Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъул хӏалтӏухъабаз ккун вуго социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул рахъалъ гӏуцӏарал центразул вакилзаби.

Сакъаталги хералги гӏадамазе пачалихъалъ биччараб 620 миллионал- дасаги цӏикӏкӏараб гъурущ гьез жидеего тӏокӏ гьабиялда щаклъи буго цӏех-рехчагӏазул.

Гьелги ккола захӏматалъулгун социалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъул мурадалда гӏуцӏараб ДРялъул министерствоялъул цо хъулухъчи, гьединго Махӏачхъалаялда, Дербенталда, Казбек, Хьаргаби, Чӏарада, Гъизилюрт, Лак районазда ругел центразул хӏалтӏухъаби.

Гьеб гӏарац бикъун батун буго 2017-2018 соназда.

Цӏех-рехчагӏаз гьеб хӏужа тӏатинабун буго захӏматалъулгун социалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъул ДРялъул министрлъун вукӏарав Расул Ибрагьимовасда хурхун гӏуцӏараб уголовнияб делоялъул цӏех-рех гьабулаго.

Цӏиял харбал данде гьаруна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.