«Дагъистаналъул правда» газеталъул конференц-залалда тӏобитӏараб данделъиялда бицана базараздагун тукабазда багьабазда сверухъ гьечӏеб низамалъул, предпринимателазул хӏалтӏул хаслъабазул ва гьезие, лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, пачалихъалъ гьабизе бугеб кумекалъул хӏакъалъулъ. Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халиловги регионалъул даран-базаралъул сетазул вакилзабиги.

Февралалъул ахиралдаса байбихьун къойидаса къойиде кинабго хиралъулеб буго. Гьелъие ккараб гӏиллаги киназдаго лъала.

— Нижеца щибаб къоялъ мониторинг гьабула багьабазул ва базараздагун тукабазда бугеб къайиялъул, гьоркьоса къотӏи гьечӏеб бухьен букӏуна предпринимателазулгун. Кинабго хиралъулеб буго, хасго къватӏисел улкабаздаса бачӏараб къайи, амма ахӏвал-хӏал цӏакъго хӏалуцинабулеб буго жалго гӏадамаз. Цояз базараздаса нигӏматал, салоназдаса машинаби, даран-базаралъул центраздаса техника, тӏагӏел-алат лъугӏизе бугин гьерсал тӏиритӏизарулел руго, цогидал гьеб киналдаго хадур рортулел руго. Мисалалъе, Россиялда кигӏанги бугеб чакаралда сверухъ бахъинабуна ахӏи-хӏур, гьечӏеб бакӏалда рахинаруна багьаби, — ян абуна Н. Халиловас.

Гьесул рагӏабазда рекъон, санкциял лъазарурал пачалихъаздаса бачӏунеб цо-цо продукция ва техника базараздаса лъугӏизе буго. Амма нилъеда гьеб хъинтӏизе гьечӏо. Россиялда гӏадамазе хӏажатаб кинабго гӏунги тӏокӏ бугин абуна министрас.

Низам Халиловас лъазабуна лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалдаса пайдаги босун, чунтби риццат гьарулел предпринимателазе кьварараб тамихӏ гьабизе бугилан.

— Гӏорхъолъа рорчӏун багьаби рахинариялъул хӏужаби ратани, кӏалъазе бегьула УФАСалде. Гьединал жавабчилъиялде цӏазе руго, — ян абуна промышленносталъулгун дармил министрас.

«Зеленое яблоко» супермаркетазул сеталъул директор Кизтанум Гӏалиевалъ бицана февралалъул ахиралда жидер тукаби гӏадамаз рацӏцӏад гьаризе байбихьанин ва гьелда бан цо-цо нигӏматазда сверухъ гӏорхъичӏваялцин чӏезаризе кканин.

— Коронавирусалъул пандемиялъул тӏоцебесеб карачел байбихьараб заманалдаго гӏадинаб ахӏвал-хӏал букӏана февралалъул ахиралдаги. Нахъраталиейинги абун гӏемераб къайи унеб букӏана гӏадамаз босун. Щивго ургъулев вукӏинчӏо цебесеб нухалъго гӏадин гьеб хвезе бегьулеблъиялда тӏад. Кванил нигӏматазул рахъалъ дефицит гьечӏеблъи бичӏчӏизе ккола халкъалда. Гьеб мехалъ кӏвезе буго багьабазда сверухъги низам чӏезабизе. «Зеленое яблоко» супермеркетазулаб сеталъ багьаби чӏезарула базаралъул хӏисаб гьабун. Нижго лъикӏал лъугьун багьаби рахинаризе нижеда кӏоларо. Гьединаб къагӏидаялда хӏалтӏулел ругони, тӏоцебесеб иргаялда, жавабиял идарабаз тамихӏалде цӏала, кӏиабизе, клиентазда рихуна», — ян абуна К. Гӏалиевалъ.

Гьединабго магӏнаялъул кӏалъай гьабуна «Эхнатон» супермаркетазул директорасул заместитель Гӏумар Мухӏудиновасги. Гьес абуна даран-базаралда аслияв чи клиент вугила, ва жидер мурад гьесие учузго къайи бичиги кколила.

— Нижеца жакъа тукабазда багьаби рахинарулел ругони, метер къайи лъие бичизе бугеб? Гӏадамал учузаб балагьун цогидал бакӏазде инарищ? Нижеда гьоркьобги къец букӏунелъул. Гьединлъидал тукабазул хважаинзабаз ургъунго багьаби рахинарулин абураб жоялда нуж божуге, — ян абуна гьес.

Данделъиялдаса хадуб ниж щвана цо-цо тукабазде ва хал-шал гьабуна гьенир ругел багьабазухъ. Пуланаб тукада нижеда «Дарман» продукция цӏакъго хира гьабун батана. Мисалалъе, цебе 85 гъурщиде букӏараб цо литр жанибе унеб рахьдал шишаялъул багьа бугоан 110 гъурщиде бахун. Гьебсагӏатго ахӏана рехсараб продукция къватӏибе биччалеб «Гъизлярагрокомплекс» компаниялде. Гьелъул экономист Заира Хӏажимухӏамадовалъ гьадин бицана:

— Гьоркьохъеб къагӏидаялда босани, нижер продукция хиралъана ичӏго-анцӏго проценталъ. Нужеца рехсолеб тукада гьеб 110 гъурщиде щай бичулеб бугебали лъаларо ва гьелъул жаваб нижеца кьезе кколаро. Багьабазда сверухъ хӏалтӏи гьабулеб идара цоги буго.

— Рахь-хӏан ккола Дагъистаналда хьихьулеб боцӏуца кьолел нигӏматал. Щай гьел цо-кӏиго гуреб, ичӏго проценталъ хиралъизе кколел?

— Рахь жанибе тӏолеб шиша нижее гьабула къватӏисел улкабаздаса бачӏунеб кагътил. Гьеб гӏезегӏан хиралъун буго. Кагъат Россиялда гӏемер буго, амма рахь жанибе тӏун гьеб чанго къоялъ цӏунун бажарулеб даражаялъул гьаниб букӏунаро. Хӏисаб гьабеха, офисалъулабин абулеб А3 форматалъул кагъат 400 проценталъ хиралъараб заманалда рахь жаниб цӏунулелъулги багьа бахинарищ. Нижее бокьун букӏинчӏо продукция хира гьабизе, амма лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ тӏамуна, — ян абуна «Гъизлярагрокомплекс» компаниялъул экономисталъ.

Гьединго ниж щвана урбеч гьабулеб «Дидо» предприятиялдеги дандчӏвана гьелъул нухмалъулей Загьра Гӏабдурахӏмановагун. Гьелъ бицана арахисалъул, миндалалъул ва парсцӏулакьодул гьабулеб урбеч дагьаб хиралъанин.

— Гьел нигӏматал нилъехъе рачӏуна къватӏисел улкабаздаса. Гъурщида данде доллар хиралъиялъ къватӏиса бачӏунеб киналъулго багьабиги «зодоре» рахунел руго. Щайила нужецагӏаги багьаби рахинарулел ругелин абун кӏалгьикъулелги ккола. Бичӏчӏизе ккола нижги базаралда рекъон хӏалтӏизе кколеллъи. Дагъистаналда рукӏунел нигӏматазул продукция нижеца жеги хира гьабичӏо. Амма багьаби цого бакӏалда чӏун хутӏиялда щаклъи буго.

Темирхан ХӏАСАНОВ