«Хӏакъикъаталъул» цебесеб номералда бицун букӏана республикаялъул хьитазул устарзабазул Ассоциациялъул вакилзабигун ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов дандчӏваялъул хӏакъалъулъ.

Гьелъие гӏиллалъун ккана къватӏисел улкабаз Россиялъе лъазарурал санкциязул хӏасилалда нилъехъе бачӏунеб къайи дагьлъизехъин букӏинги. Гьединлъидал нилъерго гьаниб гьабун бажарулеб къайи къватӏибе биччазениги бигьалъаби гьареян ахӏи балеб буго цоцо махщелчагӏаз.

Гьединазул цояв ккола «ДОФалъул» (Дагестанская обувная фабрика) директор ва бетӏергьан Фейсал Гӏалишаев.

— Микьгониги сон буго «ДОФ» абураб брендгун нижецаго гьарурал хьитал Россиялъул регионаз- да гуребги, СНГялъул улкабаздаги ричулелдаса. Гьездаго релълъун, гьебго мугьруги чӏван, Китаялъ Казахстаналдецин рачӏун ратана гьел ричизе. Санкциял лъазариялдалъун гьоркьоб къотӏана къватӏисел улкабаздаса нижее бачӏунеб букӏараб къайи. Хьитал гьаризе къваригӏуна гьеб. Гьелда бан баккана цойги масъала. Чӏун хутӏун фабрикабигун, хӏалтӏудаса махӏрумлъизе бегьула гӏезегӏан гӏадамал. Дагъистаналда гьезул гӏаммаб къадар бахуна 10 азарго чиясде. Амма кигӏан нужее захӏмалъулеб бугониги, гьел чагӏи хӏалтӏудаса нахъе унгутӏиялъе ресал ратейин, импорт гьабун бачӏунеб гьеб къайиялда релълъараб къайи цоги бакӏалдасан балагьеян гьарана нижеда гъоб дандчӏваялда министр Низам Халиловас. Гьебго мурад нижерги буго. Амма кутакалда захӏматаб суал буго гьеб. Масала, Европаялдаса бачӏунеб букӏараб сырьё нижеца гьанже Турциялде яги нилъее санкциял лъечӏел цоги улкабаздеги бачӏинабун, босулеб буго. Гьелдаго цадахъ чанцӏулго бахинехъин буго гьелъул багьаги (50-80 проценталъ).

Министрас рагӏи кьуна лъагӏалие цо процентги гъоркь ккун, къарз хӏисабалда кьезе нижее пачалихъалъул гӏарац балагьизе.

Нижеца гьесда гьарулеб букӏана цо-цо налогаздасаги эркен гьареян. Амма гьеб федералияб даражаялъул суал кколин жаваб кьуна, — ян бицана «ДОФалъул» директор Фейсал Гӏалишаевас.