Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечӏев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего бокьун буго рагъ лъугӏизе, ургъелал кӏочараб, берцинаб яшавалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьу- нелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечӏо гьениб. Гӏемерисел пачалихъал Россиялде дандечӏун ругеб гӏадаб сурат буго. Санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде.
Спорталъул рахъалъ дунялалда тӏоритӏулел кинал рукӏаниги къецаздаса нилъер спортсменал махӏрум гьарун руго. Доллар хиралъана. Гьелда рекъон, хиралъана гӏемерисеб къайи-цӏаги. Гӏадамал руго банкоматаздаса гӏарац бахъулел. Рагъде васал арал улбул ургъалида руго. Украинаялда рагъде ритӏаразда гъорлъ дагьал гьечӏо нилъер республикаялдаса гӏолохъабиги.
Къокъго абуни, ахӏвал-хӏал расги лъикӏаб гьечӏо. Киналго ралагьун чӏун руго Россиялъулги Украинаялъулги делегациязда гьоркьор тӏоритӏизе ругел кӏалъа-басаялъул хӏасилазухъ.
Жакъасеб номералда нижеца кьолеб буго Украинаялда унеб рагъуда тӏасан магӏарулазул гӏелмиябгун творческияб интеллигенциялъул цоцо вакилзабаз загьир гьарурал пикраби.
Мухӏамад Мухӏамадов, ДНЦялъул РАНалъул Мацӏазул ва адабияталъул институталъул грамматикиял цӏех-рехал гьарулеб бутӏаялъул нухмалъулев:
— Хӏакъикъаталдаги киназего буго ургъел жакъа Украинаялда унеб рагъул. Умумузул аби буго рагъалъ вас гьавуларин абураб. Амма рагъуе тӏоцебе къали бухарал чагӏи нилъеда лъала щалали. Гьеб ккола США. Украинаялъул гӏакълу гӏечӏо Россиялъулгун питна-кьал жидее къваригӏун гьечӏин, нижги жахӏалго тейин, СШАялъул бутӏрузда абизе. Гьел ана гьезда хадур ва гьез абураб гӏадахъ босана. Гьелъул хӏасил жакъа нилъедаги бихьулеб буго.
Нилъер гьениб батӏияб пикру кинабха букӏинеб? Нилъ киналго Россиялъул гражданал ругелъул, жакъа цолъизе, гъункизе ккола ва киназго рагьун абизе ккола Украинаялда НАТОялъул блок хӏажат гьечӏин. НАТОялде гъорлъеги ун, Россиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб бугеб гӏурхъилъун хӏажат гьечӏо нилъее жакъа Украина. Нилъее къваригӏун буго гьенив лъикӏав мадугьал. Мадугьаллъун гуреб вацал гӏадин рукӏана гьезул халкъ 70 соналъ нилъгун. Амма СССР биххун хадуб биххана гьезул вацлъиги, баккун бачӏана тушманлъиги, жахӏда-хӏусудги, хӏалихьалъиги.
Гьеб гуребги, гьезда (Западалда) ракӏалда букӏана Украинаялдаса хадуб Грузиялдаги НАТОялъул блокги лъун жидерго мурадал гӏумруялде рахъинаризе. Дагъистаналъул гӏорхъода НАТОялъул блок нилъееги къабулаб жо гуро.
Жиндир заманалда Путиница цо гара-чӏвариялда абун букӏана, НАТОялда гъорлъе Россияги бачейин аби- дал, Буш (Джордж Буш — СШАялъул вукӏарав президент) цӏакъ квеш ва- лагьанин жиндихъилан. Гьезие Россия НАТОялда гъорлъ къваригӏун букӏинчӏо, гьезие къваригӏун букӏана Россиялъул ракьулъ бугеб бечелъи. Нилъер жеги гӏемераб нартги, газги, цогидал магӏданалги руго ракьулъ. Амма жидерго дора ругел тӏабигӏиял бечелъабазул сурсатги мукъсанлъун, гьанже гьезие къваригӏун буго нилъер магӏданазда тӏад кверщел гьабизе.
Мурад Багилов, Гъуниб районалъул Къорода-Кьотӏа школалъул нухмалъулев:
— Цогидазего гӏадин, диеги ургъел буго Украинаялда жакъа рагъулел ругел нилъер ракьцоязул. Дица дарс кьурал гӏолохъабазул чангоявги вуго жакъа гьеб рагъулъ.
Дица тӏубанго рахъккола Владимир Путиница гьабураб хӏукмуялъул. Хӏатта абила, гьанжеялдаса анкьго соналъ цебего битӏизе кколаан гьенибе аскар. Щайгурелъул, 2014 соналдаса нахъе нилъеда бихьана, гьанжеялдаса 80 соналъ цебе дирги дурги кӏудаинсуца кьичӏчӏи бакъвазабун букӏараб фашизм гьениб (Украинаялъул ракьалда) цӏидасан тӏегьан бачӏараб куцалъул. Хӏатта дол фашистал кӏочон тарал жанаварал рукӏун руго гьенир бандеразулазул къавм. Гьез чӏвалел рукӏана руччабиги, лъималги, херал чагӏиги, рухӏулел рукӏана рукъзал, гьабулеб букӏана хъамалчилъи. Гьеб киналъего ахир лъезе заман щун букӏана. Гьединлъидал Путиница гьеб гали тӏамичӏого рес букӏинчӏо.
Узухъда, дунгоги цеве чинал рарав, рагъулаб хъулухъалда вукӏарав чи вукӏиндал, дица абула бихьинчиясда тӏадаб буго нилъерго ватӏан цӏунизе. Ярагъ кодобе босанищ, дудаго тӏадаб налъи тӏубазе ккола дуца, рагъулав хъулухъчи хӏисабалда.
Аллагьас нилъер киналго гӏолохъаби сах-саламат гьениса нахъруссагиян дугӏа гьабила нилъеца киназго.
Украина сабаблъун санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде бакъ тӏерхьул улкабаз. Австралиялда абун рагӏула нилъер гьанибе жидеца тӏокӏаб кенгурудул гьан битӏиларин абун. Гьанже гьезул кенгуруялъул гьанги кваназе щвечӏого кинха дунги цогидавги вукӏинев Къорода. Гьезул санкциял дие руго, умумуз абухъе, тӏохде балеб цӏад гӏадинаб жо. Доллар бахунеб буго, бахайин абеха. Ахир лъие квеш кколебали бихьила. Россиялъул экономика накалтӏе ккезабизе гьезда ракӏалда батани, гьел жалго ккезе руго накалтӏе. Нилъер тӏабигӏиял бечелъабазул сурасат жеги гучаб буго.
Санкциял гӏемерлъунин, доллар хиралъунин гьанив магӏарухъ вугев дие щибниги къварилъи гьечӏо. Дие харжги доллараздалъун бачӏунаро, гьез санкциял гьарунин абун дица хуриб бекьараб нигӏматалъе щибго заралги кколаро.
Гьале, Украинаялда гьеб хӏалуцин байбихьун анкь ана. Амма цохӏо дора рагъулел ругел гӏолохъабазухъ ракӏ унтун гурони, президентасул политикаялда дандечӏун кӏалъалев чи дида цадахъ хӏалтӏулезулги гьечӏо. Нагагь къо ккани къватӏиве вахъине хӏадурав, хӏалхьиялда вугев лъабгониги офицерги вуго дир сверухълъиялда. Гьелдеги иш бачӏинареб батила, Аллагьас рагъги гӏагараб заманалда лъугӏила.
Шамил Хӏасанхӏусенов, «Махӏачхъалаялъул гӏолилал» ДРОялъул нухмалъулев:
— 2014 соналъ, Украинаялда пачалихъияб хиса-свериги гьабун, тӏалъиялде рачӏана фашистазулаб идеологиялъул, гӏурус чи цӏакъ рихарал гӏадамал. Гьелдаса нахъе буго гьениб ахӏвал-хӏал хӏалуцунги. Гьелдаса нахъе рукӏана Луганск ва Донецк республикабазда расги гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвалел. Анкьгогӏан соналъ чӏана нилъер пачалихъ сабру гьабун, лъугӏилародай гьениб чӏвай-хъвей абун, маслихӏат гьабизеги чанцӏулго къасд гьабуна. Амма лъугӏичӏо, лъугьинчӏо маслигӏатги. Гьединлъидал исана февралалда, Федерацилъул советалда дандги бан, ООНалъул резолюциялда бихьизабураб изнуялдаса пайдаги босун, президент Владимир Путиница хӏукму гьабуна гьенибе аскар битӏизе.
Жакъа гӏемерав чияс гӏемераб жо хъвалеб буго социалиял гьиназда. Хӏажат гьечӏила нилъее санкциялги, къваригӏун гьечӏила рагъги, гьеб би тӏей чӏезабеян хитӏабал гьарулел чагӏи гӏемерал руго. Дунги разияв вуго, доб гӏурусазул кициялда абухъего, ччобораб рагъудаса, хӏалакъаб букӏаниги рекъелго лъикӏин абураб каламалда.
Нилъер пачалихъалъул нухмалъулес абуна, жакъа Россиялъ гьединаб гали тӏамун букӏинчӏебани, метер гьебго ярагъ СШАялъги, НАТОялда гъорлъ ругел цогидал пачалихъазги нилъеде (Россиялде) данде кьвагьи- зе букӏанин абун. Гьебги хӏисабалде босун, гьабичӏого рес гьечӏеб хӏукму букӏанин Украинаялде аскар битӏи. Санкциязухъаги хӏинкъун жакъа нахъе кӏанцӏун чӏезе нилъ бегьи- ларо. Щайгурелъул Украинаялда гьеб рагъ ккун букӏинчӏебаниги, Западалъ нилъее санкциял лъазари зе цогидал ресал ратулаан. Гьеб нилъеда бихьана ахираб заманалда, кӏигьумерчилъиги, хӏалихьалъиги гурони СШАялъ нилъеде гӏаданлъиялъул рахъ хӏалтӏизабичӏо.
Нилъер гӏолохъабазда Аллагь гурхӏаги, гьелги сах-саламатго жидерго эбел-инсухъе, хъизамалъухъе нахъ руссине хъван батаги. Нилъеца киназго гьезие гьедин ккагиян дугӏаги гьабила, ИншаАллагь. Гьанже бищун кӏудияб хьул буго кӏиябго пачалихъалда гьоркьор ракълилал кӏалъа-басаязул хӏасил лъикӏаб ккелин абураб. Тӏоцебесеб дандчӏвай гьез тӏобитӏана, 2 марталда цоги нухалда дандчӏвазе руго. Хьул буго Украинаялъул рахъалдаса делегациялъул къокъаги ракълиде бачӏинин абураб. Нилъее рагъ хӏажат гьечӏо, рекъел къваригӏун буго. «Рагъалдаса рекъел лъикӏ» абун цӏакъ берцинаб ва гӏакъилаб кици буго умумузул. Киназего гьарула роцӏараб зобги талихӏаб гӏумруги.
Мурад Ахӏмадов, «Гьудуллъи» ва Лачен» журналазул бетӏерав редактор, публицист:
— Бокьараб рагъуда, кинаб гьеб батаниги, гьелда дандечӏарав чи ккола дун. Гьединго, гӏайиб гьечӏел, кумек гьечӏел гӏолохъабигун ручччаби ва лъимал чӏваялдеги. Гьеб киналдего дандечӏарав чи вукӏана дун кидаго, жакъаги дир пикру хисун гьечӏо. Амма… Амма Донбассалда жакъа бугеб бада-гъудур, рагь-кьал халатбахъунеб бугелдаса микьго сон буго. Лъиениги, жибго Украинаялъеги гьелъул ургъел букӏинчӏо. Чӏвалел, холел руго щибго гӏайиб гьечӏел чагӏи. Жакъа гьез «гӏащтӏичи» абун рокьукъаб тӏокӏцӏар жинда рекӏинабураб Россиялъ, гьеб микьабго соналъ Украинаялъе бикьана газ, ток, нарт ва гьеб гуреб, кванил нигӏматаздалъунги хьезабуна гьезул халкъ. Амма Украинаялда гьеб бихьичӏо, гьезда гьеб кӏочон тана. Гьезул Россиялдехун букӏана хӏехьезе кӏолареб рокьукълъиги ццимги.
Украинаялда лъугьунебги толелъулги хӏакъикъат рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏуларезе бигьа букӏуна батӏи-батӏиял рагӏаби рехизе. Амма дида гъваридго бичӏчӏула ва лъала гьениб лъугьунеб жо. Щайгурелъул дица гьелда хадуб цебегоялдаса нахъе халккун бугелъул. Гьединлъидал дица абила, гьанже гьеб цебе букӏараб Украина гуро. Гьеб буго Западалъе данде кколеб, гьезул зурмихъе кьурдулеб Антироссия. Гьелде сверана гьеб.
Дие бокьула Украина. Щайгурелъул дун гьенив гьавидал. Гьенив цӏалана, гьенир руго дир гьудулза-би, дида лъала гьезул мацӏ. Гьединлъидал дие гьеб чияраблъун кколаро. Украинаялда руго дир рекӏее гӏагарал ва хириял чагӏазул хабзал.
Дир кӏудияв эмен вагъана гьеб ракьги цӏунун, Днепр гӏорда бу кӏараб гучаб рагъулъ лъукъана гьев. Кӏудияй эбелалъ хӏехьана Ленинградалъул блокадаялъул ракъи. Дир эбелалъул вац хвана Чернобылалда ккараб атомалъул балагьалдаса гӏадамал цӏунулаго унтиги ккун. Гьел киналго рукъун руго Украинаялда.
Амма жакъа гьеб тӏубанго хисана. Гьез жидерго рокьукълъиялъул цӏураб гьумер буссинабуна Россиялдехун. Рокьукълъиялъулги ццидалги цӏурал къучӏби рукӏана гьез лъагӏалабаз цӏезарулел.
Украинаги Россияги букӏана цо халкъ, амма гьел цоцаздаса тӏезаризе лъагӏалабаз хӏаракат бахъана хасал чагӏаз. Тӏоцебе гьелъие байбихьи лъу- на 90-абилел соназ, гьелъул вукӏарав президент Леонид Кучмаца. Гьевги, гьесда хадур рачӏарал хутӏарал президенталги рукӏана гӏурус мацӏги рихарал. Хадуб къватӏисел пачалихъаз байбихьана Украина яргъидалъун хьезабизе.
Жакъа рес букӏанищ гьаб вахӏ шилъиги би тӏейги нахъчӏвазейин суал кьуни, дица абила, букӏанин. Амма жакъасеб Украинаялъул мурадал батӏиял руго – Россиялъул сан гьабунгутӏи. Гьабсагӏат унеб рагъуде гьел рачӏана ургъун, жидедаго ракӏчӏун.
Аллагьас кантӏиги, гӏакълуги, къуватги кьеги гӏагараб заманалда гьеб балагь лъугӏизабизе, би тӏей чӏезабизе.
Ашахан Юсупов