Цӏакъ лъикӏаб иш гьабуна газеталъул редколлегиялъ щибаб магӏарул районазул гъваридго бициналде цӏикӏкӏун кӏвар кьеялдалъун. Гьелъ нижер жавабчилъиги цӏикӏкӏана, росабазул гӏумру рагьизе ресги кьола. Балъго гьабун щай, жибго гьитӏинаб бугониги гьунарал гӏемераб, гӏадат-гӏамал берцинаб Чӏарада районалъул гӏумруялъул гъираялда бицуна дица.
Гӏадатлъун лъугьарал ва календаралъул байрамал цо гьоркьор риччачӏого тӏоритӏиялдеги цӏакъ кӏвар кьола чӏарадисез. Исанаги рукӏана «Жея, васал», «Жея, ясал» абун къецал, Ватӏан цӏунулезул къо, руччабазул байрам, рахьдал мацӏалъул къо кӏодо гьабун гӏуцӏарал тадбирал. Щибалъул батӏа-батӏаго бицине мустахӏикъаб бугониги, гьезул бицун халат гьабиларо. Гьаб нухалда бицина гьеб районалъул цо росулъ тӏобитӏулеб, умумузул заманалдаса нахъего цӏунараб байрамалъул хӏакъалъулъ.
«Ихги чӏун гьечӏо, кьинги рагьдаго буго, росу къватӏибе бахъун гьабулеб байрамго кинаб, гӏазда бакараб цӏадул магӏна щиб?» — гьадинал суалал рукӏана дир Чӏарада районалъул Лъалухъ тӏобитӏулеб тадбиралде щведал.
«ГӏУРХЬО БАЙ»
Гьединаб байрам буго их гӏагарлъулеб букӏиналъул гӏаламатин абун бицана лъалухъез.
Гьанибго дагьаб гӏатӏидаб баян кьезин, къого цӏаракиялде бакӏарун гьитӏинлъараб росдал, гьениб цӏунараб некӏсияб гӏадаталъул хӏакъалъулъ.
Районалъул централдаса 16 километралъ рикӏкӏад, къаралазул рахъалда бугеб Лъалухъ росу уна Гьачада росдал администрациялде гьоркьобе.
Эхедераялъул свераби гӏемераб нух лъугӏун тӏаде рахиндал батула бакъуе рагьараб расалъуда кьучӏ лъураб Лъалухъ.
Кваранаб рахъалда — чилулеб лъар, квегӏихъе — рохьаз рацарал мугӏрул, дандбитӏун — гӏатӏидаб гӏурдаллъи. Щибаб цӏияб бакӏалде щведал, асир гьарула нилъер тӏабигӏаталъ. Иргадазухъе кьуниги тӏамур бачине лъаларев, бакъан биччаларев чиги вукӏунаро Лъалухъилан абула чӏарадисез. Гьединаб бакӏалда Шагьав Гӏабдурахӏманов гӏадал гьунарчагӏи гӏеялдаги гӏажаиблъиларо. Бицен буго, гьезул ракьалда цо ицц бугила, гьениса лъим гьекъарав чиясулъ кочӏое гьунар бижулеб. Цӏех-рех гьабидал лъана, жамгӏиял гьиназда машгьураб «AVAR_XAXA» абураб цӏаралда гъоркь магӏарул мацӏалъ кополал видео-клипал гьарулев Шапигӏ Исмагӏиловги Лъалухъа вукӏин. Лъел балъголъи тасдикъ гьабиларо, амма гьунаралги гьенир гӏемерал руго, Чӏарада мухъалда цоги росулъ гьечӏеб «Гӏурхьо бай» гӏадатги буго цӏунун. Къиматаб буго лъалухъезе гьеб гӏадат, райцентралдаса, шагьаралдаса рахъунцин рачӏунел руго гьенир гӏахьаллъизе.
ТӏИНАЛ ВАСАЛ КӏУДАЛ ГӏЕГИ
Хасалихъего байбихьула гьез их гӏагарлъиялъул байрамалде хӏадурлъизе.
Хаселалъ гӏи-боцӏуй хер балаго батӏа гьабураб гӏучӏ-мичӏилалъул рател гьабула руччабаз. Улбуздаса нахъе ккечӏого, магъилъа хъачӏаб рагӏи-херги бакӏарун, регьел щолареб бакӏалда тӏупун къачӏала лъималаз. Гьеб ишалъул бищунго кӏудияб жавабчилъиги букӏуна жеги балугълъичӏел васазда тӏад.
Росулъ гӏадамал гӏемераб заманалда щибаб авалалъул васаз жиде-жидерго «гӏурхьо» балаан. Цӏадул габур борхатго лъугьарал бергьараллъунги рикӏкӏунаан. Байрамалъул къо тӏаде щолаго, гӏолохъабаз рохьоса къотӏун, кӏудияб гъветӏ эхетула цӏа бакизе бихьизабураб хасаб бакӏалда. Тӏаде къо щведал росу бакьулъ тӏохдеги вахун гӏелас ахӏи бала гӏурхьо балеб къо тӏаде щванилан. «Ле, жамагӏат, гӏенехьия! Къутӏире рахе гӏурхьо базе! Гӏучӏги гьой, къутӏире раха, хехго!» Къвалакь, мугъалда гӏучӏмучӏалъул гулалгун росдал магъил гӏатӏилъухъе гӏедегӏула руччабиги лъималги. Щулаго ракьулъ рекъезабураб гъотӏода тӏад тӏупула тӏолабго цӏатари. Лъагӏалида жаниб вас гьавунщинаб рукъалде цӏар рехсон ахӏи бала гӏисинал васаз гӏурхьо балеб бакӏалдеги рахун: «Расулил Гӏабдурахӏимил гӏурхьоде гӏучӏ гьве, Гӏумарил Мухӏамадил гӏучӏ гьве (босе)». Нагагь гӏучӏ бачӏинчӏони, «гьанибе босичӏони гьоробго бухӏаги» абун гьеб рукъалде махсарадул хьамиги бала васаз. Лъималазул гьаракь рагӏарабго, мугъалда гулги бан, цӏи гьавурав васасул эбел гӏедегӏула гӏурхьо балеб бакӏалде.
Маркӏачӏул гӏуж щвелалде кинабго гӏучӏ-мичӏил, гъотӏол тӏараде щвезегӏан сокӏкӏун, бухьун рекъезабула.
Хӏадурараб гӏариялда цӏа гъелалде, гӏадлу-низам цӏуниялъе жавабияв чиги вищула. Гьес изну кьурабго, цӏаги гъола. Цӏадуда сверухъ лъугьун низам хвезабулезда щвезабулеб, цебе гургинаб бетӏерги бугеб, хасаб гӏачӏ-тӏилги букӏуна гӏадлучиясул.
Гӏурхьо балеб бакӏалда лъугьабахъунелъухъ жидерго тӏохаздаса, азбараздаса халгьабун, «цӏадуца гӏучӏ-мичӏил бухӏараб гӏадин бухӏаги кинабго къварилъи-захӏмат, унтащокълъи» абун гьарулеб жамагӏатги букӏуна.
Цӏадул мацӏ хӏенхӏазде сверидал, васазул къокъа гочуна, цереккунго чӏахӏиял ракӏарараб, росдал годекӏанире.
Росдал хӏурматиял гӏадамазул тӏалабалда рекъон гьениб васаз бихьизабизе ккола кечӏ ахӏизе, тӏамур бачине ва цогидалъе бугеб жидерго гьунар.
Гьунарчагӏазе кьезе сайгъаталги хӏадурун рукӏуна чӏахӏияз. Гьелдаса хадуб лъималазе ихтияр кьола жидерго байрам бокьухъе бачине. Гӏурхьо баялъул буго гӏасрабаз цӏунараб хасаб гӏуцӏи, гьелъул низамги цӏунула кигӏан гӏисиналги гӏахьалчагӏаз. Годекӏаниса бахъун васазул ихтилат гочуна цебеккунго хӏисабалде босараб бакӏалде.
Гӏипуда, парчуда, аряруда, гӏеруда,
Гӏей, гьей!!
Гӏисинхӏамул чӏахӏалъаги,
Чӏахӏахӏамул гьарзалъаги,
Гъоркьияб рукъ тӏатӏул цӏеги,
Тӏасияб рукъ гьанал цӏеги.
Хьалбаз магӏал тӏезареги,
Тӏинал васал кӏудал гӏеги.
Цӏогьорасул чехь унтаги,
Кӏвахӏаласул рукъ биххаги.
Тӏармидаса хъуштӏугеги,
Хъорщодаса таругеги.
Я ратӏа, я бох кье!
Гьадин махсаро-хочӏалда, гьара-рахьиялъул кучӏдулги ахӏулаго, кодор кьер-кьерал таргьабигун, дагьаб чӏахӏияб гӏелалъул васал щола росдал щибаб рукъалъул кӏалтӏе. Рукъалъул хважаинзабазулги изну букӏуна нужерго гьунар бихьун кьела сайгъат-ин абун гьездаса кьурдикечӏ тӏалаб гьабизе.
Росу сверун сайгъаталги ракӏарун васал тӏадруссуна жидерго гӏисинал гьалмагъзаби тараб бакӏалде. Таргьабахъе банщинаб нигӏматги цебе тӏибитӏун унго-унгояб аваданлъи, тепси- сухӏмат гьабула васаз. Гьеб тепси-сурпаялдаги хъваравуллъуда букӏуна гӏурхьо баялъул жавабиясул «гӏачӏ», гӏадлу хвезабулесда хъубухъун щола гьеб.
Кванан нахъе хутӏарал нигӏматал бащадго цоцазда гьоркьорги рикьун, сордо бащалъидал рокъо-рокъоре руссуна васал. Лъималазул ихтилаткепин абун тӏалаб гьечӏого толаро чӏахӏияз гӏурхьо бай.
Нахъисеб къоялъ бихьинал ракӏарула годекӏанире, гьениб кьола къимат сонисеб сордо-къоялъе.
ХАДУРАГӏИ
Кигӏан гьитӏинабги росулъ культураялъул идара бугони, гьениб чӏаголъи камуларо.
Ахираб 15 соналъ росдал байрамал, тадбирал гӏуцӏиялъе хӏаракат бахъула культураялъул хӏалтӏухъан Мухӏамадрасул Гӏабдурахӏмановас.
Цоги, цӏакъ лъикӏаб, щибаб районалъ, росдаца мисал босизе мустахӏикъаб гӏадат буго Чӏарада районалда. Районалъул нухмалъулел, жамгӏиял гӏуцӏабазул церехъаби щола цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазухъе, баркала кьола гьез районалъул гӏумру берцинлъиялъе, бечелъиялъе лъураб бутӏаялъухъ. Гьеб мурадгун дагьалъ цере Лъалухъе Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Камал Гӏумаровасухъе щун рукӏана районалъул нухмалъулел.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА