Дагъистаналда гӏезегӏан руго производствоялъулаб хӏалтӏуда ругел, нигӏматал гӏезарулел ва гьел къачӏалел, батӏи-батӏиял магӏишатиял хъулухъал тӏуралел ишалъулал гӏадамал цолъизарулел, гьезие квер-бакъиялъе ругел жамгӏиял гӏуцӏаби. Гьезул цояб ккола къватӏисел пачалихъазде къайи-цӏа, нигӏматал ричулел предпринимателазул ассоциация. Гьелъул нухмалъулев Арслан-Гӏали Хӏамзатовасулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.
— Арслан-Гӏали, щиб хъулухъ нужер ассоциациялъ тӏубалеб ва щал унел гьелда гьоркьоре?
— Соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго къватӏисел пачалихъазде би чулеб къайи-цӏаялъул (экспорт) къадар. Гьелда рекъон гӏемерлъулел руго гьеб ишалде гъорлъе лъугьу нел предпринимателалги. Дагьаб цебеги, хӏалтӏулъ дандчӏвалел масъалаби гьединал предприни мателаз тӏуразе кколаан жидецаго. Гьеб иш гьезие бигьалъулароан ва кидаго гуро хӏасилалги лъикӏал кколел рукӏарал. Гьединлъидал, гьел масъалаби жиндир заманалда тӏуразе квербакъизе лъабго соналъ цебе гӏуцӏана ассоциация. Гьелда гьоркьобе уна 100-гӏанасеб компания, предприятие, гьезул 90 процент ккола гьитӏинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул вакилзаби. Нижгун хӏалтӏизе, нижергун бухьен кквезе бокьарал цоги бизнесчагӏазги гьеб загьир гьабизе бегьула гьаб адресалде хъван [email protected].
— Кинал пачалихъазде ва щиб нилъер республикаялъ бичулеб?
— Нилъер росдал магӏишаталъул руго лъикӏал хӏасилал, нилъеца гӏезарула рацӏцӏадал, химия гьоркьор гьечӏел нигӏматал. Гьезул, пихъил соказул буго лъикӏаб тӏалаб. Мисалалъе, кутакалда бокьула нилъер гьан ва гьеб уна Ираналде, Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазде. Экспорталъул 30 процент ккола цӏералъ, гьеб бичула Доминикана республикаялде гӏунтӏун. Къадар цӏикӏкӏараб гьечӏониги, 100-гӏанасеб пачалихъалде уна Гъизляралда гьарулел нусал. Мексикаялъ босула теплицабигун парниказда хӏалтӏизабулеб пленка. Урба уна Эмиратазде, Турциялде, Казахстаналде. Нилъер ганчӏил гьабал унаан Украинаялде, Казахстаналде, 6 гьобо ана СШАялдецин, гьениса руго жеги заказалги. Хӏабиб Нурмухӏамадов дунялалдаго машгьурлъаралдаса нахъе тӏалаб буго нилъер миллиял тӏагъразулги.
— Щиб гӏиллаялдалъун доз нилъер къайи босулеб ва гьеб добе бичун нилъеразе бугеб пайда щиб?
— Бокьараб даран-базаралда аслияблъун буго кӏиго хӏужа – багьа ва даража, гьеб кӏиялъулго дандеккей ва ккунгутӏи. Дозие кутакалда данде кколеб буго гьеб кӏиябго, гуребани дол аскӏоре къалароан. Къватӏибе къайи бичулаго цо-цо масъалаби дандчӏваниги, захӏмалъи бихьаниги, багьа букӏиналъ нилъер предпринимателал къоларо.
— Добе бичулеб цӏикӏкӏинабиялдаго цадахъ нилъер гьанир багьаби рахине рес гьечӏищ?
— Рес буго. Амма гьедин ккечӏого букӏиналъул хӏалтӏи, гьарулел тад бирал тӏаде ккола пачалихъалъул хасал идарабазде. Гӏадада гурелъул квотаби чӏезарун рукӏунел.
— Гӏарцудалъун борцани, кигӏа насеб къайи лъагӏалида жаниб нилъеца къватӏисел пачалихъаз- де бичулеб?
— Ахирал соназда, гьоркьохъ еб хӏисабалда, гьеб бахуна 60 млн долларалде, гъоркьиса ана жеги тӏаде (68 млн.).
— Ахираб заманалда ккана цӏакъго кӏудиял хиса-басиял. Кутакалда цӏикӏкӏана пачалихъ- алда тӏад лъурал санкциял, гъурщида данде долларалъул къуват щулалъана. Гьединал шартӏазда бигьалъизе бугищ нужер хӏалтӏи?
— Масъалаби гӏемерлъана, гьайгьай, хӏалтӏиги бигьалъиларо. Амма гьелъул буго цогидаб рахъги. Къварилъиялда аскӏоб гӏатӏилъиги камуларин абухъе, доллар хиралъиялъ гӏемерал ресал кьола къватӏисел пачалихъазде къайи бичулезе. Россия буго кӏудияб пачалихъ, гьанир руго батӏи-батӏиял регионал, амма тӏабигӏиябгун географиялъул рахъалъ нилъер республика буго санагӏатаб бакӏалда. Хинаб ралъдал рагӏаллъуда, чанго пачалихъалъул гӏорхъода, динцоял, гӏадат-гӏамал релълъарал улкабазда гӏагарда рукӏиналъ нилъее кьола гӏемерал ресал. Европаялдасан, Бакътӏерхьул рахъалдасан нилъ къотӏаниги, гьезулгун бухьенал дагьлъаниги, нилъее рагьун буго бакъбаккул рахъ. Европаялде унеб букӏараб нилъер къайи сверизабизе бегьула гьезул лъикӏаб тӏалаб бугел Турциялдехун, гӏарабазул пачалихъаздехун.
— Гьединаб рес гӏумруялде бахъинабизе ккани, щиб гьабизе кколеб?
— Нилъер гӏадамал хӏакъикъаталдаги руго бажари бугел, хӏалтӏизе бокьулел ва лъалел, бокьараб захӏмалъиялдаса нух батизе кӏолел. Гӏарабазул «Хӏаракат-баракат» аби бугин ккола хас гьабун нилъее ургъараб, гьеб кутакалда рекъола нилъер рукӏа-рахъиналда, гӏадат-гӏамалалда. Хисараб ахӏвалхӏалалда сон рукӏахъе нилъ чӏани, сундулниги хӏисаб гьабичӏони, сундаго тӏад ургъичӏони, хӏакъаб жо, хӏасилалги рукӏина гьединалго. Нилъ дагьалниги рагъа-рачарани, бихьизабуни нилъер хасият-бажари, жигараб куцалда тӏаде лъугьани, лъикӏаб хӏалбихьигун рорчӏизе руго гьаб хӏалалдаса, тӏуразе руго киналго суалал. Нижецаги гьабулеб буго гӏураб хӏалтӏи. Масала, нижер хӏалтӏул цо бутӏалъун ккола туризм. Гӏарабазулгун (Сагӏудия, Бахӏрейн, Эмиратал, Оман) руго гӏемерал планал, гьаруна къотӏи-къаял.
Гьез цӏидасан жидеего рагьулеб буго Дагъистан, гьел тамашалъизарун руго нилъер тӏабигӏаталъ, рагьарал ва гьалбал хириял гӏадамаз ва гӏемераб цогидалъги. Гьел рачӏуна гьанире, хӏисаб гьабула киналъулго, гьезда гьоркьор руго нилъер гьаниб туризм цебетӏеялъе инвестициял хӏалтӏизаризе хӏадуралги.
Гӏабаш Гӏабашилов