Хӏанчӏица ахӏула, огь, Ватӏанилан,

Дурги буго, Ватӏан, хирияв гьалмагъ.

Дур росуцоялгун дандчӏвай гьабизе,

Мун ахӏулев вуго гӏагараб ракьалъ.

Ассалам гӏалайкум, магӏарулал. «Би цо, бо цо буго нилъер» — гьедин такрар гьабизе цӏакъ бокьула Кӏуядаса Мухӏамадхӏабиб Гӏалискандиевасе. Нужер гӏемерисезда вихьунги рагӏунги ватила гьев магӏарулазул горсвериязда, дандеруссиназда кодоб ккун тӏамургун. Гьалдолеб гӏищкъу гъорлъ бессараб хасаб гугьаргун, биччан гьаракьгун кечӏ ахӏулев. Макъалаялъул байбихьуда лъураб ункъо мухъги буго гьес гӏемераб ахӏулеб кочӏолъа босун лъураб. Цӏакъ хириял руго Мухӏамадхӏабибие магӏарул тӏамурги, нилъер машгьурал шагӏирзабаз хъварал хвел гьечӏел асаралги, бацӏцӏадго бицунеб магӏарул мацӏги, магӏарул гӏадатгун гӏамалги, инсухълъиги, умумузул тарихги. Гьеб кинабго цӏакъ хирияб буго гьесие ва гьелъул кутакалда къиматги гьабула.

Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ цӏалдолесеги бицине, магӏарул бакъаналда цоги нухалъ кечӏги ахӏизе, магӏарулазул эркенаб гъанситохъе – «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде ахӏун вукӏана нижеца гьев араб хамиз къоялъ. Мухӏамадхӏабибица бицана жиндирго умумузул, магӏарухълъиялъул, рахьдал мацӏалъул ва гьеб гуреб цогидалъул хӏакъалъулъ. Гӏемераб бакӏалде щола гьесул пикраби. Пикрабазегун рагӏабазе гӏорхъаби къалеб, сабруялда кӏалъалеб гӏадат гьечӏо гьесул. Гьелъулъги буго гьесул хаслъи.

«Кӏочон тоге магӏарухъ магьал раччарал гӏарщал.

Кӏочон тоге магӏарул чода тӏад кьили-тӏенкел»

— Хӏанчӏилги кӏиго кӏваркьи букӏунеб гӏадин, кӏиго ватӏан буго дир гьаб ракьалда – цояб Гъуниб районалъул Кӏуяда, цогидаб — Шамил районалъул Гъогъолъ. Анкьумумузул рагӏа-ракьанде щун бицине лъугьани, кӏиго сордоги къоги гӏеларин ккола. Бицина къокъго. Дир анкьумумузул тарих байбихьула Кӏуядасан. Гьел гӏахьаллъана Надир-шагь щущахъ виххизавураб бодулъги, Шамил имамасул хьибил ккун гьел рагъана гъазаваталъул рагъдаги, дир ункъабилев эмен жиндир заманалда цӏалана Къарахъа Мухӏамадтӏагьирихъ. Лъабабилев эмен Гӏалисканди жиндир заманалда вукӏана Къахӏив Хӏасан-устарасда аскӏов. Инсул эмен — Гӏабдайилазул Мухӏамад гӏумру гьабун вукӏана гъагъадеридаги тӏелкьадеридаги гьоркьоб бугеб некӏсияб Чарахъ росулъ. Сверухъ ругел Гьонода, Кӏуяда, Гъогъолъ, Тӏелекь росулъ киназдаго лъалев гьунар бугев маххул къебед вукӏана гьев мунагьал чурад. Маххул къебелъиялъе гуребги букӏана гьесул гьунар. Гьесдаса ирсалъе щвараб махщел жакъа хӏалтӏизабула дир инсуцаги (Гӏабдайилазул Мухӏамадил Ахӏмад — гьесулгун гӏатӏидаб гара-чӏвари бахъун букӏана «Хӏакъикъаталъ» араб соналъул октябралда; авт.).

Рекӏел тӏинда букӏуна цо рохел – лъоба (магӏарухъ) цо бакӏ бугинха дирилан абураб пикруялъ. Гьеб пикруялъ беэдула дир ракӏ, гьелъ гӏажаибаб къуватги рохелги кьола черхалъе. Найил тӏулбузда жаниб къараб гӏадаб гӏумругун гьаб шагьаралда чӏун ругел гӏадамазухъ балагьидал, пашманлъи рещтӏуна рекӏелъе. Талихӏкъарал, къо бухӏарал минутаз жанире лъугьине нахъарукъ гьечӏел гьезда дун гурхӏула, битӏараб бицани. Дир рес букӏарабани, киналго миллатцоял магӏарухъе хӏал гьабунги ритӏилаан дица зама-заманалдасан, цӏуне нужерго умумузул мацӏги, умумузул цӏарги, умумузул гъанситогиян, амруги гьабун. Гьедин цӏуничӏони, лъугӏизе буго нилъер миллат. Букӏанила, букӏинчӏила, букӏинецин букӏинчӏилан абун, заманалдасан, салулъе цӏун, къараб лъим гӏадин, лъугӏизе буго магӏаруллъиги, гьелъул бечедаб тарихги. Гьедин ккезе буго нилъеца хӏаракат бахъичӏони.

— Мухӏамадхӏабиб, рахьдал мацӏ цӏуниялъул бицунеб бугелъул дуца. Амма нилъеда жакъа бихьулеб бугеб хӏакъикъаталъул роценалда рекъон, сверухъе балагьани, кидалъагӏандай гьеб цӏунизе кӏвела? Щайгурелъул гьабсагӏат гӏемер абулеб буго «глобализациялъ» квер лъезе бугин сундаго абун. Нилъер цохӏо мацӏги, цохӏо маданиятги (нилъерго миллияб гуро) гурони, хутӏизе гьечӏин, цӏакъ хӏинкъи бугел прогнозал тӏиритӏизарулел руго. Кӏвеладай гьел шартӏазда нилъеда нилъер мацӏ цӏунизе?

— Ватӏан бокьи (патриотизм) абураб рагӏул магӏна, щибаб хӏарпхӏарпккун, щивасул бидулъ бессизабичӏони, гӏагараб заманалда гьеб цӏунун бажаризе гьечӏо. Эбелалъ кинидаго лъимадул рекӏелъе рахьдал мацӏалдехун бугеб рокьи, гьелдехун бугеб хӏурмат цӏикӏкӏинабизе бажаричӏони, нилъер умумузул мацӏалъ бищун бани, базе буго 100-150 сон. Гьебгицин базе гьечӏо, цӏияб гӏел цӏакъго бичча-бихъан тани, гьезда магӏарул мацӏ тӏубанго кӏочене рес кьуни. Рахьдал мацӏалда кучӏдул ахӏичӏони, школазда, рокъоб бицинчӏони, годекӏабахъ гьелъул гьаракь къотӏани, лъугӏун, тӏагӏун, ине буго мацӏги маданиятги.

Патриотизм абураб мисал чорхолъ гьечӏони, нилъ лъиениги къваригӏарал чагӏи рукӏине гьечӏо. Нилъ рукӏине руго нилъеразда гьоркьорги чиярал, чияразда гьоркьорги щибниги къадру-къиматги гьечӏел, пакъирал чагӏилъун. Гьитӏинаб миллат, кӏудияб жанаваралъ кӏкӏураб гӏадин, хвезе буго гьеб мехалъ. Гьединлъидал дица абула гьитӏинаб миллат букӏине ккола гӏужрукъ гӏадин. Кӏудияб жанаваралъе къулчӏизе бокьидал — дандекъан, къулчӏизе лъугьарабго — гьелъул мукъулукъги хъарс-хъарсун бан, жанавар гъанкъизе кӏолеб даражаялда.

Мунго дуего вокьизе ккола, тӏоцебесеб иргаялда. Мунго дуего вокьичӏони, дурго къимат дуца гьабичӏони, дурги гьабизе гьечӏо лъицаниги. Гьеб гьедин ккечӏого букӏине бищун аслияб борчги буго руччабазда тӏад. Гъалбацӏ къинлъун гурони, гъалбацӏ гьабуларо. Эбелалъ кинидахъ ахӏараб кочӏоца гӏадин, сунцаниги куцаларо бихьинчи ватӏан бокьизеги, гьелдаса чӏухӏизеги, къо ккараб мехалъ гьелъие гӏоло хвезеги. Эмен, рукъалъул хважаин, вукӏуна магӏишаталда тӏад виххун, хъизан хьихьизе чед-хинкӏ балагьулев. Гӏаданлъун мун вукӏине куцай — гьеб буго улбузул налъи, гьезул гӏумрудул масъала.

Бесдаллъизе вуго мун, кигӏан рес бугониги

— Жакъасеб заман буго рухӏияб рахъ хъарцинлъараб, гьелъул къимат хвараб. Цебе абулаан, лъикӏаб кочӏохъ кьоло-гъолораб чу кьолаанин магӏарухъ. Гьединаб букӏана доб мехалъ ахӏулеб кочӏол къимат. Жакъа дуца тӏамуралда ахӏулеб кочӏоца тарбия кьоладай чиясе? Гьелъ сундениги кантӏизавулев вугодай магӏарулав? Къиматаб бугодай гьезие умумузул бакъанги кечӏги? Гьелъул пикру гьабулищ дуца?

— Жакъа ахӏулеб кочӏол гӏадатияв чияс кин къимат гьабилеб, кин гьесда гьелъул аслуги аслияб магӏнаги бичӏчӏилеб, гьеб жалго артистаздаги, Культураялъул министерствоялдаги бичӏчӏулеб гьечӏеб мехалъ. Цохӏого жо ахӏулел кочӏохъабиян цӏар лъурал чагӏиги руго, гьезда орденал-медалал ралеб, гьезие мустахӏикъал артистазул цӏарал кьолеб министерствоги буго.

Магӏарухъ цояс босун буго телевизор. Рукъалъул ракьанда гьеб рекъезабулев вукӏаго, мадугьал вачӏун вуго, цӏар щибин алдайин абун. Валлагь, лъикӏ хӏалтӏани, инсул цӏар лъезе ракӏалда бугин жаваб кьун буго телевизор босарас. Жакъа щибаб жоялда жинди-жиндир цӏар лъезе кӏолеб даражаялда нилъ рукӏин, щивас жинда тӏадаб хъулухъ тӏубазе кӏолеб хӏалалъ хӏакимзабиги хъулухъчагӏи рукӏин цӏакъ кӏвар бугеб жо ккола. Гьединаб даража гьезулъ загӏиплъун букӏиналъ ккун буго иш гьелде. Гьелдаго цадахъ ахӏулеб кочӏол даражаги.

Дица ахӏулеб кочӏол аудиторияйин абулаха гъолда гӏурусалъ — гьеб аслияб къагӏидаялъ ккола тӏадмагӏарухълъи. Тӏадмагӏарухъ гӏумру гьабун ругел, ахӏулеб кочӏол магӏнаги бичӏчӏулел, гьелъухъ гӏенеккизеги лъалел, ахӏарал рагӏабазул гъваридаб магӏнаги бичӏчӏулел чагӏи – гьеле дир аудитория.

Расулил руго цӏакъ гъваридал рагӏаби: «Бесдаллъизе вуго мун, кигӏан рес бугониги», — абун. Бесдаллъулел руго нилъ жакъа.

Рес цӏикӏкӏанагӏан, чванта биццалъанагӏан чи бесдаллъула. Гьелъул магӏна кколаро эбел-эменги хун гьев хутӏи. Гьев бесдаллъула тӏоцеве жиндирго халкъалъе.

Гьездаса вахчизе хӏаракат бахъула гьес бечелъанагӏан. Гьезги квер хьвагӏун тола гьев. Гьеб буго гъоб рухӏияб бесдаллъи.

Гьеб рухӏияб рахъалъ бесдаллъун рукӏине нилъ жакъа бегьуларо.

Жакъасев артист вукӏине ккола миллат жаниса бихьулеб матӏулъун. Унго-унгояв артист гьев ккола миллаталъул гьумер гӏадав чи. Жакъа цояб кваркьи гӏалимзабазухъ батани, цояб кваркьи артистазухъ, кочӏохъабазухъ бугин абила дица. Амма вугищха жакъасеб сценаялде вахун кӏичӏардулев артист халкъалъул матӏулъун?

Понцӏорал кӏутӏбиги росун, тӏад къараб тӏажуги ретӏун, артистлъи гьабизе сценаялде яхарай кочӏохъаналъ кинаб мисалги бихьизабун куцалеб бугеб жакъасеб гӏел? Гьезие гӏив ахӏулел, чӏинкӏ бачунел гьагал гӏоркьилал рихьидал, жидецаги гьебго жо гьабизе кколин ракӏалде кколеб буго гӏун бачӏунеб гӏелалда. Чияр бакъаналда гъоркь микрофоналдаса «кутузул гьаркьал» гьаризе цере рахъунел артистал рихьидал, гьеб гӏадатияб жолъун къабул гьабулеб буго цӏияб гӏелалъ. Гьелъ къосинавулев вуго инсан.

Сах-саламатав бихьинчияс, кочӏохъанас чияр бакъан бикъуларо. Гьединан букӏана некӏо магӏарухъ. Гьеб жо цӏогь ккола. Жакъа цӏогьодулел артистаз кинаб тарбия кьолеб цӏияб гӏелалъе? Гьеб цо мисал рехсани гӏеларищ, гьез магӏаруллъи гуккулеб бугеб куц загьир гьабизе.

«Хваралги ракӏалде щун, шигӏруялда кӏалъазин»

Дир кечӏалъ гьединаб тарбия кьоларо магӏарулазе. Дир кочӏоца чи куцала умумузул бахӏарчилъиялъул пикру гьабизе, гьездаса ракӏ-ракӏалъ чӏухӏизе. Надир-шагьасул аскаразулъги имам Шамилил бодулъги наслаби бахилаб бахӏарчилъи бихьизабурал умумуздаса чӏухӏизе. Кӏалдиб речӏчӏараб гулла чӏамун къватӏибе турал, щукӏдузда далараб гъеж тӏад малги чӏун тӏун рехарал, жужахӏалъул цӏеда бухӏизе кӏолареб яхӏалъул борхалъиялъул церехъабилъун жал рукӏарал, нилъер умумузул хӏакъалъулъ ахӏула дица кечӏ. Гьелъухъ гӏенеккулел гӏадамалги руго сахал, цӏодорал, жидерго пикруги, ассги бугел, унго-унгоял магӏарулал.

— Кечӏ ахӏи дуца дурго махщеллъун гьабун гьечӏо — гьеб бихьулеб буго. Сценаялде вахун халкъалъе гьеб ахӏулевги мун вихьичӏо. Кин бугониги, щиб жо кколеб дуе жакъа магӏарул кечӏ? Сунца мун гьеб ахӏизе тӏамулев?

— Цӏакъ битӏараб суал кьуна дуца дие. Кечӏ дир кӏудияв вацасги ахӏула, гӏолохъанаб мехалъ гӏемераб ахӏана дир инсуца — Ахӏмадицаги. Амма нижер кьолбода жаниб кибниги хъвачӏеб къанун гӏадаб жо букӏана цо гьадинаб кьучӏаб мисал. Эбелги, яцалги, гӏагарлъиялъул руччабиги ругеб бакӏалда ахӏизе бегьулареб кечӏ нижеца киданиги ахӏичӏо. Гьеб мисалалда нахъ вилълъун ахӏула дицаги жакъа кечӏ. Сценаялдеги вахун дица гьеб ахӏуларо, белталги ричун концерталги гьаричӏо, гьаризеги гьечӏо. Дица кечӏ ахӏула эркенаб сверуда. Дир кечӏги гьелъул магӏнаги бичӏчӏулел, гьелъухъ гӏенеккизеги лъалел чагӏазе.

Гьаб бакӏалде гара-чӏвари щварабго, нахъойги тӏамурги кодобе босун, эбелаб бакъан биччана гьес. Мухӏамадхӏабибица ахӏана Игьалиса Чупалас гьабураб «Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал» абураб машгьураб кечӏ. Цӏакъ кутакалда асар гьабуледухъ, Шамилил заманги, гъазаваталъул рагъ боркьарал гьалдолел къоялги нилъеда цере чӏоледухъ ахӏула гьес Игьалиса Чупаласул бергьун гъваридаб асар. Гьеб къоялъ гьес ахӏана Расулил машгьураб «Мугӏрул тун авлахъазде, рахъунел магӏарулал» абураб шигӏруги, Фазу Гӏалиевалъул «Мугӏрузул закон» ва гьидерил Хочбариде гьабураб халкъияб кечӏги. Тӏубанго гьесулгун букӏараб гарачӏвариялъухъ ва Мухӏамадхӏабибица ахӏарал кучӏдузухъ гӏинтӏамизе бегьула нижер газеталъул YouTube-каналалдасан.

Аллагьас хъван батани, Мухӏамадхӏабибги гьевго гӏадал, магӏарул миллияб бакъаналда чӏагояб гьаракьалъ кечӏ ахӏизе гьунар бугел кочӏохъабиги данде ракӏарун, магӏарул кочӏол сордо тӏобитӏизеги ракӏалда буго нижеда. Магӏарулал жакъа урхъун руго лъикӏаб кочӏохъ…

Ашахан ЮСУПОВ