Даку… Даку Асадулаев! Гьеб цӏар лъица бугониги абулеб рагӏани яги ракӏалде щвани, чӏахӏияб гӏелалда, хасго магӏарулазда цебе тӏамула хӏалихьалъи мукъсанаб, гӏаданлъи бечедаб, яхӏ-намус щулияб, халкъалъул тӏалабги гӏадамасул къиматги бугеб кӏудияб Советияб улкаги ва гьеб заманалда загьирлъарав, жакъагицин жиндир даражаялде лъилниги гьунар бахинчӏев, магӏарулазул бергьарав кочӏохъан, мунагьал чураяв Даку Асадулаевги.

Роцӏараб, щибаб рагӏи бичӏчӏизабун, гъваридаб магӏнаялда риун ракӏазулъе тӏолел гьесул кучӏдуз Дагъистанго хӏайран гьабун букӏанин абуни, мекъи ккеларо. Цоги, нилъер миллатаз гуребги, хӏатта гӏурусазцин абулаан доб заманалда гьев лъидаго хисизе кӏоларев, хвел гьечӏолъиялде цӏар ине бугев кочӏохъан вугилан.

Хӏакъикъаталдаги Дакуда кутакалда бичӏчӏулаан Аллагьас жиндие кьураб махщалил къиматги халкъалда цебе бугеб кӏудияб жавабчилъиги. Щибаб цӏияб кечӏ ахӏизе хӏадур гьабулеб мехалда кӏиго-лъабго сордо рогьунаан гьес гьелда тӏад. Цебе лъун магнитофонги, бигьа гьабун ахӏун, цин гьелда хъван, хадуб гӏенеккун, гьаб бакӏ гьадин ахӏизе ккола, добасан бакъан гьадин сверизабизе кколаян гьедин хӏалтӏун, жиндиего хасиятаб Дакул кечӏ лъугьинабичӏого, ахӏулароан я радиоялдасан, я концерталда кечӏ. Чанго соналъ цебе ахӏаралдаги ракӏ рекъон вукӏунароан гьев. Цо нухалъ, ракӏалда буго, дунги Дакуги рукӏана Дакул рокъор гӏухьбузе сайгъат гьабун телевизоралдасан кьолеб концерталъухъ балагьун. Гьеб букӏана 1976 сон. Мунагьал чураяв Хӏажи Гъазимирзоевасул рагӏабазда Дакуцаги ахӏана «Удаманасул ахӏи» абураб кечӏ. Щуго-анлъго соналъ цебе ахӏизе байбихьараб кечӏ букӏаниги, ахӏун лъугӏизегӏан вукӏана дов, жиндирго гъалатӏал ралагьулев. Гьанисан гьадин сверизабизе кколаан бакъан, добасан батӏайиса ахӏизе кколаанилан жиндирго хатӏаби ралагьулев. Гьеле гьединав вукӏана Даку!

Хасго ахирал соназда кӏвар кьолеб букӏана хадур гӏолезе тарбия кьеялъул, ватӏан хиралъиялъул ва тарихиял кучӏдузде. Цӏакъ ракӏ бухӏун букӏуна дир доб мехалъ гьукъун рукӏарал досул диниял кучӏдул магнитофоналдаги хъван рахчун течӏолъиялда. Додигӏан хехго досие къадар щвелиланги, аб дуниял гьадин хисилиланги лъидаха ккелеб букӏараб.

1976 соналъул кӏиабилеб маялда ниж ахӏун рукӏана хӏабщадерил гъутаналде мунагьал чураяв Хӏабщиса Цӏихӏиласул Хӏажияс. Хӏажияв вукӏана Сулейман-Хӏажи устарасул ясалъул вас. Дакуги, дунги, Нажмудин Шейхмухӏамадовги, Хӏажиявги гурони чагӏи гьечӏеб мехалъ Дакуца, дуе гьадинал кучӏдулги рокьулилан ккола дида янги абун, ахӏана Сибиралде ритӏарал хӏажизабазул хӏакъалъулъ кечӏ. Гьеб ахӏун лъугӏизегӏан бадиса гирун бачӏун кӏаркьабаздаса гӏодобе чвахулеб букӏана Хӏажиясул магӏу. Вахӏ, гьадинал кучӏдулгийищ вац, Даку, дур ругелин гьикъана дица. «Гӏемерал, гӏемерал», — инги абун, гьанже Хӏажиясул ракӏбакъвазабилароян тӏамур гӏодоб лъуна Дакуца.

Дакул репертуаралда хасаб бакӏ ккола бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъул, кире кканиги магӏарул гӏадатги гӏамалги ясбер гӏадин цӏунизе кколеблъиялъул, ватӏан бокьиялъул хӏакъалъулъ бицунел кучӏдуз. Мисалалъе:

Дир бищун анищаб урхъараб мурад,

Сахал гӏадамазе сахлъи, щулалъи.

Ясазе – берцинлъи, васазе – гьунар,

Гьабулеб ишалъулъ сабру, цӏодорлъи.

Яги:

Мугӏрул тун авлахъазде

Рахъунел магӏарулал,

Магӏарул махӏги яхӏги,

Гьарула цадахъ босе.

Гьебго кечӏалдаса:

Цадахъ босе кӏочонге

Магӏарул мацӏги цӏарги,

Цадахъ босе кӏочонге

Магӏарул гӏадат-гӏамал.

Расул Хӏамзатовасул рагӏабазда ахӏулел гьал кучӏдузул магӏнаялъул хӏакъалъулъ бицине ккеларо. Бичӏчӏулеб жо буго, шагӏирасеги кочӏохъанасеги дунял бугебгӏан мехалъ, магӏарулал сахал, гӏакъилал, бахӏарчиял, гьунар бугел, жидерго мацӏги цӏарги цӏунарал, киналго рахъал мухӏканал гӏадамаллъун хутӏизе анищлъун букӏараблъи. Умумулъан щварабщинаб, наслабаз билизе течӏого, цебехун кьей гьезул мурад букӏин.

Мисалалъе босизин Фазу Гӏалиевалъ хъвараб гьаб кечӏги:

Дир гьал умумуца законал хъварал

Тӏахьал тун ратичӏо дие цӏализе.

Амма, законазул цӏар бахъарабго,

Нуж рихьула дида, дир магӏарулал.

Дакуца гьаб кечӏ ахӏулеб мехалъ цебечӏола, магӏаруллъи бижаралдаса, къарнабалъан гӏасрабалъе, гӏасрабалъан гӏадамазухъе, цоцаца цоцахъе кьолаго, цебеса-цебе бачӏунеб магӏарул гӏадатги гӏамал-хасияталъул тӏубараб тарихги.

Хӏисаб гьабеха, Дакуца ахӏулел рокьул кучӏдузулги. Гьел киналго руго чӏужугӏадан кӏодо гьаюлел, рокьул бацӏцӏалъи тӏадегӏанаб даражаялде бахинабулел, ккараб рокьул кьучӏалда цӏиял хъизамал гӏуцӏизе гӏадамал ахӏулел, гьединаб талихӏ кьуразда гьеб цӏуниялъул бугеб кӏвар бичӏчӏизабулел, халкъиялги, Махӏмудица ва цогидалги кӏудиял шагӏирзабаз хъваралги гъваридаб магӏнаялъул кучӏдул. Мисалалъе гьаб кечӏ:

Йилълъа мугӏрул рахун, йилълъа гӏор бахун,

Гӏурччинал рохьазул расалъаби чӏван.

Йилълъа, магӏарулай, мун дида цадахъ,

Дурго хӏасраталъул куркьбалги рорхун.

Гӏадада гурелъулха мунагьал чураяв Расул Хӏамзатовасги Д. Асадулаевасе додинаб кӏудияб къимат кьураб.

1995 соналда Дакул 60 сон тӏубаялъул юбилеялде документалияб фильм бахъулел рукӏана ниж. Нижергун букӏараб гара-чӏвариялда Расулица абуна:

— Дир гӏумруялда жанив дида лъабго кочӏохъан лъала. Дун гьитӏинаб мехалъ инсухъе вачӏун вукӏана Игьалиса Гӏаращил Гӏумар. Дида гьес кечӏ ахӏулебги рагӏана. Хадуб дун Авар театралда хӏалтӏулеб мехалъ гьенив вукӏана Чӏалдаса Гъазимухӏамад.

Цинги дунги дагьав кӏудияв гӏураб, дир тӏалабги кечӏалдехун цӏикӏкӏараб заманалда вачӏана Даку Асадулаев.

Дида гьел лъабалго ккола магӏарул ахӏулеб кочӏол Эльбрусал, Казбекал, Гъунимугӏрул, Шагьдагъал, ралъадал гӏадал чагӏи ругилан, — абун.

Гьебго фильмалда гӏахьаллъарав Дагъистаналъул халкъияв поэт, жакъа Хъвадарухъабазул союзалъе нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовасги абуна, Даку вугин нилъер магӏарул ахӏулеб кечӏалъул цого-цо вугев классикилан.

Хӏакъикъаталдаги Д. Асадулаев лъугьана халкъияв кочӏохъанлъун, классиклъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула дов къадаралде щвараб мехалъ магӏарул къогоялдаса цӏикӏкӏун шагӏирзабаз гьесде хъварал кучӏдул-магӏабазги. Битӏахъе бицани, Дагъистанго магӏил цӏезабун букӏана доб авариялъ. Магӏарулаз цоцазда балеб букӏана ракӏ унтараб зигара.

Араб соналда тӏубана мунагьал чураяв Даку Асадулаев гьавуралдаса 85 сон. Гьал карантиназги пандемиязги гьелда хурхарал тадбирал гьаризе данде ккечӏо. Дакул фондалъул гьариялда рекъон, Культураялъул министерствоялъ хӏисабалде росун руго рехсараб юбилеялда хурхун гӏезегӏанго тадбирал исана тӏоритӏизе.

Асхӏабгӏали ХӏАСАНОВ, Даку Асадулаевасул цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев