Рагъулал тунка-гӏусиязда бан Украинаялдаса лъутизе ккарал гӏадамазул тӏоцебесеб къокъа къабул гьабизе байбихьана республикаялда. 1 марталда Каспийскиялъул мэр Борис Гонцовас къабул гьаюна Луганск республикаялдаса кӏиго лъимадул эбел Екатерина Симельникова.

Шагьаралъул нухмалъулес рагӏи кьуна гӏагараб заманалда гьелъие шагьаралъул школазул цоялда хӏалтӏи кьезеги кӏиябго лъимер ясли-ахалда парахат гьабизеги квербакъизе.

Гьелде тӏадеги гьел лъималазе лъабгоялдаса анкьго сон базегӏан кьолеб гӏарац щвезеги кумек гьабизе буго Гонцовас.

Е. Симельниковалъ бицана Каспийск тӏаса бищиялъе гӏилла кканин цееги жий гьание щун йикӏин. 2014 соналда гьение гочун ячӏун йикӏана гьелъул эбел. Гьединлъидал Каспийск шагьарги цӏакъ рекӏее гӏун буго гьелъие. Луганскиялдаса нахъе ине ккедал, жинда тӏоцебе ракӏалде бачӏанин Каспийск ва хӏукму гьабунин гьание ячӏинеян бицана Симельниковалъ Гонцовасулгун букӏараб дандчӏваялда.

19 февралалда улкаялъул бетӏер Владимир Путинида СКФОялда тарав вакил Юрий Чайкаца абун букӏана Северияб Кавказалъул регионал хӏадур ругин Донбассалдаса лъутун рачӏарал чагӏазул 3300 чи къабул гьавизе. Гьезда гьоркьоб Дагъистаналда кӏолин 600 чи тӏаде восизе.

22 февралалда нилъер республикаялъул нухмалъиялъги абуна Украинаялдаса нахъе лъутизе ккарал чагӏи жидеца хӏебтӏизе ругин Гъарабудагъкент ва Хайдакъ районазда, гьединго Избербаш ва Махӏачхъала шагьараздаги абун. Мисалалъе, Махӏачхъалаялъул нухмалъулев Салман Дадаевас абуна жидеда кӏолин гьезул 200 чи къабул гьавизе.