14 марталда Россиялда Инстаграм къаялъ рахӏатхун лъугьана блогерал, бизнесменал, шоу-бизнесалъул гӏадамал. Социалиял гьинал къай гуреб тӏокӏаб кӏудияб гӏузру дунялалда гьечӏеб кинниги гьеб гьукъиялдаса рорчӏизе ресал ратана гӏемерисезда. VPN абураб программаялъул кумекалдалъун, Россия гуреб цогидаб батӏияб улкаялда гӏумру гьабулеб бугин хъвани хӏалтӏулеб буго Инстаграм. Нилъер ракьцоязеги гьеб социалияб гьин букӏана магӏишат гьабизе, чед балагьизе рес кьолеб бакӏлъун. Гьелъул кумекалдалъун гӏадамаз даран-базар ва реклама гьабулаан, батӏи-батӏияб лъай щвезабулаан, унтаразе, пакъиразе кумекалъе гӏарац бакӏарулаан, дин тӏибитӏизабулаан, динияб лъай щвезабулаан, жидерго махщел-гьунар халкъалда бихьизабулаан.

Роскомнадзоралъ улкаялдаго Инстаграм ва Фейсбук къаялъе гӏилла щиб? Гьездаго хадуб Вотсапги къазе рес бугищ?

Батӏи-батӏиял ресал ратун гьел гьинал хӏалтӏизарулезде гӏакӏаби къотӏизе яги тамихӏалде цӏазе рагӏулин харбал тӏиритӏизарулел руго. Россиялда гьукъарал социали ял гьиназда гьарулел кинал ишазухъ тамихӏалде цӏазе рес бугеб?

Нилъер улкаялда Инстаграм гьукъиялъе гӏиллалъун ккана Фейсбук, Инстаграм социалиял гьиназул ва Вотсапалъул бетӏергьанлъун кко леб Meta компаниялъ россиялъула зе ва нилъер аскариязе зулму-хӏал гьабизе гӏадамал ахӏулел лъазабиял хъвазе ва тӏиритӏизаризе цо-цо ул кабаздаса гӏадамазе ихтияр кьей. Гьелъул хӏасилалда Россиялъул Ге нералияб прокуратураялъ гьел соци алиял гьинал улкаялдаго гьукъизе ва гьел экстремизмалъулал гьиналлъун рикӏкӏине тӏалаб гьабуна. Гьелда тӏасан РФялъул СКалъ уголовнияб дело рагьана. Роскомнадзоралъул баяназда рекъон, Россиялда Фейсбук къаялъе гӏиллаги букӏана гьеб гьиналъ пачалихъалъул СМИязул аккаунтазул хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизаби.

Россиялда гьукъарал Фейсбук ва Инстаграм социалиял гьиназдаса пайда босулезул къадар дагьаб букӏинчӏо нилъер улкаялда. 2021соналъул статистикаялъул баяназда рекъон, дунялалдаго кӏиго миллиард гӏанасев чияспайда босулаан Инстаграмалдаса, Россиялдаян абуни – 61 миллион чияс.

Дунялалъулго гӏадамазулгун бухьен гьабизе рес букӏарал социалиял гьинал къаниги, гьезул бакӏалда хӏалтӏизаризе бегьулел, гьездасанахъе ккечӏеб даражаялъул социалиял гьинал ругин Россиялъулин абулеб буго экспертаз. Гьел ккола Вконтакте, Одноклассники, Теле грамм, ЯRUS (Инстаграм,Ютуб ва Фейсбук хисизе кӏолеб Россиялда гӏуцӏараб социалияб гьин).

Инстаграм хӏалтӏизабуралъухъ тамихӏ гьабулищ?

Батӏи-батӏиял ресал ратун Инстаграм хӏалтӏизабулел тамихӏалде цӏазе ругищали мухӏкан гьабун гьечӏо. Буго Инстаграм ва Фейсбук къазе Генпрокуратураялъ Роскомнадзоралдаса гьабураб тӏалаб. Гьел социалиял гьинал экстремизмалъулаллъун рикӏкӏани, тамихӏалде цӏазе рес буго гьениб кинабгӏаги ре клама лъолеб бугоницин. Гӏадатияб бизнесалъул рекламаялъе гӏоло букӏаницин, Россиялда экстремизмалъулаблъун рикӏкӏунеб гьиналде рехараб гӏарацги экстремизмалъе гьабураб кумеклъун рикӏкӏунеб буго. Нилъер улкаялъул законазда рекъ он (283.2 УК РФ), экстремизмалъе кумек гьабулезда 300-700 азарго гъурущ гӏакӏа къотӏизе яги микьго соналде щвезегӏан эркенлъиялдаса махӏрум гьаризе рес буго.

ТАССалъул баяназда рекъон, РФялъул Жамгӏияб палатаялъул вакил, хӏинкъи гьечӏеб интерне талъул Лигаялъул директор Ека терина Мизулиналъ абулеб буго: «Россиялъулаз Инстаграм, Фейсбук хӏалтӏизаруралъухъ бихьизабураб тамихӏ гьечӏо жеги. Нагагь судалъ Meta экстремизмалъулаб гӏуцӏилъун рикӏкӏани, Фейсбук ва Инстаграм гуребги, Вотсапги къазе рес буго», ян.

«Московский комсомолец» газеталда бахъараб макъалаялда адвокат Дмитрий Аграновскияс хъва леб буго: «Дир хӏисабалда, Meta компаниялъул вакилзабазул пиша ялъулъ халкъазда гьоркьоб дагӏба- рагӏи багъаризабиялъул ишал руго. Гьеб компания экстремизмалъулаб гӏуцӏилъун рикӏкӏани, дица, адвокат хӏисабалда, лъиего лъикӏаблъун бихьизабуларо гьелъул социалиял гьи назда хъвай-хъвагӏаял гьаризе. Жеги лъикӏ букӏина гьениса нужерго акка унтал нахъе рацӏцӏинеги», — ян.

Гӏадамал васвасдизе тӏамулел руго

Медиа-юристазул коллегиялъул нухмалъулев Федор Кравченкоца лъазабуна:

«Россиялда VPN программаялда са пайдаги босун, улкаялда гьукъ арал Интернет-сурсатазухъ рала гьаразе кинабгӏаги жавабчилъи, тамихӏ бихьизабун гьечӏо. Гьединаб жавабчилъи тӏалаб гьабула Интерне талде «нух рагьулел», амма гьукъа рал сурсатазде нух къаларел бухье налъулал оператораздаса. Рес буго гьукъараб ва гьересияб информация тӏибитӏизабулел сайтазул ва цо-цо аккаунтазул хважаинзабазе экстре мизмалъухъ тамихӏ гьабизе», — ян.

Украинаялда хасаб операция тӏобитӏизе байбихьаралдаса на хъе социалиял гьиназдасаги батӏи- батӏиял сайтаздасаги нилъер аскариязул ва спецоперациялъул хӏакъалъулъ гьересиял информа циял тӏиритӏизаризе байбихьана. Гӏадамазул психикаялъе зарал гьа булел, тӏадецуй цӏикӏкӏарал видеороликал тӏиритӏизарулел рукӏана гӏемерисел социалиял гьиназдасан. Хӏатта Ютубалда лъималазе рихьизе лъурал мультфильмаздагицин гьоркьоб речӏчӏизабулаан Украи наялда ругел Россиялъул солдатал лъукъун ругин, хун ругин абурал чӏахӏиязулгицин рекӏелъе хӏинкъи рехизабулел видеороликал. Роском надзоралъ гӏемерисел гьединал ро ликал гьукъана, амма батӏи-батӏиял фильмазул сайтаздаги гьединал рекламаби камулел гьечӏо. Гьединго Google и «Яндекс» системабазда щибгӏаги цӏехолелъулги гьоркьор речӏчӏулел руго гьересиял харбал (фейк). Жакъа нилъер республикаялдаги гӏемер дандчӏвалел руго гӏадатиял гӏадамал васвасдизе тӏамулел, пача лихъалде данде гӏадамал гьусулел цо-цо блогерал, жамгӏиятчагӏи. Ба гьанаги щун, Россия какизе ва нуж лагъзал ругин гӏадатияб халкъалде рогьо базе лъугьана кидаялиго улка ялдаса къватӏисел пачалихъазде го чарал яги лъутарал цо-цоялги.

Нилъго ургъизе ккола

Интернеталда тӏибитӏизабулеб щибаб хабаралда божизе бегьунгутӏиялъул ва Украинаял да тӏобитӏулеб спецоперациялъул хӏакъалъулъги, пикру загьир гьабун, хитӏаб гьабун букӏана ДРялъул муф тияталъул председатель Мухӏамад Майрановас. Гьес абулеб буго нилъерго улкаялъул рахъги ккве зе кколин, ургъунго цо-цо гӏадамаз тӏиритӏизарулел гьересиял харбазда божизеги бегьуларин абун.

«Жакъа Украинаялда тӏобитӏулеб буго спецоперация. Гьеб буго нилъер улкаялъе бугеб хӏинкъиялдаса цӏунизелъун рес къотӏиялъ, чара гьечӏолъиялъ гьабизе ккараб иш», — ан абуна Майрановас.

«Ахираб заманалда бакътӏерхьул улкабаз Интернеталъул кумекал далъун дунялалдаго тӏибитӏизабизе хӏаракат бахъулеб буго Россиялъул хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб пикру. Россия квешаблъун бихьизабизе яхӏ бахъулеб буго. Тӏиритӏизарулел бокьа-бокьарал харбазда божичӏого, нилъго ургъизе ккола.

Нилъеца гьеб суалалъул рахъ ккола (спецоперация), щайгурелъул нилъее къваригӏун гьечӏелъул метер нилъер ракьалда нилъерго харабиги, лъималги, руччабиги чӏвазе. Нилъеда гьоркьор раккулел руго гьеб нилъер иш гурин, нилъер кьал, къец гурин абулелги. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда нилъер улкаялде кӏанцӏараз нилъер динги миллатги цӏехолебищ букӏараб? Щай ва лъие къваригӏараб гьал жанисел рикьалаби гӏуцӏи, гӏодоре риччан нилъерго дин гьабизе ресги букӏаго. Россиялда гӏумру гьабизе бокьичӏел гьанир хӏалица чӏезарунги гьечӏелъул.

Цо-цояз абулеб буго Россиялъ Украинаялда тӏобитӏулеб спецопе рация исламалда рекъараб гьечӏин. Нилъеда лъала Мухӏаммад ава раг (с.гӏ.в.) тӏоцеве Мадинаялде гочараб мехалда, ярагъ къватӏибе бахъизе ихтияр кьун тӏоцересел аятал рещтӏиндал, жалго цӏунизе ярагъ къватӏибе бахъараблъи ги. Гьебго заманалда, жидедаса хӏинкъи бугел къавмазде гьужу малги гьарун рукӏана. Гьеб гьужум гьабун букӏинечӏебани тушман тӏаде кӏанцӏун цӏикӏкӏун чи гъуризе рес букӏаралъул гьезул. Гьелъулги хӏисаб гьабизе ккола. Нилъ гӏабдалзабазул рехьедлъун гьабизе хӏаракат бахъулеб буго бакътӏерхьул улкабаз. Ва гьеб информациялъулаб рагъда нилъерго улкаялда, нилъ ерго Ватӏаналда данде рахъинаризе хӏаракат гьабулеб буго гьез», — ан лъазабуна ДРялъул муфтияталъул председателас.

Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА