Кинаб рахъалдасан балагьаниги, гьунарал гӏемераб миллат буго нилъер. «Оцол багьаяб кечӏ» — гьадин абулаан умумуз магӏна-гӏин бугеб шигӏру къватӏибе бахъидал. Оцги гӏезегӏан захӏмат бихьун бахъунелъул гӏурдаде. Тохал, загӏипал кучӏдул гьищтӏи бахъинабун тӏирщизеги риччалароан.
Мискинаб бугила магӏарул мацӏин абулелги камуларо, гьединазда гурхӏизеги бачӏуна. Кутакалда берцинаб, лъарал чили гӏадаб мацӏ буго нилъер, гьелъул тӏагӏам лъалел, гугьар рекӏелъе биччаразул каламги букӏуна камилаб. Цӏакъго гӏемерав чи лъала дида кочӏохъе кӏалъалел, хъван жидер шигӏру тӏибитӏизабуларел.
Къого бихьичӏого, гьоркьоб хӏарщ чӏвачӏел «шигӏрабаз» тӏалъи босулеб бихьидал, цӏунцӏраххуна ракӏ. Квеш ккараб жо буго, кочӏол роценалда рагӏи сокӏкӏун бажарулел гӏемерисезда, жидецаго хъвараб цӏакъго берцин бихьи, цогидазулалъе къимат кьун бажарунгутӏи, адабияталъул ирс — классикал, авар мацӏалда къватӏире рачӏунел басмаби гьез цӏалунгутӏи. Дораса-гьаниса данде гьарун, нису жубараб тӏех гӏадал, шигӏруялъухъего сокӏкӏараб хабар бугӏулеб буго гьез жамгӏиял гьиназдасан.
Гьезул «асарал» магӏабиян ахӏун, назмабиян рикӏкӏун пиригӏан хехго тӏиритӏула. Жидер кучӏдул ахӏеян гьел кочӏохъабазда гьардола, жалго рахъун тадбирал тӏоритӏула, «творчествоялъул дунялалде» нух рагьизелъун машгьурал чагӏазе реццалъул одаби хъвала. Гъовго «кайфМага» гӏадал, кин балагьунги машгьурлъи тӏалаб гьабулеб къавмха. Бичӏчӏигун лъай бугез жидедаго гьоркьоб бицун гурони, «гӏела, лъалхъе, цӏекӏлъулел руго нужин» абуларо, нагагь критика гьабулев чи къулчӏизе хӏадурго дол «гьунарчагӏиги» рукӏуна. Абичӏого тӏураларелха нилъ, къаламцоял.
Нилъер миллаталъул букӏараб хасият гуро жалго рихьизарун цере кӏанцӏи. Гьанже гьеб учузаб гӏузру, гьунаргун бажари хӏисабалда къабул гьабулеб гьечӏищха. Тӏад гьайбатаб гъалай ги биччан, цӏакъ чамгӏалаб, чӏимигӏаб «нигӏмат» биччалеб буго адабияталъулгун маданияталъул «хӏаракатчагӏаз» къватӏибе. Жидерго тӏахьал, кучӏдул ругӏулел руго росабазул школазде, библиотекабазде, ясли-ахазде. Гьеб «поэзиялда» куцалеб буго цӏияб гӏел. Ясли-ахалде хьвадулей нижер 4 сон барай ясалъ, дие бокьулеблъи лъан, рикӏкӏунеб буго магӏарул кечӏ. Дун гьакӏкӏан кӏалгун хутӏана. Лъица малъараб гьеб кечӏилан цӏехедал, садикалда, тётяца малъанин кьуна жаваб. Гьелдаса нахъе росун, аскӏосеб гӏагарлъиялъул гьитӏичазе сайгъат гьаруна Тубхӏатил «Дир гьайбатаб алипба», магӏарул халкъиял маргьабазул тӏахьал, чангоязе хъвана «Лачен» журнал.
Гьездаго цадахъ щибаб районалъул газеталъе хӏажатаблъун бихьула лъималазе хӏадурарал, «Бурутӏ», «Дерец», «Милъирщо» гӏадал адабияталъул хасал гьурмал кьезе. Цӏекӏлъиялъ тӏалъиги босун, кӏудияб гьунаралъул шагӏирзабазул гъваридал асараздаса махӏрум гьаризехъин руго цӏиял гӏелал.
Гӏакълу бугесда бичӏчӏила гьелъул кӏвар, гьечӏез биун тӏуниги эхебеги биччаларо.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА