ДНРалда ва ЛНРалда гӏумру гьабулел гӏадамазул ихтиярал цӏунизелъун гьенире ритӏулел къокъабазда гъорлъе жалги росеян гьарулеб буго Сергей Меликовасда Гӏахьвахъ районалъул собраниялъул депутатаз. Гьелъие гӏоло гьел хӏадурал руго ярагъ кодобе босизеги.
ДРялъул бетӏерасухъе гьединаб кагъат депутатаз битӏун буго 28 февралалда. Гьединабго хӏадурлъи загьир гьабун букӏана церегӏан къоязда Пачалихъияб Думаялъул депутатал Сайгидпаша Гӏумахановасгун Гӏабдулхӏаким Хӏажиевас ва Эсенбулат Мухӏамадовас.
Гӏахьвахъ районалъул депутатазго гӏадаб хитӏаб Меликовасде Хив районалъул депутатазги гьабунин хъвалеб букӏана интернеталда. Амма гьеб хабар гьереси бугин лъазабуна рехсараб районалъул собраниялъул председатель Садикъ Исрафиловас. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьел хӏадурал руго къо ккедал къватӏире рахъине, амма жидер депутатал Украинаялде ритӏеян гьарараб кагътида гъоркь гъулбасги лъечӏин жинца, кибениги гьебги битӏичӏин лъазабуна Исрафиловас.
З. Хӏажиева