Миллиял мацӏал цӏуниялъеги гьел тӏагӏунгутӏиялъеги, лъималазда гьел кӏочонгутӏиялъеги ахираб заманалда гьабулеб бугеб кӏудияб хӏалтӏулъ хасаб бакӏ ккола Халкъиял театразги. Нилъер республикаялда буго гӏага-шагарго гьединаб 30 театр.

Ахираб заманалда кӏвар кьолеб буго гьенир гьарулел церерахъиназде, сценаялдасан умумузул гӏадаталги гӏамал-хасиятги рихьизариялде. Гьеб хӏалтӏи нухда бачунеб буго ДРялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул нухмалъулей Марита Мугадовалъ. «Миллиял мацӏал цӏуни — театразул бищун аслияб масъала ккола», — ян абула гьелъ кидаго.

Гьеб мурадалда дагьал церегӏан къоязда Лаваша районалъул Чӏугӏли росулъ тӏобитӏана Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиева гьаюралдаса 90 сон тӏубаялъул хӏурматалда «Фазу — Дагъистаналъул рекӏелъ» абураб театралияб фестиваль. Гьенир гӏахьаллъана Лаваша районалъул анлъго росулъа театралиял коллективал.

Гьединго, 23 марталда Избербаш шагьаралда, Гӏумарла Батирайил цӏаралда бугеб Даргиязул музыкалиябгун драмаялъул театралда тӏобитӏана лъималазе театралияб фестивальги. Гьенир гӏахьаллъана Бабаюрт, Гъаякент, Хасавюрт районаздаса ва Гъизляр, Избербаш шагьараздаса коллективал.

Гьез рихьизарурал Фазу Гӏалиевалъулги Расул Хӏамзатовасулги асараздаса гӏуцӏарал батӏи-батӏиял инсценировкабаз киназего кӏудияб асар гьабуна. Гьелдаго цадахъ Хунзахъ ва Унсоколо районазул Халкъиял театразда хӏадур гьарулел руго Р. Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб асаралъул кьучӏалда гӏуцӏарал театралиял постановкаби. Бищунго кӏвар кьезе кколеб жо буго гьел киналго постановкабазда гъорлъ гӏемерал гӏолилал гӏахьаллъулел рукӏин.

Тӏадехун рехсараб хӏалтӏул аслияб мурад буго умумузул гӏамалхасиятги гӏадаталги гӏолеб гӏелалда кӏочонгутӏи, рахьдал мацӏалда кӏалъай, гьел халкъияб творчествоялде гъорлъе рачин, лъикӏабги квешабги, батӏи-батӏиял лъугьабахъиназдалъун, сценаялдасан бихьизаби, жалго гӏураб ракьалде рокьи цӏикӏкӏинаби.

Мухӏамад ДУДУЕВ