Украинаялда Россиялъ рагъулал тадбирал тӏоритӏиялда дандечӏун, бакътӏерхьул улкабаз санкциязул цӏад базабулеб буго нилъер пачалихъалде.
Масала, BoeIng самолетал хӏадурулеб фирмаялъ лъазабуна са- молетал гьарулелъул хӏажалъулеб батӏи-батӏияб къайи-цӏа жидеца Россиялде битӏизе гьечӏилан.
Автомобилал гьарулеб Ford ком- паниялъ лъазабуна Россиялда жи- дерго хӏаракатчилъи чӏезе танилан.
Россиялда хӏалтӏулел рукӏарал къватӏисел пачалихъаздаса спортивиял тайпабазул цо-цо тренераз, къотӏи-къаялги хвезарун, нилъер гьанир хӏалтӏизе инкар гьабуна.
American Express абураб гӏарцуда хурхарал операциял гьарулеб компаниялъ хвезаруна Россиялдаса партнеразулгун рукӏарал хӏалтӏулал гьоркьорлъаби
Гьелдаго цадахъ гъурщил багьа- ги учузлъана. Гьелъул хӏасилалда цо-цо къайи хиралъана. Мисала лъе, Apple жиндирго къайи-цӏагун Россиялъул базаралдаса нахъе ана.
«АвтоВАЗалъ» лъазабуна автомобилал щуго проценталъ хиралъанин. Мисалалъе, Лада-Веста маркаялъул машинадул багьа бахана миллионгун 331 азарго гъурщиде.
Кванил нигӏматазул багьаби жеги чӏун руго. Амма Махӏач хъалаялъул оптовиял багьабазда хӏалтӏулел ричарухъабаз бицана гьенибги цо-цо жо хиралъизе байбихьанин абун.
Амма гьеб киналдаго гьоркьоб цо лъикӏаб хабарги буго.
Маккаялъул Дармилгун Промышленнияб палатаялъ 75 сон тӏубаялда хурхун гьал къоязда Сагӏудиязул Гӏарабиялда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб выставка. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна нилъер республикаялдаса предпринимателазги.
Гьенир рукӏана нилъер халкъиял махщелчагӏазул тӏагӏел-алатаздаса байбихьун, суратаздаса гӏуцӏараб фотовыставкаялде щун — гӏемераб батӏияб жо. Гӏуцӏун букӏана нилъер миллияб квен-тӏехалъул бечедаб тепсиги. Гьеб киналдаго гьоркьоб бищунго цӏакъ тӏаде бер цӏалеблъун букӏанин гьеб выставкаялда магӏарул урбаян бицана тадбиралда гӏахьаллъи гьабурал ракьцояз.
Ашахан Юсупов