб кьуна Гӏабдулмуслимица. Дуда рагъ-кьалги, гӏадамазул къварилъиги щиб жоялигӏаги лъалебищин, гьанир милицабиги, рухӏиял церехъабиги политикалги, цогидалги чӏвалеб мехалда мун республика тун къватӏив вукӏанин, гьанже кинабго гӏодоцараб мехалда гьаниве тӏадги вуссун, нижее гӏакъалаби кьезе лъугьунев вугилан, чӏезавуна Гӏабдулмуслимица гьев.
Къокъабго заманалда росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазул байрамги гӏуцӏун букӏана Гӏабдулмуслимил квербакъиялдалъун. Махӏачхъалаялда, Гьудуллъиялъул Минаялъуб, тӏобитӏулеб гьелде вачӏарав хӏукуматалъул председатель Артём Здунов виххун хутӏун вукӏана. Культураялъул министрлъунгицин тезе бегьизехъин вугила мун, духъа бокьараб министерствоялъе нухмалъи гьабизе бажаризе бугилан махсараги гьабун букӏана гьесие Здуновас.
Цо нухалда Гӏабдулмуслимгун цадахъ Мухӏу Гӏалиевасухъе щун рукӏана ниж. Гьеб мехалда хабар ккун букӏана гьесул инсул хӏакъалъулъ. Казбек районалъул исполкомалъул нухмалъулев вукӏанин ккола гьев советияб заманалда. Бажари бугев нухмалъулев хӏисабалда рехсолев вукӏана гьев Мухӏу Гӏалиевас.
Гьелде тӏадеги Гӏабдулмуслимие кутакалда рокьула магӏарул шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул асарал, рекӏехъе лъала халкъиял кучӏдул, фольклор.
Бихьуларищха, полковниклъун закон цӏуниялъул хъулухъалдаса нахъе ун хадув, чорокал къокъабазда гъорлъеги ккечӏого, тухумчилъиялдаса рикӏкӏадги чӏун, къокъабго заманалда жаниб Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда кӏвана республикаялъул премьер-министрлъун вахъине. Унго-унголъунги пачалихъалъул ургъел бугев чи ккола гьев.
Зайнаб Гӏалимирзаева, Махӏачхъалаялъул мэрасул пресс-секретарь:
— Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов жамгӏияб хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ Махӏачхъалаялъул администрациялда цебе гӏуцӏараб управлениялъул нухмалъулевлъунги хӏалтӏана.
Пресс-хъулухъалъул вакил хӏисабалда дун гьесда цадахъ гӏезегӏан бакӏазде ине кколаан. Гьеб мехалда бихьулаан Гӏабдулмуслим сундаго хадув гъурав, управлениялда вугевщинав чиясда тӏадаб иш рагӏа-ракьанде щун лъалев, хӏалтӏи цебе бачунев чи вугеблъи.
Махӏачхъалаялда хурхун социалиял гьиназдасан бугониги, жалго рачӏун, яги кӏалъан гӏадамаз жидецаго бицунниги лъараб-тараб цониги хӏужа гьес кӏвар кьечӏого толароан.
Гьелдаго цадахъ махсара-хочӏги лъалев, Тимирязевасул академияги лъугӏарав, гӏисинал-чӏахӏиялгун кӏалъазеги лъалев, гӏадатияв гӏаданги вичӏчӏулев чи вуго Гӏабдулмуслим. Ккараб бакӏалда согӏго кӏалъазеги лъала гьесда.
Гӏезегӏан кепал лъугьа-бахъиналги ккана нижергун гьесул. Цогидазе махсара гьабулаго, живго жиндагоги велъула гьев.
2016 соналда гьанисан ДРялъул Хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул советалъул секретарьлъун ана. Аниги щибха, гьанжеги зама-заманалдасан ракӏалде щола нижеда Гӏабдулмуслимов.
Хадурккунги цӏи-цӏиял бергьенлъаби гьарула гьесие.
Зульфия Хӏажиева