ДРялъул хӏукуматалъул председатель, Казбек районалъул Гертма росулъа Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасда баркула гьавураб къо.

Ригь цӏикӏкӏараб гьечӏониги, нахъа тараб лъалкӏалъул, гьарурал ишазул, тӏурарал масъалабазул хӏисаб гьабуни, гьел соназулъ буго гӏумруялъулгун хӏалтӏул бечедаб тарих.

Кинаб ишалда вугониги, гьес бихьизабуна жив хӏалтӏи лъалев, кигӏан захӏматалги суалал тӏураялъе хӏадурав, ккаралъуб хӏеренлъиги хӏажатаблъун кьвариги бугев, кьураб рагӏи кколев нухмалъулев вукӏин.

Хъулухъазул болъабаздасан кигӏан тӏаде ваханиги, бажариялъулгун жавабчилъиялъул, гӏаданлъи-гӏадатлъиялъул рахъалъ лъикӏаб тарбия щварав гьесда киданиги кӏоченчӏо гӏураб ракьги гӏадатияв чиги.

Кинабгӏаги щаклъи гьечӏо, Гӏабдулмуслим Мухӏидиновичас жиндаго тӏадкъараб хӏалтӏи тӏадегӏанаб къадру-ассалда, халкъалъул тӏалабал ричӏчӏун, гьесие хасиятаблъун бугеб бажари-жигарчилъиялда тӏубаялда.

Ракӏ гӏатӏидав, калам магӏнаяв, къварилъи ккаразда квер чӏвазе хӏадурав, Дагъистан цебетӏеялъе рухӏги хӏалги кьун хӏалтӏи гьабулев чи Гӏ. Гӏабдулмуслимов вукӏин нилъеда бихьула хӏукуматалъул нухмалъулев хӏисабалда гьес лъолел ругел галабаздалъунги.

Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏракӏалъ баркула гьавураб къо.