«Хӏакъикъат» газеталда чанго нухалда хъванги букӏана Чӏикӏасан Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде щвезегӏан бахъулеб Бузнаса нухалъул хӏакъалъулъ. Гьал къоязда кьурабиги кьвагьун, гӏанлъун, рорлъун гьеб магӏаруллъиялъего кӏвар цӏикӏкӏараб нух бахъиялъул хӏалтӏухъ бакӏалде щун балагьизе рес щвана магӏарулазе. Цӏорораб къо букӏаниги, щунусгоялдасаги цӏикӏкӏун чи вачӏана Чӏикӏаб росдада гӏагарлъухъ бугеб майданалде. Данделъаразул цо-цояз абулеб букӏана жидеда бакӏалде щун кинабго бихьизегӏан туннелалдасан нухги букӏаго, Бузнасан нух бахъизе кинаб хӏажалъи ккарабали бичӏчӏулеб букӏинчӏилан. Амма гьениб гьабураб хӏалтӏиги, цӏанбитӏараб нухги, сверухъ бугеб берцинлъиги бихьидал, унго-унголъунги гьеб магӏаруллъиялъе къваригӏараб букӏиналъе жал мукӏурлъанин абулеб букӏана гьез. Туннелалдасан унаго, нилъеда ратула гӏемерал эхедераял, свералаби. Хасго хасало, цӏорораб заманалда цӏерчӏвала гьениб. Гьелъул гӏаксалда, Бузнасан рукӏине гьечӏо киналгӏаги эхедераял ва свералаби. Ралъдал гьумералдасаги гьеб гӏицӏго 350 метралъ гурого борхатаб гьечӏин бицана гьениб. Туннелалдасан риччаларо чӏахӏиял юк баччулел машинаби. Бузнасан хьвадизе гьезие квалквал букӏине гьечӏо. Гьелде тӏадеги, туннелалдасан нух бокьараб заманалда къазе бегьула, тӏабигӏиял лъугьа-бахъинал сабаблъун. Гьединлъидал кӏиабилеб, ай цоги нух хӏисабалда букӏанигицин гьечӏищ гьелдаса пайда.
Гьарулел хӏалтӏабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб тӏобитӏараб тадбиралда Мухӏамадкамил Дибировас бицана Бузнаса нухалъул халалъи 30 километр бугин ва жакъаялде гьабураб нухлул манзилги бащалъулин 26 километралда.
— 2014 соналдаса нахъе гьаниб, Аллагьасул кумекалдалъун, цо къоялъ хӏалтӏи гьоркьоб къотӏичӏо. Магӏарул халкъалъ гьалда сверухъ бихьизабуна кутакаб жигарчилъи. 26 километралъул манзилал- да нух гьабун буго, хутӏун буго ункъо километр. Амма гьеб бутӏа буго бищун захӏматаб. Гьенир гӏемер руго жанир цӏезаризе кколел кӏкӏалалгун хъитӏалги, кьвагьизе хӏисабалде росарал кьураби- ги.
Бузнаса нух гьабун рагӏалде бахъинабизе кӏвани Гъизилюрт, Хасавюрт мухъаздаса магӏарухъе рачӏунезе нух къокълъизе буго 24-25 километралъ, Гӏахъуша, Лаваша, Лак районазде Гъизляралдасан рачӏунезе — 106-110 километралъ, Махӏачхъалаялдасан рачӏунезе — лъабго километралъ. Чӏикӏаб гӏадаб кӏудияб росдаца пайда босулеб буго ГЭСалъул хӏорихъа мотораз кьабгӏун бачӏунеб лъедаса. Бузнасан нух бахъун хадуб, чӏикӏасезе рес ккезе буго, нухлул хьибилалдасан рогӏралги лъун, ахакьезул, ишкартисезул, хъерендерил ракьалдасан бачӏунеб мугӏрул лъарал лъим росулъе бачине. Мехелалда жаниб, гьоркьохъеб хӏисабалда, туннелалдасан унеб буго щуазарго машина, гӏидалъул къоялъ — 150 азарго. Бузнасан нух рагьун хадуб, гьелъ тӏаса босила туннелалдасан хьвадулеб букӏараб автотранспорталъул хӏалкъай. Рехсезе ккола транспорталъул харжалги, нухлулазул нухда унеб заман дагьлъиги, хӏинкъи гьечӏеб нух букӏинги.
Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, нилъеца цолъун хӏаракат бахъизе ккола гьаб нух бахъун лъугӏизабизе. Ресалда ругел чагӏи дагьал гьечӏо нилъеда гьоркьор. Амма хӏажат буго Бузнаса нухалъул кӏваралъул гьезда бицине, нухлуе гьабулеб садакъа кутакалда кири цӏикӏкӏараб иш букӏин бичӏчӏизабизе. Пачалихъалъул рахъалдасанги гьанжелъизегӏан кинабгӏаги кумек нижее щвечӏо. Амма ракӏалде ккола гьабсагӏаталда бугеб республикаялъул нухмалъиялъ гьеб суалалде кӏвар буссинабилин, проекталъулгун сметаялъул документал хӏадур гьаризегӏаги тӏаде босилин. Гьелъул хӏакъалъулъ Дагъистаналъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасда биценги гьабуна, — ян абуна Мухӏамадкамил Дибировас.
Данделъиялда гӏахьаллъана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал, цо-цо росабазул бегавулзаби, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, хъвадарухъабигун шагӏирзаби, гӏалимзаби, магӏаруллъиги бокьулел, миллатги хириял гӏемерал гӏадамал. Гьезул цо-цоязе тадбир нухда бачунев вукӏарав Махӏмуд Мухӏамадовас рагӏиги кьуна. Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша
Гӏумахановасул кумекчи Шамхалдибир Гӏисаевасги бицана Бузнаса нухалъул кӏваралъул ва гьелда сверухъ магӏарулал цолъизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Гьес Мухӏамадкамил Дибировасухъе, депутатасул рахъалдасан, миллион гъурущги кьун гьадин абуна:
— Гьаб ккола магӏаруллъи цӏуни мурадгун гьабулеб хӏалтӏи. Гӏемер гӏакъуба-захӏматги бихьун умумуз бахъун букӏараб нух цӏи гьабулел Мухӏамадкамилиегун Набиюлае буго кӏудияб баркала. Ахӏи-хӏурги бахъинабичӏого бажарараб къагӏидаялда гьаниб хӏалтӏи цебетӏезабулеб буго гьез. Гӏемералха ратизе ругел нухлуе кумек гьабизе рес бугел, амма гьеб бахъулеб букӏин лъаларел чагӏи. Дагьаб цебе вертолеталда гьаб бакӏалда тӏасан роржунаго Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри Абакаровасда бихьизабуна нижеца нух. Гьесда лъалеб ва рагӏун букӏун гьечӏо Бузнасан нух бахъулеб букӏин. Гьесги, Сулейман Керимовасги ва цогидал ватӏанги кириги бокьулел чагӏазги гьаб нухлуе кумек гьабиялда щаклъи гьечӏо, — ян.
Халкъазда гьоркьосеб имам Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасги баркала загьир гьабуна Мухӏамадкамилиегун Набиюла Мухӏамадовасе. Мухӏамадкамилил каранда гьес бана фондалъул бищунго тӏадегӏанаб шапакъатлъун кколеб имам Шамилил орден.
Магӏарул росабазул бегавулзабазгун дибирзабаз гьенибе бачӏана жидецаго нухмалъи гьабулел бакӏазул жамагӏатаз бакӏарараб гӏарац. Сайгидпаша Гӏумахановас кьурабги рикӏкӏун гьеб къоялъ бакӏарараб гӏарцул къадар бахана 14 миллион гъурщиде.
Мухӏамадкамил Дибировасул рагӏабазда рекъон, нух тӏубанго лъугӏизе ккани, жеги хӏажалъула гӏага-шагарго 500 миллион гъурущ. Бузнаса нух бахъун лъугӏизе ккола 2024 соналда.
Темирхан Хӏасанов