25 марталда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда журналисталгун дандчӏвазе вачӏун вукӏана ДРялъул туризмалъул ишазул министр Эмин Мерданов. Гъоркьиса букӏаралдаса гӏемерго цӏикӏкӏине рес бугин исана республикаялде рачӏунел туристазул къадарин бицана министрас.
Гьеб бичӏчӏизе захӏматаб жоги гуро. Ралъадги гьаниб, гӏоралги гьанир, лъаралги гьанир, цӏорорал иццалги, тӏагӏамабщинаб пихъги, бацӏцӏадаб гьаваги, корониб бежараб чедги, гӏурдада бакараб цӏадуда кьагӏрил гьанал гьабураб нахуд рецӏцӏулел шашликӏалги – кинабго буго гьаниб!
Къокъаб хӏасил, гъоркьиса бихьаралъ пана гьарурал туристал исанаги рачӏине руго нилъехъе.
Журналистаз министрасда гьикъана кигӏанасеб къадаралъин нилъер республика гьел къабул гьаризе хӏадур ругелин абун. Щайгурелъул, соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб бугелъул гьезул къадар.
— Битӏараб буго, гъоркьисаги цӏакъ гӏемерав турист вачӏана, амма ругел тӏабигӏиял санагӏалъабазухъги, гьалбал хириял нилъер гӏадамазулги хӏисаб гьабидал, щибго щаклъи гьечӏо, гьел кӏигогӏан цӏикӏкӏун жеги рачӏаниги къабул гьаризе кӏолеблъиялда хӏинкъизе ккараб хӏал нилъер гьечӏеблъи.
Кинабго буго нилъер республикаялда туристазе. Гьабсагӏаталда гьезул гъираги буго Дагъистаналде рачӏине. Тӏоцере рачӏаразе кӏиабизеги бокьулеб буго рачӏине, цогидаздаги бицунеб буго. Нилъерги киналго ресал руго гӏолелги гӏоларелги рахъал церетӏезаризе. Лъикӏаб букӏинаан инвесторазги гьелъул пикру гьабуни. Туризм цебетӏезабиялде гӏарац биччазе бокьарал чагӏи къезе гьечӏо. Тира-сверизе вахъунев чиясухъ гӏарац букӏуна. Чвантинир лъикӏаланго гъурщалги гьечӏого гьев хӏухьбахъизе унаро, — ян абуна Эмин Мердановас.
Узухъда, унаро. Туризмалда хурхун хъвараб цо цӏакъ кепаб макъала букӏана мунагьал чураяв Гъазимухӏамад Гъалбацӏовасул. «Хӏатталдаса ун гӏемераб гӏарацги бугони, гьабизеги жоги гьечӏони, цо бакӏги букарулеб бугони, чияс щиб гьабулеб? Гьес гьеб хъасулин нужеца гьикъани, нуж мекъи руго. Цо бакӏ букарарав чи вахъун тира-сверизе уна турист вугин живиланги абун».
«Дагъистан» РГВКялъул хӏалтӏухъаналъ Эмин Мердановасда гьикъана нилъехъе рачӏунел туристазе хӏинкъи гьечӏолъиялъе шартӏал гӏуцӏиялъул иш кин бугебилан. Гьес ракӏалде щвезабуна гъоркьиса Къородисезул бецӏкъварилъухъ ккараб пашманаб лъугьа-бахъинги. Гьалагаб чвахунцӏад бан хадуб бачӏараб иххалъ восунги ун, кӏиго турист хвана гьенив август моцӏалда. Цояв Москваялдаса ва цогидав Санкт-Петербургалдаса рукӏана. Гьединго Салтӏа росдада аскӏоб, УАЗ автомобильги бегун, гьелда жаний йикӏарай Россиялъул цо регионалдаса ячӏарай цо гӏолохъанчӏужуги хвана.
Гьеб рахъалде кӏвар кьезе бугин жидеца исанаян абуна министрас. Мисалалъе, ракӏалда гьечӏел тӏабигӏиял балагьал кколел гӏадинал бакӏазда гӏагарлъухъ туристазе «хехаб кумек» гьабизе къваригӏани ялъуни цогидабги жоялъе санагӏалъиялъе рукӏине рукъзал разе ракӏалда бугин бицана Э. Мердановас.