Коронавирусалде данде къеркьеялъул мурадалда гӏуцӏараб оперативияб штабалъ тӏобитӏана иргадулаб данделъи. Гьениб ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас рехсана вакцина гьабиялъул рахъалъ нахъе ккарал шагьаразулгун районазул цӏарал. Гьединазда гъорлъе ккана Махӏачхъала, Дербент, Избербаш шагьарал ва Гъуниб район. Рехсарал муниципалитетазда щай гьединаб ахӏвал-хӏал бугебали бакӏазде щун балагьизе, цӏех-рех гьабизе республикаялъул нухмалъулес Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тӏадкъана хасаб къокъа гӏуцӏизе.

Къокъа гӏуцӏана ва тӏоцебесеб сапар бухьана Дербенталде. Щиб гӏиллаялда бан гьениб коронавирусалда данде вакцина гьаби нахъеккун бугебали нижеца цебеги бицун букӏана. Гьал къояздайин абуни къокъа щвана гьеб рахъалъ хашал хӏасилал ругеб Гъуниб районалде. Дандчӏвана муниципалитеталъул нухмалъулев Мудунхӏажи Къадировгун, райбольницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Шапиевгун ва Роспотребнадзоралъул территориалияб отделалъул начальник Заират Хӏажиевагун.

Мудунхӏажи Къадировасул рагӏабазда рекъон, коронавирусалъул тӏоцебесеб гьужумалдаса нахъе вакцина гьабиялда сверухъ хӏалтӏи районалда лъикӏ гӏуцӏун буго.

— Гьеб рахъалъ ахӏвал-хӏал гьанжелъизегӏан квеш букӏинчӏо. Лъаларо щиб ккарабали, амма ахираб заманалда вакцина гьабулезул къадар дагьлъун буго. Гьелъие гӏиллалъул букӏине бегьула бичӏчӏи бугел гӏадамазги гьеб гьабун, кантӏизариялъул хӏалтӏи дагьаб нахъеккун букӏин. Гьелдаго цадахъ районалда бищун цӏорораб заманалда токалда сверухъ букӏана гъалмагъир. Гьеб рахъ рукӏалиде бачӏинабиялда тӏад хӏалтӏулел руго. Гьединго росабалъ участковиял тохтурзабаз, имамзабаз ва бегавулзабаз тӏоритӏулел руго бичӏчӏикьеялъул тадбиралги, — ян абуна гьес.

Мухӏамад Шапиевас бицана районалда гӏемерал гӏадамал коронавирусалъул «омикрон» тайпаялъ унтанилан.

— Дир хӏисабалда, вакцина гьабулезул къадар дагьлъиялъе гӏилла ккола росабалъ хехаб къагӏидаялда «омикрон» тӏибитӏи. Коронавирусалъ унтарав чиясе бащдаб лъагӏалидаса гурого гьабизе бихьизабун гьечӏо вакцина. Прививка гьабизе рачӏунел дагьлъиялъе буго цоги гӏилла. Гъуниб районалда прописка гьабурал чагӏазул гӏемерисез гӏумру гьабулеб буго гӏатӏиракьалда. Нужецаго пикру гьабе, кинабгоги рехун тун вакцина гьабизелъун гьел гьанире рачӏинищ? Руго гӏадамал вакцинаялда данде чӏаралги. Гье- диназда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гьабулеб буго гьоркьоса къотӏичӏого. Гӏураб къадар вакци- наялъул районалъул больницаялда буго. Гьединго руго коронавирусалъ унтаразе дарабиги, — ян бицана бетӏерав тохтурас.

Гьесул рагӏабазда рекъон, районалда коронавирусалда данде вакцина гьабун буго 10115 чияс (73,5 %), унтун больницаялда вегун вуго ункъо чи.

Роспотребнадзоралъул территориалияб отделалъул нухмалъулей Заират Хӏажиевалъ бицана Гъуниб районалда коронавирусалда сверухъ чӏезарурал гӏорхъичӏваял ва санитариялгун эпидемиологиял тӏалабал рукӏине кколеб къагӏидаялда цӏунулел ругин.

— Гьеб рахъалъ абизе рагӏи гьечӏо. Вакцинациялдеги кӏвар кьолеб буго. Бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гьабизелъун нижер ва райбольницаялъул хӏалтӏухъаби щвечӏеб росуго хутӏун батиларо. Гьаниб гӏумру гьабулел гӏадамазул гӏемерисез прививкабиги гьарун руго. Гьелъги батила унтаразул къадар къойидаса къойиде дагьлъулеб, ахӏвалхӏал роцӏунеб бугеб, — ан бицана З. Хӏажиевалъ.

Темирхан Хӏасанов