Лъабабилеб марталда РФялъул президент Владимир Путини ца указалдалъун, «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏар кьуна Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда чӏварав Дагъистаналдаса Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасе (1997-2022). Гьелъул хӏакъалъулъ президентас лъазабуна улкаялъ ул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул советалъул данделъиялда. Н. Хӏажимухӏамадов ккола Дагъистаналдаса 38-абилев Россиялъул Бахӏарчи.
«Гьес бихьизабуна бихьинчиясулаб къвакӏи, унго-унгояв командирас гӏадин цӏунана жиндир нухмалъиялда ругел солдатал. Рагъулаб тунка-гӏусиялъулъ захӏматго лъукъарав Нурмухӏамад вагъана ахирисеб хӏухьел угьизегӏан ва ахиралда, гранатаги кьвагьизабун, жиндаго цадахъ къанщизаруна жив сверун ккурав чанго тушманги», — ян бицана Россиялъул президент В. Путиница, бахӏарчияв дагъистаниясе тӏадегӏанаб къимат кьолаго.
Нилъ чӏухӏарал руго Украинаялъул миллатчагӏазде данде тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъулел аскариязда гьоркьоса тӏоцевесев Россиялъул Бахӏарчилъун нилъер ракьцояв вахъиналдаса. Гьебго заманалда нилъ цӏакъ пашманлъизаруна Бахӏарчиясул цӏар кьурав гӏолохъанчи хвеялъ. Гьеб буго ватӏаналде къо ккараб мехалда дагъистаниязулъ загьирлъулеб бихьинчилъиялъулги хӏинкъи гьечӏолъиялъулги иргадулаб мисал.
Гьеб буго жиндирго гӏумруялъе хӏинкъи бугеб заманалда унго-ун- гояб къагӏидаялда бихьизабураб Россиялъул гражданинасул патриотизм, ракӏалъ хӏакъирлъи къабул гьабунгутӏи ва яхӏ-намус бацӏцӏадго цӏуниялъе гӏоло тӏасабищараб хвел.
Нурмухӏамад гьавуна 1996 соналъул 29 сентябралда Лак районалъул Къани росулъ, Ингушетиялъул жанисел ишазул министрасул заместитель, «За отвагу» ва «За боевые заслуги» абурал медалазеги Бахӏарчилъиялъул лъабго орденалъеги мустахӏикълъарав полициялъул полковник Энгельс Хӏажимухӏамадовасул хъизамалда. Гьесул эбел Сапижат Мазаева хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул №26 школалда байбихьул классазул учительницалъун. Нурмухӏамадица лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул №42 школа.
Жеги гьитӏинго десантниклъун вахъине гъира букӏарав гьев ана Рязаналъул тӏадегӏанаб десантниказул училищеялде цӏализе. Тӏоцебесеб курсалдаса нахъе вукӏана взводалъул командирлъун. Рагъулаб хъулухъ гьабулеб букӏана Россиялъул ВДВялъул Ставрополалда бугеб гвардиялъулаб десантазулгун гьужумалъулазул Кавказалъулаб полкалда. Гьенисан, жиндирго къайицадахъалгун, ана Украинаялда Россиялъ тӏобитӏулеб рагъулаб операциялда гӏахьаллъизе. Десанталда цадахъ гьев рехун вукӏана Украинаялъул армиялъул тылалде. Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь бугеб рагъухъабазул къокъа сверун ккуна гьездаса гӏемерго цӏикӏкӏараб тушманасул хъамалчагӏаз. Гьеб рагъулъ Нурмухӏамад захӏматго лъукъана, амма гьес ротаялъе гьабулеб нухмалъи къотӏизе течӏо. Сверун ккуралъуса ворчӏулареблъи бичӏчӏараб мехалда, асирлъуде ине бокьичӏого, гьес гранатаялъ сверухъ лъугьарал Украинаялъул армиялъул аскариялгун цадахъ живго жинцаго кьвагьизавуна.
2022 соналъул лъабабилеб марталда Россиялъул президент В. Путиница гъулбасараб указалда рекъон, «рагъулаб борч тӏубалаго бихьизабураб бихьинчилъухъ ва бахӏарчилъиялъухъ» Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов мустахӏикълъана «Россиялъул Федерациялъул Бахӏарчи» абураб цӏаралъе. Гьедин намус хвезабизегӏан хвелго тӏаса бищана Дагъистаналъул бахӏарзазул хасиятал жиндилъ куцарав гӏолохъанчияс. Гьев кидаго хутӏила халкъазул ракӏазулъ.