Гимназиялде щварав щинав чи чара гьечӏого вачуна гьениб бугеб тарихалъулгун этнографиялъул музеялде. Гьелъие кьучӏ лъуна 1975 соналда. Гьенибги кӏудияб бутӏа лъуна гимназиялъул директор Чакар Мажидовалъ. «Гьаб гимназиялда гьабулеб кинабго хӏалтӏуе аслулъун ккола Дагъистаналъул адабият. Адабияталъул асар цӏалулеб ва гьеб лъималазда малъулеб мехалда чара гьечӏого бицине ккола гьеб хъваялъе ккараб гӏиллаялъулги. Гьединал баянал ралагьулаго, данде гьабуна гӏемераб жо. Гьеб хӏалтӏулъ гӏахьал гьарулаан цӏалдохъабиги. Щибаб классалъул хӏаракаталъул лъалкӏ цӏуни – гьебги ккола тарбия кьеялъул хӏалтӏул бутӏа. Дарсиде яги класс тун къватӏибехунисеб тадбиралде хӏадурлъулаго бакӏарараб материалалъул кьучӏалда щибаб классалъ гьабизе кколаан альбом яги буклет. Гьелги руго музеялда цӏунун. Гьединаб къагӏидаялъ цӏалдохъабазулъ бижизабула цӏалуде гъираги», — ян бицана директоралъ.
Гьабсагӏаталда музеялда буго анцӏазаргоялдаса цӏикӏкӏун экспонат. Гьеб сокӏкӏун буго лъабго залалда, гимназиялъул жанахӏазда ва музеялъул филиалаллъун кколел кабинетазда. Щибаб кабинеталда лъун буго хасаб цӏарги: «Расул Хӏамзатовасул», «Дагъистаналъул росабалъан», «Дагъистаналъул Меседил Рецц», «Махӏачхъала – дир тахшагьар», «Даим кочӏолъ ахӏараб Кавказ», «Вацал Хӏажиевазул кабинет», «Атли-Боюн-Ленинкент» ва гь.ц.
Музеялъул залазда ругел экспонатал рикьун руго 10 бутӏаялде: «Атли-Боюн-Ленинкент»; «Имам Шамил»; «Ленинкент поселокалъе кьучӏ лъурав Ж. Къоркъмасов»; «Умумузул устарлъи»; «Дир гъансито – Дагъистан»; «Дагъистаналъул халкъазул партал»; «Кӏовухъе гӏагар гьабуна нижеца гьаб къо»; «Кьалул авлахъалдаса нахъ руссинчӏел»; «Суратазул галерея»; «Нумизматика».
«Суратазул галерея»
Гьеб залалда цере лъун руго гимназиялъул суратазул галереялъул цо бутӏа. Кинабниги гимназиялда буго 150-ялдаса цӏикӏкӏун сурат. Гьел киналго рахъана декоративияб искусствоялъул преподаватель Мухӏамад Хӏасановас. Гьенир руго Дагъистаналъул росабиги, тӏабигӏиялгун тарихиял памятникалги, умумузул некӏсиял гӏадаталги. Масала, Оцбаялъул бицунеб дарсида хӏалтӏизабизе бегьула гьелъул бутӏалъун кколеб тадбиралъул сурат. Авар адабияталъул дарсида бихьизабизе бегьула асар хъварав хъвадарухъанасул яги шагӏирасул сурат. Дагъистаналъул тӏабигӏаталъул гьайбатлъи ва дагъистаниязул къанагӏатаб партал, некӏсияб ва гьанжезаманалъул архитектура, ахӏул сиял ва тарихалда цӏар тарал гӏадамал – гьеб кинабго буго художникасул гьунаралъ кагътида даим гьабун.
Рагъулаб Реццалъул зал
Гьеб залалда ругел экспонатаз рагьула Атли-Боюналъул бахӏарчияб тарих. Росдал херазда цӏех-рех гьабун ва Подольск шагьаралда бугеб Рагъулаб архивалде хъвадарун, цӏалдохъабазгун учительзабаз мухӏкан гьабуна рагъде аразул ва кьалда даим хутӏаразул сияхӏ. Атли-Боюналдаса рагъде ана 158 гӏолохъанчи, тӏадвуссана – 64, кьалул авлахъалда хутӏана яги, араб бакӏ лъачӏого, тӏагӏана 92.
Рагъул щивав гӏахьалчиясул хӏакъалъулъ баянал гъорлъе рачарал альбомал руго музеялда. Гьезул хӏакъалъулъ бицуна ТОКСалъул къокъабаз. 2005 соналъул 9 маялда Ленинкенталда рагьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазе памятникги.
2013 соналъул октябралда гьеб памятникалда цебе тӏобитӏана митинг. Гьениб лъазабуна, поселокалъул цӏияб микрорайоналда ругел къватӏазе кьезе бугин Кӏудияб Ватӏанияб рагъдаса тӏад вуссинчӏев 42 рагъухъанасул цӏарилан абун.
Унголъунги, щивго кӏочон гьечӏо
ва щибго кӏочон гьечӏо…
Музеялъул хасаб бокӏон гӏуцӏун буго Жалалудин Къоркъмасовасул хӏурматалда. Гьев ккола Ленинкент росдае кьучӏ лъурав чи.
Советияб Дагъистаналъул жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи Ж. Къоркъмасов цӏалана Франциялда бугеб Сорбоннаялъул университеталда. Революциялъул ва граждан рагъул хӏалуцарал соназда гьев тӏад вуссана Дагъистаналде ва жигаралда гӏахьаллъана революциялъул хӏаракаталда.
Атли-Боюналда гӏумру гьабун рукӏарал гӏадамал жакъасеб Ленинкент бугеб ракьалде гочине гьесизаруна Къоркъмасовас. Гьесул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналда бана Октябралъул революциялъул цӏар бугеб каналги. Халкъалъул мустахӏикъав вас вукӏин хӏисабалдеги босун, гьесул цӏар кьуна посёлокалъул къватӏалъе ва поселок бакьулъ бугеб иццалъе – «Жалав-булахъ».
«Атли-Боюн – Ленинкент»
Атли-Боюн. Гьедин абулаан Атли-Боюналъул габурлъиялда букӏараб басрияб росдада. Лъарагӏ мацӏалдаса таржама гьабуни, гьелъул ккола «чол сухъмахъ» абураб магӏна. Гьеб букӏана, Темир-хан-Шураялдаса Анжиялде ва Анжиялдаса Темир-хан-Шураялде гьаказда къайи баччун, яшав гьабулел гӏадамазул росу. 1905 соналда букӏараб Атли-Боюналъул рекьарухъабазул восстаниялда цебехъанлъи гьабуна Черивмурза Супяновас. Захӏматаб букӏана басрияб росулъ гӏумру. Мукъсанаб ракь букӏана гьениб ва букӏинчӏо ах-хуралъе кинабгӏаги санагӏат. Гьебги хӏисабалде босун, жамагӏат разилъана цӏияб бакӏалде гочине.
Цӏияб ракьалда бижараб росдал тарих буго музеялъул залалда. Масала, гьениб бихьана цӏибараб росулъ гӏуцӏараб школалъул тӏоцевесев директор Сагӏид Гӏабдулаевасул сурат. Цӏалдохъаби-гидаз нижее бицана гьев чиясул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда гьевги рагъ байбихьараб мехалда школа лъугӏизабурал цӏалдохъабиги цадахъ ана ватӏан цӏунизе ва рагъдаса вуссинчӏо.
Гьанир руго совхозалъул тӏоцевесев директор Мухтар Гӏабдурахӏмановасул, школалъул мустахӏикъал учительзабазул, ДАССРалъул Верховный Советалъул председательлъун вукӏарав Хӏажикъасум Гӏалиевасул, Дагъистаналъул лъай кьеялъул тӏоцеесей министр-чӏужугӏадан Бурлият Мамашевалъул, ай Ленинкенталъул тарихалда лъалкӏ тарав щивав чиясул бокӏон. Музей рагьаралдаса нахъе гьезул мисалалда куцалеб буго ленинкенталъулазул гӏолеб гӏел.
Гьудуллъиялъул кьодул сакӏал
Дагъистаналъул тарихалдаги маданияталъул нахърателалдаги кӏудияб бутӏа лъурал гӏадамазул хӏакъалъулъ баянал гьарзаго тӏиритӏун руго музеялъул залазда. Гьенир руго Дагъистаналде сапарал гьарурал гӏурус археологал ва этнографал, сапарчагӏи ва хъвадарухъаби, масала, Афанасий Никитин, император Петр I-сев, машгьурав хирург Николай Пирогов, шагӏир Михаил Лермонтов, хъвадарухъан Лев Толстой, академикал Ковалевский, Анучин, Абах, Дмитрий Трунов; художникал: Ф. Рубо, Лансере ва гь.ц. Гьезул хӏаракаталдалъун Россиялъул ва дунялалъулго халкъазе рагьана Дагъистанги гьелъул бахӏарчиял халкъазул къисмат. Гьезул асаразги квербакъана нилъер халкъазул гьудуллъи щулалъиялъе. «Гӏолеб гӏелалда лъазе ккола ватӏаналъул цебесеб тарихги жакъасеб хӏакъикъатги», — ян абуна Чакар Мажидовалъ.
Гимназиялъул лъабтӏалаялъул мина тӏолабго музей бугин абуни, мекъи кколаро. Кабинетазда ва жанахӏазда сокӏкӏун руго цо ккураб темаялде рекъонкколел экспонатал. Масала, кӏиабилеб тӏалаялда буго суратазул галереяги Ленинкенталда рижулел хурдузул хӏакъалъулъ баяналги.
Суратазул галереялда церелъун руго Дагъистаналъул халкъазул адабияталъе кьучӏ лъурал классиказул суратал: тумазул Гӏабутӏалиб Гъапуров, лезгиязул Сулейман Стальский, лъарагӏазул Йирчи Хъазахъ, магӏарулазул Хъахӏабросулъа Махӏмуд, даргиязул Гӏумарла Батирай. Руго гьанжезаманалъул хъвадарухъабиги – Расул Хӏамзатов, Фазу Гӏалиева ва гь.ц.
Музеялда хасаб бакӏ ккола Шамил имамасул тарихалъул хӏужабаз. Цӏалдохъан-гидасул баяназда рекъон, Шамил вуго «рухӏиявги мугӏрузул халкъаз эркенлъиялъе гӏоло гьабураб къеркьеялъулги цевехъан хӏисабалда дунялалъулго тарихалда бутӏа лъурав магӏарулав. Гьесул бихьинаб гӏамалги кьварараб хасиятги ва бахӏарчияб къвакӏиги куцана мугӏрузул согӏаб тӏабигӏаталъ ва магӏарулазул хъизамалъе хасиятаб тарбия щвеялъ. Гьев вукӏана гӏакъилав рагъулав тактик ва стратег, гьунар тӏокӏав политик ва букӏинеселъул пикру гьабизе бажари бугев дипломат гуревги, дунялалда жеги букӏинчӏеб тайпаялъул пачалихъ гӏуцӏарав кӏудияв реформаторги».
Гьалбал гӏемер щвана гимназиялде – хасаб альбомалда щивас тана музеялъги гимназиялъул бетӏергьабазги жидее гьабураб асар рагьараб хъвай-хъвагӏайги. Гьел цӏалидал бихьула, улкаялъул гӏемерал регионаздаса – гӏадатиял гӏадамаздаса байбихьун федералияб даражаялъул хӏакимзабазде гӏунтӏун – гьалбал гьенире щун ругеблъи.
Кавсарат Сулейманова