Нахъеги магӏарухъе — машгьураб борхатаб Гъунире. Цӏидасанги магӏарухъе, щивав магӏаруласе рекӏел тахлъун бугеб. Гьаб ракьалъ Дагъистаналъе ва дунялалъе кьунщинаб машгьурлъи. Халилбегил суратаздаги Мухӏамад Хӏажиевасул гьунаралдаги цебе бетӏер къулана ду- нялалъ. Ахӏулгохӏалъул цӏияб къиса гьаниб хъвана имам Шамилица. Миллаталъул тарихалда жидерго тарих бугеб борхатаб Гъуниб. Къабул гьаре дур тарихалдаги, къисаялдаги, къисматалдаги цере бутӏрул къулулел магӏарулал.

Араб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирзабиги щвана Гъунире. Гьенир данделъулел рукӏана «Гъуниб» районалъул газеталъул юбилеялде, ай 100 сон тӏубаялде хӏадурлъиялъулги «Гъуниб» журналалъул иргадулаб номералъулги хӏакъалъулъ бицинеги.

Дандеруссин рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Абакаровалъ.

Газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ ва гьелъул 100 сонилаб байрамалъулги журналалъул цӏияб номералъулги гьалбадерие бицана районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировас.

Районалъул газеталъул тарихги, гьелъ районалъул гӏумруялъулъ ккураб, кколеб бугеб бакӏалъул, журналазулги гӏатӏидго бицана редактор Мухӏамад Къебедовас.

Кӏалъазе рахъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Мухӏамад Ахӏмадов ва гӏалимчи Мухӏамад Ибрагьимович Мухӏамадов, Баху Мухӏидинова магӏарул журналалъул редактор. Журналалъул хӏа къалъулъ гьез жидерго пикраби загьир гьаруна, ва гьенибго бицен ккана авар мацӏалъул букӏинеселъул хӏакъалъулъги.

Тубхӏат Зургьаловалъги ракӏалде щвезаруна Гъуниб клубалъул сценаялда рукӏарал гӏолохъанлъиялъул талихӏал лахӏзаталги, гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьулги, авар мацӏалъул букӏинеселъулги. Рахьдал мацӏалъул ва гьеб цебетӏезабиялъе гьаризе ругел ишазулги, республи- каялъул Халкъияб Собраниялда мацӏазде кьезе бугеб кӏваралъулги ва депутатазул рукӏине ругел тӏалабазулги бицана Гъуниб районалдаса Халкъияб Собраниялъул депутатал Махӏмуддибир Каримовас ва Мухӏамад Кӏудиявмухӏамадовас.

Гьединго тадбиралда кӏалъазе рахъана «Гъуниб» журналалъул номер биччалелъул, гьенир гӏахьаллъарал Мухӏамад Абакаров, Зульфия Хӏажиева, Шамай Хъазанбиева, Асият Ханова, Рукъият Гӏалисултанова. Гьезги бицана журналазда жидецаго хъварал макъалабазулги, рахьдал мацӏ цӏуниялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ. Мухӏамад Къебедовасги баркалаялъул кагътал кьуна гьел мухбирзабазеги, журнал берцин ва бечед гьабизе бахъараб хӏаракаталъухъ.

Магӏарулазул гьеб берцинаб горсвери дагьабги берцин гьабуна районалъул культураялъул хӏаракатчагӏазул церерахъиназги. Гьез цоги нухалда ракӏалде щвезаруна районалъул бахӏарзалги, халкъияб кӏалзул гьунаралъул багьадурзабиги. Тӏад руссана дунялалдаго машгьурав Халилбегил къисаялдеги.

Гьеб киналдасаго хадуб, пикраби цӏидасанги гьалдезе лъугьана.

— Машгьурал миллатцояз жидер тӏогьазда орденал рарал, гьезда аскӏорги кӏудияв шагӏирасул орденал-медалалги кенчӏарал гьал мугӏрул чӏаго рукӏаго, чӏаго букӏина магӏарул мацӏги.

Къо-лъикӏ, Гъуниб. Жеги чанго нухалда тӏад руссина магӏарулал дур гъасде.

Ш. Хъазанбиева