Дагъистаналъул шагьаразда ва районазда тӏоритӏулел руго Донбасс ва Луганск халкъиял республикабазда гӏумру гьабун ругел гӏадамазе гурхӏел-рахӏмуялъул акциял.
Гьединаб акция тӏобитӏана Шамил районалдаги. Гьелъул хӏакъалъул гьадинаб баян кьуна райадминистрациялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Камил Мухӏамадовас:
— Дагьалъ цебе нижеца тӏобитӏана муниципалитеталъул идарабазул нухмалъулезулгун, бизнесменазулгун ва росабазул бегавулзабазулгун данделъи. Гьениб хӏукму гьабуна бюджетиял киналго хӏалтӏухъабазул цо хӏалтӏул къоялъул харж гурхӏел-рахӏмуялъул акциялде биччазе ва гьелъухъ росарал кванил нигӏматал Донбасс ва Луганск халкъиял республикабазда гӏумру гьабун ругел ва къварилъиялде ккарал гӏадамазе ритӏизе.
Бакӏарана 639 азарго гъурущ. Гьеб гӏарцухъ кванил нигӏматал росана ва ритӏана Украинаялде. Гьединго райбольницаялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловас ритӏана 47 азарго гъурщиде дарабиги.
Тӏадехун рехсараб данделъиялда хӏукму гьабуна, кватӏизе течӏого, районалда ретӏел-хьит бакӏариялъул акция тӏобитӏизе ва гьебги битӏизе къварилъиялда ругел чагӏазе.
Гурхӏел-рахӏмуялъулаб акция тӏобитӏулеб буго Хӏебда росулъ гӏумру гьабун вугев Гъоркьа Бакълъухъа Пашаев Мухӏамадица. Гьес жиндирго кафеялда чӏорого кваназарулел руго Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъулел рагъухъабазул гӏагарал чагӏи.
Мухӏамадил буго тӏагӏамаб квен хӏадурулеб, учузал багьаби ругеб, киданиги чӏобого хутӏулареб кафе. Гьес бицана гьел чагӏазул цо-цоял нечолел ругила чӏорого кваназе рачӏине, цогидал, хӏалица рази гьаризе кколел ругила кванихъ гӏарац кьечӏого тезе. Кваназе рачӏунезин абуни гьабулеб гӏаданлъиялъухъ Мухӏамадие баркала кьола ва жидер кумекалдасаги пайда босеян абула.
Тӏадехун рехсараб данделъиялда, киналго разилъун, къотӏи гьабуна районалда кванил нигӏматазул багьаби цӏакъго рахине риччангутӏизеги. Масала, цо моцӏрол болжалалда чадил багьа 25 гъурщидаса цӏикӏкӏине биччачӏого тезе, цогидал нигӏматазул багьабиги 13-18 процентазул гӏорхъода чӏезаризе.
Нури НУРИЕВ