24 февралалда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас дагъистаниязде хун хитӏаб гьабуна Украинаялда ахӏвал-хӏал хӏалуциналда бан сабруялда рукӏайин. Рихха-хочиялъул асаралъ кверде росизе чӏечӏого, гӏодоре риччан рукӏине кколин абуна нухмалъулес.
Гьесул рагӏабазда рекъон, улкаялъул бетӏер Владимир Путиница Украинаялда рагъулал операциял тӏоритӏиялъе буюрухъ кьун буго батӏияб рес гьелъие букӏинчӏолъиялда бан. Россиялъул президентас тӏамураб галиялда нахърилълъине кколин нилъ, рахӏатхвеялъул щибниги асарги нилъелъ букӏине кколарин бичӏчӏизабуна республикаялъул нухмалъулес.
Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас абуна жал хӏадур ругин Донецк ва Луганск республикабаздаса лъутун рачӏаразул 200 чи къабул гьавизе. Цебеккун абулеб букӏана гье зул кинавниги 600 чи вачӏине вугин нилъер республикаялде.
Амма кигӏан Сергей Меликовас халкъ гӏодобе биччазабизе яхӏал гъуниги, республикаялда гӏураб багъа-бачари буго социалиял гьиназдасан кьолел цӏиял харбазухъ балагьани.
Украинаялда рагъулал тунка-гӏусиял хӏалуцине байбихьанин абураб хабаралъго гӏемерав чиясул рахӏат хвезабуна. Банкалъул счетазда гӏарцул нахърател букӏарал чагӏи радалго банкоматазде рекерана, карточкаялдаса гӏарац бахъизе. 50 000-ялдаса цӏикӏкӏун гъурущ банкалъул счеталда батани, гӏедегӏел гьабейин гьеб нахъе бахъизе, гурони нужер гьеб тӏагӏине рес бугилан риччарал къватӏул харбазги хӏалакинаруна гьезул пикрабиги ракӏалги.
Къватӏул харбалин абичӏого, цоги кин гьезда абилеб, бокьараб цо хӏалуцараб лъугьабахъин ккани, пиридул хехлъиялда гьелда цадахъго рижун рачӏуна гьаниса-дораса харбал. Гӏемерисел гьел ратула кьучӏ гьечӏел. Амма бокьараб жо ккезе бегьулеб дунял бугин абураб пикруялъги ханлъи гьабула нилъеда.
Гьединабго хӏалуцин лъугьана Махӏачхъалаялъул цо-цо чӏахӏиял дармил рукъзабахъги. Долларалъул официалияб курс радалиса 110 гъурщиде баханин абураб хабаралъ квешго хиралъана Apple ва цогидаб къайицӏа. Мисалалъе, 13 маркаялъул IPhone фирмаялъул мобилиял телефоназул багьа бахун букӏана 207 азарго гъурщиде. Долларалъул багьа къалъудаса хадуб 80-ялдаса цӏикӏкӏун гъурщиде ккана.
Цохӏо багьабаз гуребги буго гӏадамазул рахӏат хвезабун. Украинаялде ритӏарал Россиялъул рагъухъабазда гьоркьор руго контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубазабулел ругел нилъер ракьцоялги. Чанго сордо-къоялъе гьезул макьуги хӏалхьиги бикъана Украинаялда боркьараб рагъул коралъ. Западалъул макручагӏаз гъураб батаниги, дунялалъул питначагӏазул хӏаракаталдалъун гьабураб батаниги, гьениб иш хӏалуцана.
Гьедин буго жакъа Малороссиялъул ракьалда иш. 70 соналъ Советияб пачалихъалда гъорлъги букӏун, вацал гӏадин нилъгун рекъон букӏараб ракьалда кьвагьулел ракетабазул ва рихъулел гумпарабазул рокьукъаб сас буго. Аллагьас иш ракълиде бачаги. «Рагъалдаса рекъел лъикӏ» абураб пикруялде ругьун гьарун рукӏана нилъ школалъул партаялдаса нахъего. Амма ракълидаса рагъго лъикӏин абураб пикру жакъа цӏакъго берцин бихьулеб буго цо-цоязда…
P.S. ДНР ва ЛНР чияда рачӏел улкабилъун рикӏкӏарал Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатазе нухал къазе лъугьана бакътӏерхьул рахъалъул улкабаз. Гьединго Дагъистаналдаса депутатазул бицани, Хизри Абакаровасегун Мурад Хӏажиевасе санкциял лъазаруна гьез. Къана къватӏисел пачалихъа зул банказда лъураб гьезул гӏарацги.
А. Юсупов