Машгьурай шагӏир Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏоритӏулел данделъабазде хьвадун ругьунай дун гьаб нухалда ккана Шамхал поселокалъул № 45 школалде.
Нижеда, ай гьалбадерида дандчӏвай гьабуна школалъул директор Валиев Мухӏамаддибирица. Школалъул жанахӏалъуре лъугьиндал бер биххараб, ракӏ гъураб асар ккана, миллияб парталги ретӏун, гьимиялъги чӏаголъиялъги гвангъарал школалъул мугӏалимзабаз, руччаби-ясаз къачӏан ругел жиде-жидер миллаталъул богогьанлъиялъул тепсияз бечед гьарурал столал рихьидал. Магӏарулазул, гӏурусазул, лъарагӏазул, лезгиязул, даргиязул, тумазул кванил хӏал бихьизе, директоргун цадахъ, щвана щибаб столалда аскӏоре.
Гьелдаса хадур данделъана школалъул залалда. Гӏурусгун магӏарул мацӏазда Ф. Гӏалиевалъул шигӏраби цӏали гуребги, гьелъул прозаялдасан рихьизаруна гӏолохъанаб гӏелалъе насихӏатиял бутӏаби. Цӏакъ рекӏелъе бортуледухъ шагӏиралъе хирияв Гӏумар-дадал роль хӏана тарихалъул мугӏалим Тинтинов Мурадица. Залалъул къадазда рарал Фазу Гӏалиевалъул гвангъарал, чӏахӏиял суратазги, гьелъул адабияталъул хӏакъалъулъ бицунел баннеразги, миллияб форма ретӏарал гӏахьалчагӏазул кьурди-кечӏалъги кутакаб асар гьабуна. Школалъул мугӏалимзабигун цӏалдохъаби гӏахьаллъараб церерахъин букӏиналъги батӏияб берцинлъи кьолеб букӏана тадбиралъе.
Эбелалъул хӏакъалъулъ Фазул кечӏ цӏалана школалъул директорасул заместитель Гӏабдулаева Хадижатица, «Эбелалъул насихӏатал», аскӏой яхъун чӏарай цӏалдохъаналъе, эбелалъ ясалъе гӏадин, цӏакъ ракӏ хӏайранлъуледухъ цӏалана гӏурус мацӏалъул мугӏалим Мухӏамадова Шахсаламица.
Рехсечӏого гӏоларо гьеб байрам гӏуцӏаразул цӏаралги. Гьелги ккола тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Кахруманова Гӏатикат, рахьдал мацӏалъул мугӏалимзаби Шамсудинова Алита, Мухӏамадова Алипат ва Шапиева Марьям.
Цӏакъ рекӏее гӏуна байрамалда гӏахьаллъизе Махӏачхъалаялъул цоцо школазул директорзаби рачӏун рукӏинги. Гьелги ккола: Фазу Гӏалиевалъул цӏар кьураб № 61 школалъул директор Дибиров Хъайтмаз, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб № 50 школалъул директор Изиев Махӏач, № 29 школалъул директор Халитов Мухӏамад, бесдал лъимал цӏалулеб школа-интернаталъул директор Хӏажиев Малик, № 29 школалъул директорасул заместитель Хӏасанов Аскер, № 58 школалъул директорасул заместителал: Мухӏамадова Муслимат, Гӏумарова Назиля, № 47 школалъул директорасул заместитель Мухӏамадова Сайгибат, Махӏачхъалаялъул лъай кьеялъул управлениялъул рахьдал мацӏазул методист Гӏумархӏажиева Рукъият.
Гьалбадерида гьоркьой йикӏана Фазу Гӏалиевалъул творчествоялда тӏад хӏалтӏулей, ахирал соназ гьелда цадахъ йикӏарай, ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Мухӏамадова Маризаги, «Горянка» этноцентралъул блогер Патӏимат Гӏабдурахӏмановаги, дидоязул НКАялъул президент Асхӏабов Мухӏамадрасулги.
Кӏалъазе рахъараз бицана Фазул борхалъиялъулги, гьелъул гӏамалхасияталъулги, гьелда рекъон букӏараб магӏарулалъе хасиятаб цо бихьинчилъиялъулги, дунялалъул 69 батӏияб мацӏалда цӏалулел гьелъул асаразулги, магӏарул шагӏиралъ дунялалъул чанго пачалихъалда тараб Дагъистаналъул чӏужугӏаданалъул рагӏиялъулги ва гӏемераб цогидалъулги хӏакъалъулъ. Улкаялъул президент В. Путиница пачалихъалъул бищун тӏадегӏанаб шапакъат – Андрей Первозванныясул орден каранда барай, Дагъистаналъул цӏар дунялалдаго рагӏизабурай Фазу Гӏалиева магӏарулай йикӏиналдаса чӏухӏараб даимаб асаргун къо-лъикӏ гьабуна нижеца иргадулаб тадбиралъулгун.
Тубхӏат ЗУРГЬАЛОВА