22 марталда Авар театралда бихьизабуна «Росулъ ккараб кепаб иш» абураб спектаклялъул премьера. Пьесаялъул автор ккола хъвадарухъан Гӏарип Расулов, режиссер — ДРялъул мустахӏикъав артист Мухӏамадгӏарип Сурхатилов.
Жакъа дунялалда бугеб ахӏвалхӏалалъ киназулго рахӏат хвезабун бугониги, зал занкӏан цӏун букӏана комедиялъухъ балагьизе рачӏараз.
Спектаклялда бицунеб бугеб иш ккола магӏарул росулъ. Гьенир рорхун рукӏана кидаго кӏвар бугел хъизамалъулги, рокьулги, рукӏарахъиналъулги суалал.
Гӏолохъанал студентал Запирилги Мадихӏатилги рокьи ккун букӏуна цоцахъ. Амма Мадихӏатил эбелалъе бокьун букӏуна жиндирго яс рес бугев чиясе росасе кьезе. Ракӏалдаго гьечӏого, гьезухъе гьоболлъухъ рачӏуна шагьаралдаса гьалбал: эбелги васги. Кӏал бахьинай эбелалъги гьелъул «бабал Мухӏума» — васасги бицуна жидер гӏемер тукаби, квартира, машина, хирияб къайикъоно бугин шагьаралдайилан. Гьелда ракӏ бахиллъула Мадихӏатил эбел Гӏашурал.
Гьеб киналъго рахӏат хвезабула Запирил. Гьес цин гьезул машинадул гьакибурдул рахчула, хадуб, гьев «бахӏарав» тӏад вуссун иналъул мурадалда, полициялъуласул ретӏелги ретӏун, гьел ралагьизеги кумек гьабула. Спектаклялъул ахиралда, гьезда кӏола Гӏашура мукӏур гьайизе ва рокьи ккарал цолъула.
Актераз махщалида, балагьарал божиледухъ хӏана жидерго ролал. Спектаклялъул аслиял героял рукӏана театралъул гӏолохъанал артистал Амина Гӏабдулатӏипова ва Ибрагьим Муртазагӏалиев, ва гьединго ролал хӏана Разият Дибировалъ, Амантула Къебедовалъ, Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъовас, Мухӏамадрасул Гъазимухӏамадовас, Ахӏмад Кӏудиевас ва Наира Хӏабибулаевалъ.
Мухӏамад МАНАПОВ