22 февралалда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул хӏурматалда гӏуцӏараб “Рахьдал мацӏалъул бакънал” абураб тадбир.
Гьелда гӏахьаллъи гьабуна шагӏирзаби Сабигат Мухӏамадовалъ, Космина Исрапиловалъ, Аминат Гӏабдулманаповалъ, Бахтун Гъазиевалъ, гӏалимзаби — Расул Бахӏамадовас, Хизри Юсуповас, Хазина Аминовалъ, табасаран мацӏалда бахъулеб “Лачен” журналалъул редактор Фероза Солтӏановалъ, журналистаз, студентаз ва цогидаз.
Гьел киназго жиде-жидер рахьдал мацӏазда цӏалана кучӏдул.
ДГУялъул халкъазда гьоркьосеб лъай кьеялъул факультеталда цӏалулел ругел Йеменалдаса, Узбекистаналдаса, Нигериялдаса, Сириялдаса, Египеталдаса, Кореялдаса, Азербайжаналдаса студентаз цӏалана ва ахӏана жидерго рахьдал мацӏалде руссинарурал Дагъистаналъул шагӏирзабазул асарал. Мацӏал батӏиял ругониги, балагьаразе цӏакъ асар гьабуна гьезул церерахъиналъ.
М. Манапов