2 марталда ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана бакӏалъулаб нухмалъиялда хурхун бахъараб законалъул проект.
Лъалеб букӏахъе, росдал администрациялъул бетӏерасдаса инкарги гьабун, гьесда тӏадал ишал тӏуразе руго территориалиял отделаз. Цӏакъаго гьитӏинал росабалъ, старостаги тезе вуго, халкъалдаги тӏалъиялдаги гьоркьоб кӏкӏал лъугьинаредухъ. Амма цо-цоял гьединаб ишалде данде чӏунги руго.
Республикаялъул росабазда кин гьеб хъатӏилебали цӏех-рех гьабун буго ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул вакил Абсалидин Мурзаевас. Гьелъ- ие гӏоло гьес мисалалъе росун руго гӏемер миллатаз гӏумру гьабулел районал.
Мурзаевас бицухъе, гьес хӏиса балде босараб чанго районалда муниципалиял хъулухъчагӏи хьихьизе харж гьабун батана республикаялъул бюджеталдаса биччалеб гӏарцул бащдабниги.
Гьанже бегавулзабиги гьечӏого рехун тарал росаби, гӏадамалги нахъе гочун, чӏунтизе бегьулин бицен буго. Мурзаевги тӏадрекъолев вуго гьелда, амма гьел нилъеда ракӏалде кколебгӏан кутакалда чӏунтиларин рикӏкӏунеб буго гьес.
Росабалъ нухмалъи гьабиялъул хӏалтӏуе кумекалъе ругел бакӏалъулал депутатазда божилъи хвеялъулги бицана гьениб, хъутабазда ругел росабазе статус кьеялъул хабарги ккана.
Гьединго Абсалидин Мурзаевас ракӏалде щвезаруна гӏисинал районал цолъизаризе бегьулин кидаялиго жамгӏияв хӏаракатчи Аркадий Ганиевас абурал рагӏабиги.
Журналист ва жамгӏияв хӏаракатчи Эдуард Уразаевасда бичӏчӏичӏо хъутабазда ругел росабазе статус кьезе кколин абураб Мурзаевасул пикру.
Гьес мухӏкан гьабуна гьелъул магӏна: хъутабазул ракьазе гуреб, росабазе статус кьей.
«Бабаюрт, Хъумторхъала, Хасавюрт районазда гӏумру гьабулел гӏадамаз абуна жидер росабазе статус щваниги, жидее бокьилаанила жал магӏарухъ ругел жиде-жидер районазда гъорлъе хъван рихьизаруни. Гьебго жо бокьун буго мугӏрузул районазеги.
Хъутабазул ракьазул суал абуни батӏайиса тӏубазе ккола. Лъил бетӏергьанлъиялда ратаниги, цоцазухъа росун цоцазухъе ижараялъе кьезе бегьула гьел. Гьабсагӏат республикаялъул кӏваралъул ракьаллъун рикӏкӏуна гьел», — ин абуна А. Мурзаевас.
Гьесул пикруялда, республикаялда гӏуцӏизе ккола бакӏалъулаб нухмалъиялда хурхун макъалаби хъвалел журналистазул ассоциация гӏадаб цолъиги.
Гьелъулги цогидалъулги бицине гӏагараб заманалда жаниб цоги нухалда данделъизе къотӏи ккана жамгӏиял хӏаракатчагӏазулги журналистазулги.