Махӏачхъалаялъул Советский районалъул судалъ гьабураб хӏукмуги мекъаблъун рикӏкӏун, ДРялъул Верховный судалъ цӏидасанги Шамил районалъул бетӏерлъун хӏалтӏизе изну кьуна Мухӏамад Хӏасановасе.

Исана лъагӏалил байбихьуда районалъул собраниялъул депутатаз гьев кӏиабилеб болжалалъги вищун вукӏана муниципалитеталъул бетӏерлъун. Амма Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъ байбихьараб цӏех-рехалда рекъон, Хӏасанов заманаялъ ватӏа гьавун вукӏана гьеб хъулухъалдаса.

Цӏех-рехчагӏазул щаклъи буго Хӏебда бугеб ракь (1300 кв.м.) гьес жиндие тӏокӏ гьабун букӏиналда.

«Молодёжь Дагестана» газеталъухъе щварал баяназда рекъон, гьеб рагӏула М. Хӏасанов районалъул бетӏерлъун ккезегӏан лъабго соналъ цебего букӏараб хӏужа. Гьединлъидал цӏех-рех гьабулез судалда бихьизабун гьечӏо гьабсагӏаталда хъулухъалда вукӏаго Хӏасановас гьеб цӏех-рехалъе квалквал гьабизе букӏиналъе рес кьолеб цониги далил.