Газеталъул щибаб номералда гӏадин нижеца бицунеб буго республикаялда кванил нигӏматазул багьаби хӏатталдаса ун хиралъулел рукӏиналъул хӏакъалъулъ. Бицинчӏого тӏубалеб хӏал гьечӏелъулха. Чакар-конфет, нису-нах, хъапустӏан ламадур, хӏатта чедгицин — кинабго жо буго хиралъун. Раччлитӏа буцараб чадил багьа жакъа буго 80 гъурущ. Рахьдал цо литрадул багьа нусго гъурщидаса тӏаде ана. Чакарги хиралъун буго. Семечкадул нахул цо шишаялъул оптовияб багьа буго базаралда — 180-200 гъурущ.
Гьайгьай, гӏадамазул рахӏатги хвезабун буго гьеб киналъго. Мукъсанаб гурони харжги щолареб, щибаб къоялъ гӏадин росизе кколел кванил нигӏматалги ругони, гӏадатияб халкъалъги щибха гьабилеб.
Монополиялда данде чӏараб хъулухъалъул (УФАС) нилъер республикаялда бугеб идараялъул нухмалъулев Каир Бабаевасул рагӏабазда рекъон, багьаби рахиналъул гӏайиб я росдал магӏишаталъул нигӏматал гӏезарулел чагӏазда ялъуни ричарухъабазда гуро бугеб. Бищунго кӏудияб гӏайиб буго дармида жаниб гьоркьохъанлъи гьабулезда ва учузго босун къайи хираго бичулел спекулянтазда
— Гречка ва цогидабги крупа буго 49 проценталъ хиралъун. Чакаралъул кило хиралъана 42 проценталъ. 50 гъурщиде букӏараб гьеб гьанже буго 84 гъурщиде. Бугеб ахӏвалхӏалалда рекъон, нилъее тӏокӏаб рес гьечӏо кванил нигӏматазул багьа цо бакӏалда чӏезабичӏого. Гьедин бихьизабун буго законалдаги. 10 проценталдаса цӏикӏкӏун багьаби хиралъулел ругони, багьаби чӏезаризе ккола, — ян бицана К. Бабаевас.
Республикаялъул росдал магӏишаталъул министр Батал Баталовасдаги бичӏчӏулеб гьечӏо нилъерго гьанир гӏезарулел пастӏадул нигӏматал щай хиралъулел ругелали.
— Гьал къоязда гьеб суалалда тӏасан нижер хабар ккана районазул нухмалъулезулгун. Къотӏи ккана 50-60 гъурщидаса хираго хъапустӏаналъул кило бичизе биччангутӏизе. Ламадур, къватӏиса бачӏуна, хъапустӏан бугоха нилъерго гьаниб гӏезабулеб нигӏмат. Щай гьеб гьедигӏан цӏакъ хираго бичизе кколеб? Гьеб битӏун гьечӏо, — ян абуна Б. Баталовас.
Лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда бан гьадинаб пикру загьир гьабуна экономист Халил Халиловас:
— Лъагӏалил инфляция 25 проценталде бахине буго исана. Гьелдаго цадахъ кинабго жоги хиралъулеб буго. Гьеб буго тӏоцебесеб гӏилла.
Кӏиабилеб гӏилла ккола нилъги тӏолгороссиялъул базаралда гъорлъ рукӏин. Дагъистаналъул базар жибго жиндаго чӏараб, я жанибе, я къватӏибе нух гьечӏеб бакӏ гурелъул. Цоцада рухьарал чагӏи ккола нилъ.
Гьединлъидал хъапустӏанги кигӏан нилъер гьаниб гӏезабулеб нигӏмат букӏаниги, Россиялъул базаразда бугелда рекъон чӏезабула гьелъул багьаги.
Нилъер гьанибе къватӏисан бачӏунеб къайи-цӏаги кванил нигӏматалги къотӏизаруна, логистикаялда жанирги гӏунгутӏаби руго, гьелда рекъон хиралъичӏого букӏинищ хъапустӏанги цогидаб нигӏматги?
Гьениб щибниги тӏокӏ борчӏараб, гӏажаиблъи гьабизе жо бихьулеб гьечӏо дида. Гьеб буго гӏадатияб экономика. Гӏадамазул хӏажалъи цӏикӏкӏун буго бичулеб жоялдехун.
Хӏасил, инфляцияги жанисеб базаралда бугеб ахӏвал-хӏалги гьеб кӏиябго ккола жакъа багьаби рахиналъе гӏилла. Инфляцияги чӏезабизе кӏвезе гьечӏо. Хӏукуматалъ рагьун абуна жидеда гьеб микьго проценталда чӏезабизе кӏвечӏилан. Лъагӏалил ахиралде инфляция 25 проценталде щвезегӏан цӏикӏкӏине букӏин хӏакъаб жо буго, — ян рикӏкӏунеб буго Халил Халиловас.
Рамазан моцӏги щолеб буго тӏаде. Къирун-къарун кӏалккун моцӏги уна, кӏалбиччанкъоялдехун жеги багьабиги хира гьаризе руго. Гьебги гӏадатлъун лъугьараб жо гьечӏищха.
«Щибаб жо гӏемерлъанагӏан гӏадат буго учузлъулеб», — ин хъван букӏана Цӏадаса Хӏамзатица. «Щибаб жо хирлъарабгӏан гӏадат гьечӏо учузлъулеб», — илан абизе кколеб хӏал лъугьун буго жакъа нилъеда сверухъ.
А. Юсупов