Къокъабго заманалда жаниб улкаялда ккарал чӏахӏиял хиса-басияз асар гьабичӏев чи хутӏунго ватиларо. Макьил хӏалхьи, кванил тӏагӏам билараб заман буго гьаб дагъистаниязеги. Киналго пикрабалъ пирилъун багъулеб буго Донбассалъул ракьалда тӏибитӏараб кьалул гъугъай. Украинаялда миллатчилъиялъ тӏалъи босараб микьабго соналъ, Луган- скиялъулгун Донецкалъул республикабазда лъугьа-бахъунелъул нилъер гӏемерисез пикруго гьабулароан.
Россиялъул аскариязда гьоркьор Кавказалъул республикабаздасаги аза-азар гӏолохъаби руго миллатчагӏаздаса Украинаялъул ракь бацӏцӏад гьабулел. Гьел рагъулал лъугьа-бахъиназда цӏарги буго — Ватӏаналъул хӏинкъи гьечӏолъи цӏуни!
Магӏуялъ лъалъараб их щвана нилъей
«Лъие къваригӏараб рагъ гьаб», — илан ургъичӏого калам гьабулелги камуларо. Кинаб бугониги рагъ лъиего хӏажат букӏинаро, амма инсаният бижаралдаса нахъе дунялалда рагъалги рукӏана, камиялги ккана. Лъимерлъудаса нахъего васал бахӏарчилъиялъе куцалеб гӏадатги гӏададаго бижараб букӏинищха. «Дица вас рагъуй гуро гьавурав», ин щияй эбелалъ абиялдаги гӏайиб чӏвазе лъидаха кӏвелеб.
Щолел руго тӏаде, бахӏарчиго рагъулаго, васал камиялъул чӏегӏербарал харбалги. Нилъер кинабго дугӏаги гьариги бахӏарчиго рагъулел васазе буго жакъа. Магӏихъабиги гӏедегӏуларелани хӏукуматалъул политика, тӏадчагӏи какун кочӏол куплетал хъвазе.
Жеги захӏматаб, миллионал рагъда гъурулеб заманалда хӏикматаб бахӏарчилъи ва къохӏехьей бихьизабуна нилъер руччабаз.
«Такъия къотӏулеб къвакӏчармил хвалчен
Къотӏарабищ бетӏер гирманиясул?
Кьалул майданалда дуде хӏал ккани,
Хӏалае ячӏине дун хӏадур йиго» — Кӏудияб Ватӏанияб рагъул сонал, гьалараб лъеде хъат ханждалги бан рухӏ хвасар гьабурал умумул рукӏана нилъер. Дол, къотӏичӏого хутӏарал фашистазул бутӏруздаса лъугьарал наслабазул баракат гьечӏолъи тӏолабго дунялалъе щвана гьанже.
Нилъер-чияралъул гӏорхъаби рилун
Россия чӏунтизабизе Евросоюзги Америкаги лъугьараб гьаб заманалда мехталидаса ригьарал гӏадин лъугьана гӏемерав чи. Нилъер-чияралъул гӏорхъаби рилун, аслияб бихьичӏого, кьучӏ цӏехечӏого тӏадагьлъиялда рукӏана нилъ. Ватӏан бокьи, гьеб цебетӏезаби гӏадаб, тӏолазего гӏаммаб пикруялдаса рикӏкӏад гьаруна хъантӏиялъ, гӏей гьечӏолъиялъ. Ватӏаналда бикъараб ва чияр улкабазул банказда цӏунараб бечелъи цӏар-реццлъун лъугьун букӏана. Нилъер ватӏан — чохьол эбел, чияр улка — бесдал эбелин гӏадада абулареблъиялде ургъулел ратилароха, гъансал гӏарцуца цӏедал. Жидерго рукъалъул гурони, Донбассалъул халкъалъул, гьел хвасар гьаризе арал нилъер гӏолохъабазул рухӏелги гьезий букӏинищха.
Демократия, рагӏуе ва гӏамалалъе эркенлъи — гӏумруялъул кьочӏокье гьеб биччаялъ ругьунлъана нилъ бигьалъабазде, кӏвар гьечӏолъиялде. Аскӏобго бугеб, тӏад хӏур бетизе тараб, меседил къимат гьабизе лъачӏого, цӏвакизабураб чияр пахь берцин бихьиялде куцана нилъ дагь-дагьккун бакътӏерхьул улкабаз. Нилъерго ракьалъ кьолеб баракат лъалареб, чияр тӏабигӏат-гӏамал къабулал наслабиги гӏуна.
Инстаграм гьукъанин къварилъиларо
Бащдаб дунял цолъун цохӏо нилъер улкаялъе къойил гьарулел цӏи-цӏиял гӏорхъичӏваял — гьадинаб ахӏвал-хӏалалде цониги улка ккечӏо киданиги.
Бищунго гӏажаиблъана гьал кьварарал санкциязул заманалда Инстаграм къан бугин зигардулезда. Гьеб кӏочараб бихьугегиян хъачӏго абунги борчӏана. Инстаграм баккарабго халкъалда, хӏатта хӏукуматалъул хӏакимзабаздагицин кӏочана жидер рахьдал мацӏазда щибаб анкьие риччалел казияталгун журналал ругеблъи, телевидениялъгун радиоялъ миллиял мацӏазда кьолел цӏиял харбал рукӏунеблъи. Кӏиго предложениеги хъван лъабго сурат Инстаграмалда лъей — гьеб букӏана чара гьечӏеблъун газеталъе подписка гьабиялдаса. Рухӏияб тӏалабин абураб жого лъугӏулеб бугин кколаан телефоналъе магьари лъураб халкъ бихьидал.
Америкаялъухъ кодоб кӏул бугел жамгӏиял гьиназда божун рукӏунгеян гӏемер рекӏеда ратизеги гьарулаан дирго сверухълъиялда ругел гӏадамал. Гьа, кибеха араб гъол жагъалал «гъансазда» жаниб лъурабщинаб информация?! Казияталда лъураб квер гӏунтӏулелъуб буго, бокьани къойил тӏад руссун цӏализе, наслабазе цӏунизе. Фейсбукалъул къокъабазда, Инстаграмалда бахӏсазда рукӏарал гьанже данделъулел руго магӏарул театралда. Пикру гьабуни, цо-цо квешлъиялъулъ лъикӏлъиги камуларо.
Гуре гъеж, буце гӏатӏ
Кигӏанго согӏал гӏорхъичӏваял ругониги, дунялалда бищунго кӏудияб нилъер улкаялъул ресал- ги нахърателги дагьаб гьечӏо. Бе- челъи — нилъер халкъ, гьарзалъи — нилъер ракь. Чӏахӏиял ишазул, завод-фабриказул, авлахъал рекьи- ялъул бицинаро, мисалалъе бачи- на магӏарухълъи. Хал гьабе, щибаб росдада сверухъ ругелщинал рекьичӏел хурзазул, къачӏачӏел ахазул, чӏунтарал кулабазул, гӏи-боцӏи гьечӏого чӏороголъарал риидалил мучӏдузул! Цо натӏ ракьул сабаблъун кьал ахӏизе рахъуна мадугьалзаби, мегъазул гӏорхъи чӏезабулаго росаби цоцалъ дагӏбадула. Гӏажаиблъи, цӏакъ нагагьав чи лъугьуна гьеб ракь пайда кьолеблъун гьабизе. Нилъецаго бекьичӏеб киса бакӏарилеб, рокъоб хьихьун гӏезабичӏелъ хайир кин кьелеб? Иман тун зодоре ра- хинарун руго дармихъабаз кванил нигӏматазул багьаби. Гӏицӏго жи- дее щолеб хайиралде ургъун гуро- ни, дунялалда лъугьа-бахъунелъул, балагь-захӏматалда ругезул пикру гьез гьабуларо.
Щивав чияс жиндирго гьитӏинабгӏаги магӏишат гӏуцӏи — гьеб гурищ захӏматаб заманалдаса рорчӏизе сабабги, хасалие нахърателги, гьобол-гьудуласе гӏаданлъи гьабизе ресги.
Ракъи бихьиладаян зигардула, анкьий гӏурабги нахърател гьечӏеб, шагьаралъул халкъ. Богорукъ рихарал улбуз KFC-гун Макдональдсалде ругьун гьарурал лъималазда лъаларо багӏаркьер рехуледахъ картошка рокъобго бежизе бегьулеблъи. Кока-Колаялдаса тӏагӏамалъ къурал рукӏунаро нилъерго пихъил компотал.
Зодобе бахун бугила выпечкаялъул багьаян гӏарзахъдулей йиго, ясалъул гьаюраб къо кӏодо гьабулей цо гӏолохъанчӏужу. «Я, дир дарман, гуре гъеж, буце гӏатӏ, ясалдаги малъун дуцаго тортги гьабе. Рокъоса гьуинал махӏалги рахъина, лъималазеги мисал букӏина». Кӏвахӏаллъун йигила жий. Хӏалихьалъун руго нилъ, руччаби, захӏмат цӏалареллъун лъугьун руго бихьиналги. Щиб къо баччулел лъималха гьез гӏезарилел?
«Гьадин чӏун тӏураларо, тӏохда чӏун бечелъиларо», — ян абун буго умумуз. Рачел къазе, къуват данде бакӏаризе ккараб заман щун буго.
Патӏимат Гьитӏинова