Араб анкьидаса байбихьун, Украинаялда лъугьунеб-толелда хадуб халги кквечӏев, гьелъулги бицунарев чи ватиларо. Киназего буго ургъел. Киназего бокьун буго рагъ лъугӏизе, ургъелал кӏочараб, берцинаб яшвалде нилъги нахъруссине. Амма… Амма дунялалъул геополитикияб горсверуда лъугьунелъухъ балагьани, парахалъиялъул биценго гьечӏо гьениб. Тӏубараб дунялго Россиялде дандечӏун бугебгӏадаб сурат буго. Санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде.
Спорталъул рахъалъ дунялалда тӏоритӏулел кинал рукӏаниги къецаздаса нилъер спортсменал махӏрум гьарун руго. Гъурщил багьа квешго гӏодобе ккана. Гьелда рекъон, хиралъана гӏемерисеб къайи-цӏаги. Гӏадамал руго банкоматаздаса гӏарац бахъулел. Рагъде васал арал улбул, ургъалица кваналеб керенгун, я регун макьу гуреб, я рахъун рахӏат гуреб гӏумруялда руго. Украинаялда рагъде ритӏаразда гъорлъ дагьал гьечӏо нилъер республикаялдаса гӏолохъабиги.
Къокъго абуни, ахӏвал-хӏал расги лъикӏаб гьечӏо. Киналго ралагьун чӏун руго Россиялъулги Украинаялъул делегациялда гьоркьор тӏоритӏизе ругел кӏалъа-бацаялъул хӏасилазухъ. Гьезул тӏоцебесеб дандчӏвай биххана гьабин абун цӏар лъезе лъалареб хӏасилгун.
Жакъасеб номералда нижеца кьолеб буго Украинаялда унеб рагъуда тӏасан магӏарулазул гӏелмиябгун творческияб интеллигенциялъул цо-цо вакилзабаз загьир гьарурал пикраби.
Мухӏамад Мухӏамадов, ДНЦялъул РАНалъул Мацӏазул ва адабияталъул институталъул грамматикиял цӏех-рехал гьарулеб бутӏаялъул нухмалъулев:
— Хӏакъикъаталдаги киназего буго ургъел жакъа Украинаялда унеб рагъул. Умумузул аби буго рагъалъ вас гьавуларин абураб. Лъиениги бокьун букӏинчӏо жакъа гьелде иш бачӏине. Амма рагъуе тӏоцебе къали бухарал чагӏи нилъеда лъала щалали. Гьеб ккола США. Украинаялъул гӏакълу гӏечӏо гӏурусазулгун питна-кьал жидее къваригӏун гьечӏин, нижги жахӏалго тейин, СШАялъул бутӏрузда абизе. Гьел ана гьезда хадур ва гьез абураб гӏадахъ босана. Гьелъул хӏасил жакъа нилъедаги бихьула.
Магӏарулазул гьениб батӏияб пикру кинабха букӏинеб? Нилъ киналго Россиялъул гражданал ругелъул, жакъа цолъизе, гъункизе ккола ва киназго рагьун абизе ккола Украинаялда НАТОялъул блок хӏажат гьечӏин. НАТОялде гъорлъги ун, Россиялдаги НАТОялдаги гьоркьоб бугеб гӏурхъилъун хӏажат гьечӏо нилъее жакъа Украина. Нилъее къваригӏун буго гьенив лъикӏав мадугьал. Мадугьаллъун гуреб вацал гӏадин рукӏана гьезул халкъ 70 соналъ нилъгун. Амма СССР биххун хадуб биххана гьезул вацлъиги, баккун бачӏана тушманлъиги, жахӏда-хӏусудги, хӏалихьалъиги. Илбис лъугьана нилъеда гьоркьобе.
Гьеб гуребги, гьезда (Западалда) ракӏалда букӏана Украиналдаса хадуб Грузиялдаги НАТОялъул блокги лъун жидерго мурадал гӏумруялде рахъинаризе. Бежтӏадерилги лъебелазулги гӏорхъода НАТОялъул базаби рукӏин нилъее, магӏарулазе, расги лъикӏаб жо гуро.
Жиндир заманалда Путиница цо гара-чӏвариялда абун букӏана, НАТОялда гъорлъе Россияги бачейин абидал, Буш (Джордж Буш — СШАялъул вукӏарав президент) цӏакъ квеш-квеш валагьанин жиндихъилан. Гьезие Россия НАТОялда гъорлъ къваригӏун букӏинчӏо, гьезие къваригӏун букӏана Россиялъул ракьулъ бугеб бечелъи. Нилъер жеги гӏемераб нартги, газги, цогидалги магӏданал руго ракьулъ. Амма жидерго дора ругел тӏабигӏиял бечелъабазул сурсатги мукъсанлъун, гьанже гьезие къваригӏун буго нилъер магӏданазда тӏад кверщел гьабизе.
Мурад Багилов, Гъуниб районалъул Къорода-Кьотӏа школалъул нухмалъулев:
— Цогидазего гӏадин диеги ургъел буго Украинаялда жакъа рагъулел ругел нилъер ракьцоязул. Дица дарс кьурал гӏолохъабазул чангоявги вуго жакъа гьеб рагъулъ.
Дица тӏубанго рахъккола Владимир Путиница гьабураб хӏукмуялъул. Хӏатта абила, гьанжеялдаса анкьго соналъ цебего битӏизе кколаан гьенибе аскар. Щайгурелъул, 2013 соналдаса нахъе нилъеда бихьана, гьанжеялдаса 80 соналъ цебе дирги дурги кӏудаинсуца кьичӏчӏи бакъвазабун букӏараб фашизм гьениб (Украинаялъул ракьалда) цӏидасан тӏегьан бачӏараб куцалъул. Хӏатта дол фашистал кӏочон тарал жанаварал рукӏун руго гьенир бандеразулазул къвам. Гьез чӏвалел рукӏана руччабиги лъималги, херал чагӏиги, рухӏулел рукӏана рукъзал, гьабулеб букӏана хъамалчилъи. Гьеб киналъего ахир лъезе заман щун букӏана. Гьединлъидал Путиница гьеб гали тӏамичӏого рес букӏинчӏо.
Узухъда, дунгоги цеве чинал рарав, рагъулаб хъулухъалда вукӏарав чи вукӏиндал, дица абула бихьинчиясда тӏадаб буго нилъерго ватӏан цӏунизе. Ярагъ кодобе босанищ, дудаго тӏадаб налъи тӏубазе ккола дуца, рагъулав хъулухъчи хӏисабалда.
Аллагьас нилъер киналго гӏолохъаби сах-саламат гьениса нахъруссагиян дугӏа гьабила нилъеца киназго.
Украина сабаблъун санкциязул цӏад базабулеб буго нилъеде бакътӏерхьул улкабаз. Австралиялда абун рагӏула нилъер гьанибе жидеца тӏокӏаб кенгурудул гьан битӏиларин абун. Гьанже гьезул кенгуруялъул гьанги кваназе щвечӏого кинха дунги цогидавги вукӏинев Къорода. Гьезул санкциял дие руго, умумуз абухъе, тӏохде балеб цӏад гӏадинаб жо. Доллар бахунеб буго, бахайин абеха. Ахир лъие квеш кколебали бихьила. Россиялъул экономика накалтӏе ккезабизе гьезда ракӏалда батани, гьел жалго ккезе руго накалтӏе. Нилъер тӏабигӏил бечелъабазул сурасат жеги гучаб буго.
Санкциял гӏемерлъунин, доллар хиралъунин гьанив магӏарухъ вугев дие щибниги къварилъи гьечӏо. Дие харжги доллараздалъун бачӏунаро, гьез санкциял гьарунин абун дица хуриб бекьараб нигӏматалъе щибго заралги кколаро. Зарал гьелъ гьабизе бегьула миллионал, миллиардал долларазул нахърателги гьабун, къватӏисел пачалихъазул банказда гӏарацги цӏунун ругел олигархазе. Дида кколеб буго, гьел рекӏеда ратизе, гьелги гӏадатиял гӏадмазда релълъун дагьалниги «мискинлъизе» ургъараб галицин батилин гьеб Путинил абун.
Гьале, Украинаялда гьеб хӏалуцин байбихьун анкь ана. Амма цохӏо дора рагъулел ругел гӏолохъабазухъ ракӏ унтун гурони, президентасул политикаялда дандечӏун кӏалъалев чи дида цадахъ хӏалтӏулезулги гьечӏо. Нагагь къо ккани къватӏиве вахъине хӏадурав, хӏалхьиялда вугев лъабгониги офицерги вуго дир сверухълъиялда. Гьелдеги иш бачӏинареб батила, Аллагьас рагъги гӏагараб заманалда лъугӏила.
Шамиль Хӏасанхӏусенов, «Махӏачхъалаялъул гӏолилал» ДРОялъул нухмалъулев:
— 2014 соналъ Украинаялда пачалихъияб хиса-свериги гьабун тӏалъиялде рачӏана фашистазулаб идеологиялъул, гӏурусчи цӏакъ рихарал гӏадамал. Гьелдаса нахъе буго гьениб ахӏвал-хӏал хӏалуцунги. Гьелдаса нахъе рукӏана Луганск ва Донецк республикабазда расги гӏайиб гьечӏел гӏадамал (руччабигун лъимал) чӏвалел. Анкьгогӏан соналъ чӏана нилъер пачалихъ сабру гьабун, лъугӏилародай гьениб чӏвай-хъвей абун, маслихӏат гьабизеги чанцӏулго къасд гьабуна. Амма лъугӏичӏо, лъугьинчӏо маслигӏатги. Гьединлъидал исана февралалда, Федерацилъул советалда дандги бан, ООНалъул резолюциялда бихьизабураб изнуялдаса пайдаги босун, президент Владимир Путиница хӏукму гьабуна гьенибе аскар битӏизе.
Жакъа гӏемерав чияс, гӏемераб жо хъвалеб буго социалиял гьиназда. Хӏажат гьечӏила нилъее санкциялги, къваригӏун гьечӏила рагъги, гьеб би тӏей чӏезабеян хитӏабал гьарулел чагӏи гӏемерал руго. Дунги разияв вуго, доб гӏурусазул кициялда абухъего, ччобораб рагъудаса, хӏалакъаб букӏаниги рекъелго лъикӏин абураб каламалда. Рекъел, узухъда, хӏажат буго.
Амма нилъер пачалихъалъул нухмалъулес абуна, жакъа Россиялъ гьединаб гали тӏамун букӏинчӏебани, метер гьебго ярагъ СШАялъги, НАТОялда гъорлъ ругел цогидал пачалихъазги нилъеде (Россиялде) данде кьвагьизе букӏанин абун. Гьебги хӏисабалде босун, гьабичӏого рес гьечӏеб хӏукуму букӏанин Украинаялде аскар битӏи. Гьесда божичӏого рукӏине гӏилла жакъа дида бихьулеб гьечӏо.
Санкциязухъаги хӏинкъун жакъа нахъе кӏанцӏун чӏезе нилъ бегьиларо. Щайгурелъул Украинаялда гьеб рагъ ккун букӏинчӏебаниги, Западалъ нилъее санкциял лъазаризе цогидал ресал ратулаан. Гьеб нилъеда бихьана ахираб заманалда, кӏигьумерчилъиги, хӏалихьалъиги гурони СШАялъ нилъеде гӏаданлъиялъул рахъ хӏалтӏизабичӏо. Гьезие бокьун буго нилъ квеш рукӏине.
Пачалихъалъул жанисел гӏунгутӏаби руго, гьел кидаго рукӏуна ва рукӏинеги руго. Амма къватӏисахун хӏинкъи бугони, нилъги кьерун чӏезе бегьуларо. Гьеб мисалалъ кидаго бетӏералъ тӏокӏаллъун рукӏана нилъер умумул. Нилъ бараб ахӏулъги, ахӏараб болъги киданиги нахъе кӏанцӏун чӏечӏо, гӏаммав тушманасда данде рахъана ва бокьараб рагъулъ бахӏарчилъиги бихьизабуна.
Нилъер гӏорлохъабазда Аллагь гурхӏаги, гьелги сах-саламатго жидерго эбел-инсухъе, хъизамалъухъе нахъруссине хъван батаги. Нилъеца киназго гьезие гьедин ккагиян дугӏаги гьабила, ИншаАллагь. Гьанже бищун кӏудияб хьул буго кӏиябго пачалихъалда гьоркьор ракълилал кӏалъа-бацаязул хӏасил лъикӏаб ккелин абураб. Тӏоцебесеб дандчӏвай гьез тӏобитӏана, 2 марталда цоги нухалда дандчӏвазе руго. Хьул буго Украинаялъул рахъалдаса делегациялъул къукъаялъул рекӏелъе гьеб къоялде иман тӏинкӏилин ва ишги ракълиде бачӏинин абураб. Нилъее рагъ хӏажат гьечӏо, рекъел къваригӏун буго. «Рагъалдаса рекъел лъикӏ» абун цӏакъ берцинаб ва гӏакъилаб кици буго умумузул. Киназего гьарула роцӏцӏараб зобги талихӏаб гӏумруги.
Мурад Ахӏмадов, «Гьудуллъи» ва Лачен» журналазул бетӏерав редактор, публицист:
— Бокьараб рагъуда, кинаб гьеб батаниги, гьелда дандечӏарав чи ккола дун. Гьединго, гӏайиб гьечӏел, кумек гьечӏел гӏолохъабигун ручччаби ва лъимал чӏваялдеги. Гьеб киналдего дандечӏарав чи вукӏана дун кидаго, жакъаги дир пикру хисун гьечӏо. Амма… Амма Донбассалда жакъа бугеб бада-гъудур, рагь-кьал халатбахъунеб бугелдаса микьго сон буго. Лъиениги, жибго Украинаялъеги гьелъул ургъел букӏинчӏо. Чӏвалел, холел руго щибго гӏайиб гьечӏел чагӏи. Жакъа гьез «гӏащтӏичи» абун рокьукъаб тӏокӏцӏар жинда рекӏинабураб Россиялъ, гьеб микьабго соналъ Украинаялъе бикьана газ, ток, нарт ва гьеб гуреб, кванил нигӏматаздалъунги хьезабуна гьезул халкъ. Амма Украинаялда гьеб бихьичӏо, гьезда гьеб кӏочон тана. Гьезул Россиялдехун букӏана хӏехьезе кӏолареб рокьукълъиги ццимги.
Украинаялда лъугьунебги толелъулги хӏакъикъат рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏуларезе бигьа букӏуна батӏи-батӏиял рагӏаби рехизе. Амма дида гъваридго бичӏчӏула ва лъала гьениб лъугьунеб жо. Щайгурелъул дица гьелда хадуб цебегоялдаса нахъе халккун бугелъул. Гьединлъидал дица абила, гьанже гьеб цебе букӏараб Украина гуро. Гьеб буго Западалъе данде кколеб, гьезул зурмихъе кьурдулеб Антироссия. Гьелде сверана гьеб.
Дие бокьула Украина. Щайгурелъул дун гьенив гьавидал. Гьенив цӏалана, гьенир руго дир гьудулзаби, дида лъала гьезул мацӏ. Гьединлъидал дие гьеб чияраблъун кколаро. Украинаялда руго дир рекӏее гӏагарал ва хириял чагӏазул хабзал.
Дир кӏудияв эмен вагъана гьеб ракьги цӏунун, Днепр гӏорда букӏараб гучаб рагъулъ лъукъана гьев. Кӏудияй эбелалъ хӏехьана Ленинградалъул блокадаялъул ракъи. Дир эбелалъул вац хвана Чернобылалда ккараб атомалъул балагьалдаса гӏадамал цӏунулаго унтиги ккун. Гьел киналго рукъун руго Украинаялда.
Амма жакъа гьеб тӏубанго хисана. Гьез жидерго рокьукълъиялъул цӏураб гьумер буссинабуна Россиялдехун. Рокьукълъиялъулги ццидалги цӏурал къучӏби рукӏана гьез лъагӏалабаца цӏезарулел.
Украинаги Россияги букӏана цо халкъ, амма гьел цоцаздаса тӏезаризе лъагӏалабаз хӏаракат бахъана хасал чагӏаз. Тӏоцебе гьелъие байбихьи лъуна 90-абилел соназ, гьелъул вукӏарав президент Леонид Кучмаца. Гьевги, гьесда хадур рачӏарал хутӏарал президенталги рукӏана гӏурус мацӏги рихарал, Россиялда хурханщинаб жоги жужахӏалъул цӏагӏанги къабул гьабуларел. Хадуб, къватӏисел пачалихъаз байбихьана Украина яргъидалъун хьезабизе.
Жакъа рес букӏанищ гьаб вахӏшилъиги би тӏейги нахъчӏвазейин суал кьуни, дица абила, букӏанин. Хӏатта жиндир заманалда Ельцинцин гӏодов чӏана Ичкериялъул вакилзабигун кӏалъа-бацаял гьаризе. Гьезул шартӏазда разилъун, цо-цо жоялде берал къанщана гьесцин доб мехалъ. Амма жакъасеб Украинаялъул мурадал батӏиял руго – Россиялъул сан гьабунгутӏи. Гьабсагӏат унеб рагъуде гьел рачӏана ургъун, жидедаго ракӏчӏун.
Аллагьас кантӏиги, гӏакълуги, къуватги кьеги гӏагараб заманалда гьеб балагь лъугӏизабизе, би тӏей чӏезабизе. Рагъ нилъее къваригӏун гьечӏо.
Ашахан Юсупов