Руччабазул къоги баркун, 23 дагъистаниялъе пачалихъиял шапакъатал кьуна ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас.

«Эбелалъул Орден» щвана анцӏго лъимадул эбел, Гъизляралдаса Разият Гӏамиргӏалиевалъе, «Багьадураб захӏматалъе гӏоло» медаль кьуна ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъе.

ДРялъул мустахӏикъай учительлъун яхъана Гъ. Гъалбацӏовасул цӏаралда бугеб бекьечӏдерил Гӏарада хъутаналъул школалъул директор Бика Махӏмудова.

Мисалияв вас гӏезавуралъухъ Сергей Меликовас баркала кьуна цӏерги тӏун, хӏориний гъанкъизехъин йикӏарай яс хвасар гьавурав Хунзахъ районалъул Гӏоротӏаса Абубакар Расуловасул эбел Патӏиматие.

Гьаб захӏматаб заманалда медицинаялъул бугеб кӏварги хӏисабалде босун, Меликовас шапакъатаздалъун кӏодо гьаруна цо-цо тохтурзабиги. Масала, Махӏачхъалаялъул лъимал гьарулеб тӏоцебесеб больницаялъул бетӏерай тохтур Земфира Хӏажиева.