Церекъад журналистазул букӏана кутакалда ракӏ бохараб къо. Информациялъул ва печаталъул агентствоялде ва Цифрабазулаб цебетӏеялъул министерствоялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏана ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов ва председателасул заместителал Ризван Гъазимухӏамадовгун Заур Эминов.
Араб гӏасруялъул 80-абилел соназда Министрзабазул советалъул председательлъун вукӏарав Гӏ. Мирзабеков ва араб соналда республикаялъул хӏукуматалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏ. Гӏамирханов гурони 40-ялдаса цӏикӏкӏарал соназ гьеб комплексалде республикаялъул нухмалъулел рачӏун рукӏинчӏин абуни мекъи ккеларо. Цифрабазулаб цебетӏеялъул министерствоялъул цӏияв нухмалъулев коллективалъе вихьизавураб тадбиралдаса хадуб, хӏукуматалъул нухмалъулел дандчӏвана республикаялъул газетазул редакциязул хӏалтӏухъабигун.
Гьеб букӏана цебегоялдаса нахъе журналистазе хӏажатаб тадбирги. Гьединлъидал данделъиялда рорхана жакъа Дагъистаналъул жамгӏияталда ругел захӏмалъабазул, информациялъулаб политика гӏумруялде бахъинабиялъулъ ругел квалквалазул ва церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ суалал.
Гӏабдулмуслимовас журналистазулгун данделъи байбихьана жакъа Россиялда ва Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ биценалдалъун. Гьелда хурхун тӏадчӏей гьабуна Ватӏан бокьи ва гьеб цӏуни щивав дагъистаниясул бидулъ бессун букӏунеб даражаялда бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏиялда. Гьес бичӏчӏизабуна, Россиялъул президент В. Путинил амруялда рекъон, Украинаялда нилъер халкъалъе гьа- булеб гӏакъуба къотӏизаби мурадалда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб тад- биралдаса цо-цо нилъер ватӏанцояз бихьизабулеб бугеб разигьечӏолъи, гьеб дагъистаниязда рекъараб иш гурилан. Пикру буссинабуна гьединаб бичӏчӏи гьечӏолъиялде данде рагъ базе ккеялде.
Хӏукуматалъул бетӏерас баркала загьир гьабуна «Дагъистан» РИАялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасе, Россиялъул президент В. Путинилгун букӏараб пресс-конференциялда гьес республикаялъул энергетикаялъул, газалъул ва цӏатариялъул рахъалъ ругел гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ кьураб суалалъухъ. Щайгурелъул, гьелъул хӏасилалда Россиялъул батӏи-батӏиял идарабазе кьураб 14 буюрухъазул ункъояб букӏана рехсарал гӏунгутӏаби тӏагӏинари мурадалда Дагъистаналъе гӏарцулаб ва цогидаб кумек гьабизе ккеялда хурхараб. Гьелдалъун Гӏабдулмуслимица бихьизабуна кколеб бакӏалда абураб журналистазул рагӏул даража ва къимат букӏин.
«ДИЦА ХӏАЛТӏУЛ КЪО БАЙБИХЬУЛА «ХӏАКЪИКЪАТАЛДАСАН»
Гьедин абуна хӏукуматалъул бетӏерас ва бичӏчӏизабуна газетаздехун Гӏахьвахъ районалъул магӏишаталда зоотехниклъун хӏалтӏулеб заманалдасаго рокьи букӏин.
Жакъа дагъистаниязе ва гьелъул нухмалъулезе кӏвар бугел масъалабазул цояблъун Гӏ. Гӏабдулмуслимовас бихьизабуна миллиял газетазул бугеб ахӏвал-хӏал.
— Гӏолеб гӏелалъул кӏудияб гӏунгутӏилъун кколеб буго рахьдал мацӏ лъазабиялде хашаб бербалагьи букӏин ва эбел-инсудаса байбихьун, школаги гъорлъе бачун, гьеб хӏал хисизабизе заман щун буго. Гьеб ахӏвал-хӏал хисизабиялъулъ цебе хъанлъи бихьизабизе хӏажат буго миллиял газетаз, — ан абуна гьес.
Дида ракӏалде щвана 1970-абилел соназда Казбек райкомпартиялъул секретарьлъун ва хадуб рай- исполкомалъул председательлъун вукӏарав Гӏабдулмуслимил эмен, Мухӏудин, райкомалъул пленумазда, батӏи-батӏиял данделъабазда гӏурус мацӏалда хӏадурараб доклад магӏарул мацӏалда цӏалулаан кидаго. Гьединаб букӏана хъизамалдаги хӏалтӏудаги рахьдал мацӏалдехун рокьи гьесул инсулги.
Цадахъ заместителалгун 12 тӏала бугеб борхатаб минаялъув, лифталдаги инчӏого, вилълъанхъун щвана щибаб тӏалаязда ругел редакциязде, лъай-хъвай гьабуна журналистазулгун, хал гьабуна гьезие хӏалтӏуда чӏезарун ругел шартӏазухъ.
«Хӏакъикъаталъул» редакциялда хӏукуматалъул бетӏерасе бокьана жанахӏалъул къадазда ран ругел магӏарул миллаталъул гӏумруялда жаниб бихьулеб лъалкӏ тарал мустахӏикъал вакилзабазул сура- тал рати. Ракӏалде щвезаруна мунагьал чураяв Мухӏамадтӏагьир Гӏабдулбасировасулгун гӏолохъанав зоотехникасул рукӏарал дандчӏваял ва гьес Дагъистаналъул росдал магӏишат цебетӏезабиялъе гӏоло гьабураб хӏаракатчилъиялъул, гьесул гӏуцӏарухъанлъиялъул бергьараб гьунаралъул мисалал.
ЖУРНАЛИСТАЗУЛ РУКӏА-РАХЪИНАЛДЕ ЦӏИКӏКӏУН КӏВАР
Дандчӏваялда кӏалъазе рахъарал «Дагправда» газеталъул бетӏерай редактор Б. Токболатовалъ, «Дагестан» РИАялъул нухмалъулев М. Мухӏамадовас, «Лезги газеталъул» бетӏерав редактор М. Ибрагьимовас, «Дагъистаналъул чӏужугӏадан» журналалъул нухмалъулей Н. Керимовалъ рорхана журналистазул харжазул, мина къачӏаялъул, республикаялъул идарабазе нухмалъулел хӏакимзабазул газетазда рахъарал макъалабаздехун бугеб тӏаса-масагояб бербалагьиялъул, министерствабазул пресс-хъулухъазул хашаб хӏалтӏиялда, журналистазул ихтиярал цӏуниялда хурхарал суалал. Аслиязул цояблъун ккана редакциязул хӏалтӏухъабазе щолеб харж цӏакъго дагьаб букӏиналъул суалги. Гьоркьохъеб хӏисабалда босани, гьеб кколеб буго 17 азарго гъурущ. Гьебин абуни, жакъасел багьабиги хӏисабалде росун, гӏумруялъул даража цӏунизе хӏажалъулелдаса дагьаб бугилан бицана хӏалтӏухъабаз.
Гьениб кӏудияб пикру буссинабуна республикаялда министерствабазул нухмалъулез гӏадамал тӏаде къабул гьариялъул бугеб лъикӏаб гуреб ахӏвал-хӏалалдеги. Гӏабдулмуслим Мухӏудиновичас рагӏи кьуна церелъурал суалал гӏумруялде рахъинаризе ва республикаялъул экономикиябгун социалияб рахъ цебетӏезабиялъе гӏоло гьабулеб хӏалтӏулъ журналистазулгун щулияб бухьен букӏинабизе.
З. Ильясов