РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Казбек районалъул Буртунай росулъа Сайгидпаша Гӏумахановас гьал къоязда тӏубала 60 сон. Батӏибатӏиял хъулухъазда хӏалтӏулелъул, Сайгидпаша дагъистаниязда лъана тӏаде босараб иш ракӏбацӏцӏадго гьабулев, рагӏи билълъарав нухмалъулев ва кӏвахӏ лъаларев жамгӏияв хӏаракатчи хӏисабалда. Хасго гьесул гьеб хасият загьирлъана Хасавюрт шагьаралъул бетӏерлъун вугеб мехалда. Доб хӏалуцараб заманалда гьев гурев цоги бокьарав чиясда тӏадеккун букӏарабани шагьаралъул ва хасго гьелда сверухъ лъугьараб гӏорхъолъа борчӏизе хӏадурараб ахӏвалхӏалалъул жавабчилъи, щакаб жо буго иш нухда бачун бажаризе букӏин. Гьесда кӏвана цӏакъго кӏвар бугеблъун лъугьун букӏараб республикаялъул северияб зона парахалъиялда чӏезабизе ва гьелъул хӏасилалда тӏолабго Дагъистаналъул цолъи цӏунизе.
Миллаталъул цевехъан хӏисабалда магӏарулазул цолъи ва гъунки щула гьабиялъеги Сайгидпашал гӏуна гьунаргун махщел. ДРялъул хӏукуматалда ва парламенталда хӏалтӏулеб заманалдаги гьев тӏалъиялъул «рагӏдукь» чӏечӏо. Ракӏчӏараб буго Пачалихъияб Думаялъул депутатасул хъулухъги гьес Дагъистаналъул ва дагъистаниязул мурадал тӏураялъе хӏалтӏизабизе букӏиналда.
Гьавураб къоги баркулаго, «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ гьарула гьесие щулияб сахлъи ва хӏалтӏулъ икъбал.