11 февралалъул сардилъ Цӏунтӏа районалъул Хӏибиялъ росулъ бухӏана школа. ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, гье- нибе ун букӏана Хӏукуматалъул комиссия. Гьелъие бетӏерлъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас.
Комиссиялъул вакилзаби щвана Хӏибиялъ, Мекали, Мокъокъ, Хъебалъ ва цогидалги росабалъе. Гьез хал гьабуна гьенир ругел школазухъ ва цӏалдохъабазе гьенир гӏуцӏун ругел шартӏазухъ.
Абизе ккола, ахирал соназда рухӏана рехсарал росабазул шко- лазул минаби. Масала, Мекали ро- сулъ школа бухӏана 2021 соналъул 31 январалъул сардилъ. Хъебалъ росулъ школалъе цӏияб мина базе байбихьана гъоркьиса. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьениб букӏараб школалъул мина 2016 соналда жагъалаблъун рикӏкӏин ва прокура- тураялъ гьенир лъимал цӏализаризе гьукъи. Прокуратураялъул гьеди- наб хӏукму букӏаниги, районалъул нухмалъиялъ, школалъе цӏияб мина базе рес гьечӏолъиялда бан, лъимал цӏализарулел рукӏана жагъалабго минаялда. Кӏудияб хӏинкъи букӏана цӏалдохъабазулги учительзабазулги гӏумруялъе. Анкьго соналъ къеркьана Хъебалъа Мухӏамадрамазан Гӏабдулкаримов, цӏияб школа базе кколин абун. Гьев щвана пачалихъиял идарабазде, хӏакимзабазухъе, гӏуцӏана ДРялъул Хӏукуматалъулги Пятигорскиялда бугеб РФялъул президентасул вакиллъиялъулги минабазда цере пикетал, кӏалъана улкаялъул президент Владимир Путинил приемныялде. Ахирги мурадалде щвана.
«Хӏакъикъаталъул» цӏалдолезда ракӏалда батила, 2016 соналда Мокъокъ росдае ккараб къварилъи – бухӏана тӏолабго росу. Амма цӏадул балагьалъукьа борчӏун букӏана школалъул мина. Жеги росу цӏи гьабун бахъиналде, ай кӏиго соналдасан, 2018 соналъул 18 октябралда цӏа рекӏана школалъул аслияб минаялдаги. Лъимал цӏализарулел рукӏана цӏадул мацӏ хъинтӏичӏеб байбихьул классазул минаялда. Рухӏана Гениялъ, Цебари ва Сагьада росабазул школалги. Гьелъие гӏиллалъун ккола мина басралъи, гьенир ругел токалъул кварал жагъаллъи, токалъул мухъазда хӏалуцин цӏикӏкӏин.
Хӏибиялъ росдал школалъул цӏалдохъабиги гьабсагӏаталда цӏализарулел руго ФАПалъулги цебеккун интернат букӏарабги басриял минабазда. Комиссия школалде бачӏиналъулги, гьез гьабураб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабидал, баянлъана гьадинал хӏужаби: Хӏибиялъги Мекалиги росабазул школазе разехъин руго модулалъул минаби. «Гьединаб школа бай букӏинчӏо нижер мурад. Нижее къваригӏун букӏана тайпадулаб школа базе – спортзалгун, богорукъгун ва цогидал квегӏенлъабигун. Нижер гӏадамазе бокьун буго умумузул ватӏаналда гӏумру гьабизе. Къанагӏатав чияс гурони рехун тун гьечӏо инсул ракь. Амма школаги, лъималазул ахги, харж щолеб хӏалтӏиги гьечӏони, сунца кквезе ругел гӏолилал магӏарухъ?» — ан бицана Мекали росулъа Адамица.
Мекали росулъ модулалъулаб школа баялда рази гьечӏо гьев. Тайпадулаб школа базе ккани, хӏажалъула цебе школалъул букӏараб бакӏалдаса цӏикӏкӏараб ракь. Гьединаб бакӏ балагьунги букӏана росдал жамагӏаталъ, амма гьеб буго жалго бетӏергьанаб ракь ва гьеб бетӏергьабазухъа бичун босиялде хьул букӏана гӏадамазул. Райадминистрациялъул рес батичӏо гьеб босизе…
— Бокьилаан, школа цӏияб бакӏалда базе. Гьабсагӏаталда 70 цӏалдохъан вуго хасал гӏадамазул минабахъ гӏуцӏарал классазда цӏалулев. Гьечӏо гьениб кинабгӏаги гьанжезаманалъул техникаги. Цогидал бакӏазда компьютералги интерактивияб хъарщиги хӏалтӏизабулеб мехалда, нижер лъимал махӏрум гьарун руго гьединал ресаздаса.
Хасаб минаялда рагьун букӏана лъималазул ахги (гьабсагӏаталда гьеб хӏалтӏулеб гьечӏо). Гӏезегӏан чи гӏатӏиракьалде ана, лъималги рачун – Тарумовкаялде, Гъизилюрталде, Махӏачхъалаялде. Хадувккун школалде вачӏине вуго жеги 93 цӏалдохъан. Гӏолилал гочунгутӏизе росдал жамагӏаталъ хӏаракат гьабулеб буго росулъ шартӏал гӏуцӏизе.
Масала, дагьалъ цебе бана цӏияб кьо – тайпадулаб школа базе санагӏатаблъун бихьараб бакӏалде нух бахъиялъул мурадалда. Районалъул бетӏерас кьуна нусазарго гъурущ, цогидаб пачалихъияб ида- раялъул яги райадминистрациялъул кумек щвечӏо. Гӏадамаз рекьулел руго хурзал, хьихьулеб буго гӏибоцӏи. Камуларо улкаялъул цогидал регионазда хӏалтӏизе унел бихьиналги. Амма тӏубанго росу рехун тезе гъира бугел дагьал руго, — ян бицана Адамица.
Школа буго гӏолеб гӏелалъе тарбиягун лъай кьолеб идара гуребги, росу гӏуцӏулеб аслуги. Гьеб гьедин бугеблъи бичӏчӏана цо чанго соналъ цебе, лъай кьеялъул идарабазул «оптимизация» гьабулаго, Россиялъул регионазда дагьал комплектазул школал къараб мехалда. Школа къаралдаса нахъе жидер росу чӏобоголъанин абун интернет-сурсатазда ахӏи балеб букӏана дол соназда Россиялъул регионазул гӏадамаз. Гьединабго хӏал букӏана магӏарул росабазулги. Щибаб къойил автобусалъ школалде лъимал раччун бажаруларо магӏарухъ – хасало цӏер къарал нухаздасан гьезул гӏумруялъе цӏикӏкӏараб хӏинкъи букӏунелъул. Гьединаб хӏалалде ккарал гӏадамал хӏажаталлъун ккана гӏатӏиракьалде гочине. Шагьаразул школазда цӏалдохъаби гӏемерлъана ва хӏалтӏи гӏуцӏизе ккана лъабго сменаялда.
Щивав чияс балагьула гӏумру гьабизе лъикӏал шартӏал ругеб санагӏатаб бакӏ. Гьелъие ихтиярги буго. Амма гьеб къагӏидаялъ щивав чи росулъа къватӏиве вахъани, умумузул ракьал чӏунтизе руго. Гьеб гьукъизелъунниги хӏаракат гьабизе ккола росабалъ школал цӏунизе. Хӏибиялъ росулъе пачалихъияб комиссия битӏулеб мехалдаги Мекали росулъ школа баялда бан хӏукму хӏадурулагоги аслияб масъалалъун букӏана рехсарал бакӏазда цӏияб школа баялъул магӏна бугищали халгьаби, ай гьенир хадурккун цӏалдохъаби рукӏине ругищали мухӏкан гьаби. Мекалиса Адамица абуна, цӏалдохъаби камун хутӏиларилан. Гьабсагӏаталда аслияб масъалалъун гьес рехсана росдал школалъе хӏажатал педагогал рати. Масала, гьечӏо ингилис мацӏалъул учитель.
«Къваригӏун вуго «Росдал учитель» абураб пачалихъияб программаялда рекъон гьениве хӏалтӏизе вачӏине гъира бугев чи. Нижеца кумек гьабилаан гьесие хӏажатал документал хӏадуризеги, росулъ чӏезарилаан лъикӏал шартӏалги. Бацӏцӏадаб гьаваги, кванил нигӏматалги, кӏудияб шагьаралде дандеккун, парахатаб сихӏкъотӏиги – сахлъиялъе пайда букӏинаан», — ин бицана Адамица.
Гьаниб бицана Мекали росдал школалъул ругел масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьединабго хӏал буго Цӏунтӏа районалъул гӏемерисел школазда. Халкъалъул тӏалаб гьабулин абун, улкаялъулги республикаялъулги нухмалъияз ахирал соназда къабул гьаруна батӏи-батӏиял программаби. Исанасеб сон Лъай кьеялъул лъагӏеллъун лъазабунги бугелъул, хьул буго Цӏунтӏа районалда тайпадулал школал раялде.
Кавсарат Сулейманова