Россиялъул аскарияз Украинаялда хасаб операция тӏобитӏизе байбихьидал, дунялалъул гӏемерисел улкабаз санкциял лъазариялда бан улкаялъул экономикаялда кӏудиял хиса-басиял кколел руго. Къокъабго заманалда жаниб учузлъана гъурщил къимат, бахана доллар ва гьелдаго цадахъ хиралъана гӏемерисеб къайи-цӏаги кванил нигӏматалги. Гьеб рахъалъ щибго хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏин ва кинабго жидер бербалагьиялда гъоркь бугин улкаялъул нухмалъиялъ лъазабуниги, метерисеб къо кинаб бачӏинебали лъаларин абураб хӏинкъиялъ гӏадамал хӏажаталлъун кколел руго, къваригӏун бугониги гьечӏониги, щвараб жо босизе, нахърател гьабизе. Гьединал ишаз базаразда лъугьинарулел руго хӏалкъаял, къанагӏалъулеб буго къайи-цӏа.
РФялъул базаразул экономикаялъул централъул аналитик Ирина Светловалъул рагӏабазда рекъон, хӏукуматалъ кинабго гьабулеб буго инсанасе чарагьечӏого хӏажалъулел нигӏматазул багьабазда хадуб халкквеялъе ва гьел хиралъичӏого рукӏиналъе. Амма къватӏиса бачӏунеб продукция хиралъичӏого рес гьечӏо, гьезул къадар тӏадеялдаса тӏаде къанагӏалъулеб букӏиналда бан. Хӏатта цо-цо даранчагӏаз хӏаракат бахъулеб буго складаздагун нахъарукъзабахъ бегун бугеб къайи бахчизе, ай заманалдасан хираги гьабун бичизе букӏинелъун. Гьединал даранчагӏазул хӏиллаяб «кумекалдалъунги» рахунел руго багьаби.
Жакъа базаразда ва чӏахӏиял тукабахъ хиралъичӏеб жо къанагӏатги гьечӏо. Хасго хиралъун буго ретӏел-хьит, автомобилал, электроника, гьайгьай, кванил нигӏматалги. Амма гьел санкциял лъазаруниги, къватӏиса бачӏунеб къайи-цӏа Россиялъул базаразде ккечӏого хутӏулареблъи хӏакъаб буго. Гьел нилъехъе рачӏине руго цогидал улкаби гьоркьор ккун, масала, Узбекистаналдасан. Амма хӏакъаб жо, гьеб киналъулго багьаби цере гӏадал рукӏине гьечӏеблъи.
Щибха гьабизе кколеб? Аллагьасде мугъчӏвайги гьабун, нилъ хӏадурго рукӏине ккола бакътӏерхьул улкабаз лъазарурал гьел санкциязда дандечӏезе ва лъугьун бугеб хӏал къабул гьабизе.