Гьал къоязда Дагъистаналъул жамгӏиял ва гӏелмиял хӏаракатчагӏаз РФялъул Пачалихъияб Думаялде битӏана бакӏалъулаб администрациял къаялда хурхун бахъараб федералияб законалъул (проект Федерального закона №40361–8 «Об общих принципах организации местного самоуправления в системе публичной власти РФ») проекталда тӏасан жидерго пикраби.

Гьезул хьул буго гьел малъа-хъваял хӏисабалдеги росун, ДРялъул Халкъияб Собраниялъги гьелъулъ хиса- басиял гьарилин абураб. Исана 20 январалда къватӏибе араб «Хӏакъикъаталдаги» хъван букӏана гьеб законалъул хӏакъалъулъ («Сельсоветал хисун – территориалиял отделал» абураб бетӏералда гъоркь).

Нилъер депутатаз къабул гьабураб гьелъул хӏакъалъулъ бицине 10 февралалда Махӏачхъалаялда данделъун рукӏана Москваялде хитӏаб гьабурал жамгӏиял ва гӏелмиял хӏаракатчагӏи. Гьезул цояв ккола политолог Денга Халидов. Гьес рикӏкӏунеб буго закон, аслияб куцалда, Россиялъул росабазе данде кколин, нилъер гьаниб къабул гьабичӏого гӏолеб батичӏони, гьелъулъ цо-цо рахъал хисизаризе кколин.

— Россиялда краялгун областазда ругел гӏисинал росаби лъугӏулел руго, гӏолохъабиги нахъе гочун. Гьенив хӏалтӏизе чи щолев гьечӏо. Херал чагӏи гурони хутӏулел гьечӏо росабалъ. Гьанжеялдаса 100-150 соналъ цебеги хӏалтӏизабулеб букӏараб ракьул 50 азарго гектар буго централияб Россиялдаса Уралалде щвезегӏан квер хъвачӏого тун.

Гьеб законалъул проекталда тӏад хӏалтӏарав депутат Крашенниковас абуна ахираб 15 соналда жаниб 80 хиса-баси гьабунила бакӏалъул нухмалъиялъул законалъулъ. Къого хиса-баси гьанжеги гьабизе кколеб бугила. Кӏинусго нухалъ хи сизабулеб законищ букӏунебин абулеб буго гьес. Дунги рази вуго гьеб пикруялда. Цӏияб закон къваригӏуна. Амма цӏидасан гьеб бахъулелъул хӏисабалде бо сизе ккеларищ Дагъистаналъул ги нилъеда мадугьалихъ ругел цогидал республикабазулги хас лъаби (гӏадатал, гьава-бакъалъул шартӏал ва цогидаб). Магӏарухъ нилъер жамагӏатазлъидал гӏадлуги рукӏа-рахъиналъул низамги чӏезабулеб букӏараб (хур-ах кида бекьилеб, боцӏуда щив телев абун). Дагьа-макъаб Карачаево-Черкесиялдаги Кабардино-Балкариялдаги гурони, гьаниб аскӏоса-гӏебеде Дагъистаналда гурони букӏинчӏо жамагӏатаз гьеб суал тӏубалеб къагӏида. Чачаналдаги Ингушетиялдаги букӏана тейпазул (тухумазул) система.

Советияб заман бачӏун хадуб тӏубанго тӏагӏараб гьеб къагӏида цӏилъун бачӏунеб букӏана 1990-абилел соназул байбихьуда. Амма хадубги, къабул гьабун №131 федералияб законгун, жо ккечӏо долъул. Европаялъул хартиялда релълъун бахъараб закон букӏана №131-ФЗ. Ресалда ругел муниципалитетазе гурони данде кколаро доб.

Палхӏасил, ниж рази руго власталъул вертикаль абураб жо букӏине ккеялда. Дун росдал бегавулги вугин, районалъул хӏакимги тӏадкӏалъачӏого, бокьа-бокьараб гьабулев теян чӏезе бегьуларо. Республикаялъул нухмалъулесда цебе жаваб кьезе ккани, цин росабалъ бугеб ахӏвал-хӏал лъазе ккеларищ районалъул бетӏерасда? — ян бицана Д. Халидовас.

Гьесул пикруялда рекъон, бакӏалъул нухмалъулел тезе бегьилаан кӏуди-кӏудиял росабалъ. Гьезда аскӏоса-гӏебеде ругел, масала, 200 гурони чи жанив гьечӏел гӏисинал росаби абуни гьезда хурхинаризе бегьилаан. Масала, Кӏаратӏа росдал советалда гъорлъе уна Рачабулда. Тӏаса Инхело советалда гъорлъе уна Рацилъги Маштадаги.

— Азаргоялдаса дагьав чи вугеб росулъ депутаталги къваригӏунаро (гьеб къадаралдаса цӏикӏкӏун чи вугел бакӏазда гурони). Гьенив вищизе ккола бегавул. Районалъул собраниялъги тасдикъ гьавизе ккола гьев. Гьеб хъулухъалда толел чагӏазулги букӏине ккела муниципалияб хъулухъалъул хӏакъалъулъ хасаб лъай, — илан тӏаде жубана политолог Денга Халидовас бегавулзабаздаса инкар гьабиялда хурхараб законалда бан.

З. Хӏажиева