Гьал къоязда Казбек районалъул Гуни росдал школалъул коллективгун дандчӏвана республикаялъул Бетӏерасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель Зикрула Ильясов ва гьелъулго членал, РАНалъул ДФИЦалъул мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб цӏех-рех гьабиялъул централъул нухмалъулев Ахӏмад Муртазагӏалиевгун Махӏачхъалаялъул «Возрождение» школалъул директор Мухӏамадхӏабиб Халидов.
Киса-кибего бараб гӏаздаца хъахӏ гьабун букӏана гьеб къоялъ Казбек район. Квачалъ гӏунизарурал гьалбадерил ракӏазулъе бачӏинахъего хинлъи речӏчӏизабуна школалъул цӏалдохъабаз. Гьалбал жанире лъугьарабго, байбихьана гьез кьурдизе ва жидерго гьунарал рихьизаризе. Дандчӏвай нухда бачуней йикӏарай школалъул ингилис мацӏалъул мугӏалим Бали Дадаевалъ рагӏи кьуна Зикрула Ильясовасе. Гьес баркала загьир гьабуна гьава-бакъалъухъ балагьичӏого, квач-цӏороялдаса хӏинкъичӏого заманги батун тадбиралда гӏахьаллъизе цадахъ рачӏарал ишцоязе.
— Баркала кьезе бокьун буго нижер хӏурматги гьабун гьаб тадбир тӏобитӏизе ракӏалде ккараб Гуни росдал школалъул коллективалъе. Гьаниве жаниве лъугьиндал, ракӏалде щвана лъимерлъи, сундулго ургъел гьечӏеб аваданаб заман, эбел-эмен. Заман хехаб гӏор гӏадин унеб букӏуна. Гьединлъидал нужеца хӏаракат бахъизе ккола щибаб лахӏзаталдаса пайда босизе, лъай тӏалаб гьабизе. Гуниял кидаго рукӏана ва руго гьабулеб квердухъ билълъарал, бажари-гьунар бугел. Гьаниб церерахъиназда бихьана, нужеда гьоркьорги руго гьединал. Гьелдаго цадахъ нилъ рукӏине ккола рижараб росу-ракьалъе ритӏухъаллъун, гӏадат-гӏамалалъе, Ватӏаналъе хилиплъулареллъун. Ахираб заманалда Украинаялда лъугьа-бахъунебги бихьулеб батила нужеда. Гьениб Западалъул политикаялъ къосинарурал гӏадамаз жидерго улка кӏалагъоркье чӏвазабулеб буго. Гьединаллъун рукӏинчӏого рукӏине ккани хӏаракат бахъизе ккола школалда лъикӏ цӏализе, рукӏине ккола захӏмат бокьулеллъун, — ан абуна З. Ильясовас.
Хадув кӏалъазе вахъарав «Возрождение» школалъул директор Мухӏамадхӏабиб Халидовасги лъикӏаб къимат кьуна лъималазул церерахъиназе.
— Дун хӏайран гьавуна нужер кьурдуцаги кучӏдузги. Гьаниве вачӏунелъул щибго щаклъи букӏинчӏо нуж гьединал гьунар бугел ратиялда. Щайгурелъул нужер гьаниса машгьурал гӏадамал гӏемер рахъиндалха. Гьезул цояв ккола политикиявгун жамгӏияв хӏаракатчи Зикрула Ильясовги. Бадибе рецц гьабизе рекъараб букӏунаро, амма абичӏого ресги гьечӏо. Гьев вуго нилъее сундулъго мисал. Дие бо кьилаан гӏагараб заманалда нуж хӏалбихьи бикьизеги цоцазе хӏалтӏул балъголъаби рагьизеги нижехъе, Махӏачхъалаялде, гьоболлъухъ рачӏани. Гьал къоязда «Возрождениялда» Санкт-Петербургалдаса гӏалимзабиги рачӏун тӏоритӏизе руго семинарал. Гьезда гӏахьаллъизеги ахӏула дица нуж, — ан абуна гьес.
Ахӏмад Муртазагӏалиевас бицана рахьдал мацӏалъул, гьеб кӏочон тани миллат билулеблъиялъул, гьелъул маданият, рухӏияб бечелъи тӏагӏунеблъиялъул хӏакъалъулъ.
— Умумуз ирсалъе аманат гьабун тараб гьеб хазина нилъеца жакъа цӏуничӏони, метер кватӏун букӏине буго. Гӏурус мацӏги къваригӏуна, гьебги лъазе ккола, амма нилъерабгоги кӏочон гуребха. Лъимал, нуж цоцада гаргаде магӏарул мацӏалда, учительзабазги хӏаракат бахъе цӏикӏкӏун гьеб хӏалтӏизабизе. Ахӏмакъал директорзаби сабаблъун шагьаразул цо-цо школазда миллиял мацӏазде кӏвар кьолеб гьечӏо, цо-цоязда гьел малъулелцин гьечӏо. Районазда гьединаб ахӏвал-хӏал батиларо. Амма гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи нахъе ккезе тезе бегьуларо. Жакъа ниж Гуниялде рачӏана Зикрула Ильясовгун цадахъ. Гьес ахӏараб бакӏалде къватӏире рахъине щвей ккола Со веталъул членазеги, гьединго гьал магъзабазеги чӏухӏилъун. Цӏакъ бо кьана нужер хинаб гьимиги хӏеренаб кӏалъайги. Баркала тӏадегӏанаб да ражаялда къабул гьаруралъухъ, — ан абуна А. Муртазагӏалиевас. Хадур цӏалдохъабаз гьалбадерие кьуна суалалги. Заман тӏад буссунеб гьоколъун букӏарабани кинаб гӏуж тӏаса бищизе букӏарабин, абураб суалалъе гьадинаб жаваб гьабуна гьес:
— Тӏаса бищилаан гьаб школалда цӏалулеб мех, ургъалабазул гьир тӏад гьечӏеб бищунго талихӏаб лъимерлъиялъул гӏуж. Хадуб Хасавюрталда сельхозтехникумалда, Москваялда академиялда, Махӏачхъалаялда Университеталда цӏалулеб студентлъун вугеб заман. Лъимал гьарураб, эменлъун вахъараб мехги ккола бищунго рохалилал лахӏзатазул цояблъун.
Бицана гьес дагьаб цебе «Возрождение» школалда букӏараб гьединабго дандчӏваялъул хӏакъалъулъги. Баркала загьир гьабуна тадбиралъул хӏаракатчагӏазе, школалъул коллективалъе ва гьелда гӏахьаллъизе рачӏаразе.
Ахиралда киналго щвана школалъул музеялдеги. Гьенир цӏунун ругел къиматал тӏагӏалабазул, экспонатазул бицана тарихалъулгун физикаялъул мугӏалимзаби Мажид Мажидовас ва Сайрудин Нургӏалиевас.
Темирхан Хӏасанов