Гӏадада гуро абулеб нух бугеб бакӏалда гӏумруги букӏунин абун. Хасго гьеб лъикӏ бичӏчӏула магӏарухъ гӏумру гьабун ругезда. Умумузул заманалда магӏарухъ ругел росабазул гӏатӏиракьалъулгун букӏараб загӏипабго бухьеналъе рукӏана гьаказул нухал. Цӏияб заманаялъ цере лъуна цӏиял масъалаби ва гьел тӏураялъе ратана щибаб заманалда рекъарал ресал. Бухьеналги гӏемерлъараб, кӏуди-кӏудиял хӏалтӏабиги гьаризе байбихьараб заманалда рахъана цӏиял нухал, къачӏана ва гӏатӏид гьаруна басриял. Мугӏрузул районазде нух гӏемерго къокъ ва бигьа гьабиялъе 1979 соналда лъуна цоги кӏудияб ишалъе кьучӏ.

Гьеб соналда байбихьана Генуб росдал рахъалдасан тоннель бахъизе, югалъулаб рахъалдасан (Буйнакск) гьелда жубалеб хӏалтӏи байбихьана 1983 соналда. Ракьул гьумералдаса 900 метралъул гъварилъудасан унеб, цо сагӏаталда жаниб ункъазарго машина хьвадизе рес кьолеб, анкьго метр гӏеблъиялъул, Россиялда бищун халатаблъун кколеб (4303 метр) тоннель бахъун лъугӏана 1991 соналда. Амма капиталияб къагӏидаялда къачӏан, букӏине кколеб куцалда гьеб хӏалтӏизе биччана 2012 соналда. Гӏемерал районазе гьелъул буго кӏудияб кумек. Амма руго цо-цо гӏоларел рахъалги. Борхалъи щуго метр бугониги, гьенисан ине бегьуларо юк баччулеб транспорт. Гьелъул северияб рахъалда гӏемер руго эхедераял, захӏматал свераби. Гьединлъидалги батила цебегоялдаса нахъе букӏана магӏарухъе нух бахъиялъул рахъалъ цоги пикру. Нухазул хӏалтӏул хӏалбихьи бугев устар Дибиров Мухӏамадкамилил хӏаракаталдалъун, Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Гӏанди ва Авар гӏорал журалеб бакӏалде (Генуб росулъа гьенибе буго 6 км) бачӏунеб, 30 км халалъиялъул «Бузнаса нух» (Бузнаб ккола Генуб росдал мархьи-кули) бахъизе байбихьана 2014 соналда. Лъугӏизе ккола 2024 соналда. Кутакалда кӏвар бугеб ва цӏакъго кӏудияб гьеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталда» гӏезегӏан хъвана, гьелъул гӏуцӏарухъаби (Дибиров Мухӏамадкамил ва Мухӏамадов Набиюла) чанго нухалъ редакциялде щунги рукӏана. Гьале гьал къояздаги гьев кӏиявго ва гьезда цадахъ ругел жамгӏиял хӏаракатчагӏи нахъеги рачӏана редакциялде. Гьез бицана нух бахъиялда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьез бицухъе, жакъа къоялде нухлул аслияб бутӏа бахъун лъугӏун буго, амма цебе буго ункъо километралъул халалъуда бугеб цӏакъго захӏматаб бутӏа. Пачалихъалъул цо гъурущ хӏалтӏизабичӏого, садакъаде гӏадамаз кьолеб гӏарцухъ гьабулеб буго гьеб хӏалтӏи. Амма хӏажат буго жеги кумек. Кумек гьабулел гӏадамал гӏезегӏан ругониги, киназдаго гуро бичӏчӏулеб бугеб гьеб нухлул хӏакъикъат. Гьединлъидал данделъиялда лъикӏаблъун бихьана бугеб хӏал бицун росабазул жамагӏатазулгун дандчӏваял тӏоритӏизе, рагӏи билълъарал гӏадамаздехун хитӏаб гьабизе. Данделъиялдаса хадуб цо-цо суалал нижеца мухӏкан гьаруна Набиюлада ва Мухӏамадкамилида цӏехонги.

— Нух бахъиялъе хӏалтӏизабулеб гьечӏо пачалихъалъул гӏарац. Хӏажалъи гьечӏогойищ яги цоги гӏилла букӏунищ?

— Кӏудияб иш гьабулаго гӏарцуде хӏажалъи кидаго букӏуна. Дица абулеб жо буго пачалихъалъул киналгӏаги программабазда гьоркьоб гӏахьаллъиги гьабичӏого, киридахъ гӏадамаз кьолеб гӏарцул къуваталдалъун бахъулеб нух бугин гьебилан абун. Пачалихъалъ тӏаде босани, нухлул фондалъул гӏарацги биччан цӏакъ къокъаб заманалда жаниб лъугӏизабизе кӏола гьеб.

— Кӏудияб хӏалтӏи гьабулелъул масъалаби гӏемер дандчӏвала. Гьезул аслияллъун кинал рикӏкӏине бегьулел?

— Хӏалтӏухъабазе харжги кьезе, техникаялъе цӏатариги запчасталги росизе, цоги суалалги тӏуразе ккани, хӏажалъула гӏарац. Гьединлъидал аслияб масъалаги буго гӏарац гӏолеб гьечӏолъи, гьелда бараб буго кинабго хӏалтӏи.

— Нужеца абуна гӏадамаз кьураб гӏарцул цо гъурущ цогидал мурадазда харж гьабуларин абун…

— Кида, лъица, щиб кьурабали киналъулго буго мухӏканаб хӏисаб. Бокьараб къоялъ, бокьарав чиясда бихьизабизе кӏола кинабго, цо дагьабниги щаклъи бугев чияс халгьабизе бегьула.

— Чан хӏалтӏухъан вугеб, кигӏанасеб техника бугеб?

Щибаб къоялъ хӏалтӏула 10-гӏанасеб единица техникаялъул, вуго 15 хӏалтӏухъан. Гьаб ахираб 2-3 моцӏида жаниб лъоба гьабуна цӏакъго кӏудияб хӏалтӏи. Кирниги свераби, эхедераял гьечӏеб, 7-12 метр гӏеблъи бугеб, хасалоги цӏер къалареб нух унеб буго ралъдал гьумералдаса 540 метралъул борхалъудасан (тоннелалда буго 1150 метр). Гьединаб къагӏидаялда нилъер гьаниб жеги киданиги бахъун букӏинчӏо нух.

— Щибха бугеб нужее абизе бокьараб?

— Гьеб буго бихьичӏев, гьениве щвечӏев чи божулареб хӏисабалъул нух. Жакъа хӏажат буго кумек, хасго гӏарцудалъун. Цо-кӏиго соналъ нилъеца къвал къани, тӏубазе буго кинабго. Гьелъие кӏварас кӏвараб кумек гьабуни, гьеб букӏине буго Аллагьасда цебе кириги кӏудияб, тӏолабго Дагъистаналъе, хасго магӏарухълъиялъе мунпагӏатаб, пайдаяб хӏалтӏи. Гӏемер руго кумек гьабулел гӏадамал, амма камулел гьечӏо хӏажат гьечӏел, кумек гьабизе бокьаразулги ракӏ буссинабулел харбал рицунелги. Гьединаб щаклъи бугев чи вачӏа лъове, нижеца бихьизабила кинабго. Гьединлъидал, бокьилаан гӏарцудалъун кумек гьабизе кӏоларес рагӏудалъун гьабизе, гьединги кӏолеб батичӏони гӏенеккунгӏаги чӏезе.

Хӏалтӏи унеб буго гьоркьоб къо течӏого. Аллагьасул кумекалдалъун хадубккун инеги буго. Лъица щиб кумек гьабун батаниги, гьезие буго баркала. Гьабурасе гьабураб батулин абухъе, хадубккунги гьабуни бокьилаан.

Гӏабаш Гӏабашилов