Ленинкент поселокалъул №35 гимназиялъул байбихьул школалъул завуч, учитель Светлана Анатольевна Зайковская гьаюна, гӏуна ва цӏалана Приморский краялда, рагъул хъулухъчиясул хъизамалда. Гьелъул умумул кколаан рагъул лъимал. Гьениб гьелъул лъай-хъвай ккана заманалъ хӏалтӏизе вачӏарав магӏарулав Цӏумадаса Мухӏамадилгун. Гьел цоцазе рокьана, ригьин гьабуна ва, гьезул ясалъ ункъо сон байдал, ай 22 соналъ цебе, эбел-инсуе цо вугев вас хӏисабалда, гьев хъизамгун цадахъ тӏад вуссана ватӏаналде. Гочана Цӏумада районалъул Тӏаса Гьаквари росулъе.
Гьеб букӏана 1999 сон, Дагъистаналъе бищунго захӏматаб заман. Гӏурус нус цӏакъ лъикӏ къабул гьаюна росасул гӏагарлъиялъ, ячӏинахъего гьей киназего йокьана. Зайковская хӏалтӏана Тӏаса Гьаквари росдал школалъул байбихьул классалъул мугӏалимлъун. Росасе цо чӏараб хӏалтӏи щвечӏолъиялъ гьел гочине ккана Ленинкенталде, ва гьебсагӏатго Светлана хӏалтӏуде йосана №35 школалде.
Школалъул директор Чакар Мажидовалъул тӏадкъаялда рекъон, ай 18 соналъ цебе, тӏоцебесеб октябралда, ригьалдаса арал чагӏазул къоялда, сайгъаталги росун, лъималгун цадахъ гьей ана Махӏачхъалаялъул «Ветеран» абураб херазул ва инвалидазул рокъое. Хадубккун гьеб акция лъугьана школалъул лъикӏаб гӏадатлъун, ва мех-мехалда гьел щола янгъизго хутӏарал харабазухъе гьоболлъухъ. Светлана Анатольевналъ абуна, жиндир цӏалдохъабазул улбузда лъалебго батичӏила Махӏачхъалаялда херазул гьединаб рукъ букӏин. Гьединлъидал гьезие гьеб хӏужаялъ кӏудияб ракӏбухӏиялъулаб асар гьабунила. Херазул талихӏ къараб къисматалъ жиндие цӏакъ квешаб асар гьабунила. Цее чӏанила Приморский краялда хутӏарай херай эбел ва нигат гьабунила гьей, кӏванагӏан хехго, жиндихъего ячине.
Сайгъатал, кечӏ-бакъан гуро гьел харабазе аслияблъун букӏунеб, гьезул анищ букӏуна жидерго лъималгун, гӏагарал чагӏигун дандчӏвазе. Гьезие цӏакъ бокьула школлъималазда къвал базе, гьезда баизе, гьел данде къазе, гьелгун гаргадизе.
Херазул байрам тӏаде гӏунтӏулеб мехалда цӏалдохъабаз мугӏалималда ракӏалде щвезабула: «Анатольевна, мы к старикам едем?» — ан абун. Харабиги рукӏуна гьел рачӏиналъухъ балагьун, цо-кӏиго къоялъ кватӏани, гьез «Кий йигей нилъер Светочка?» абун, директорасул санагӏат хвезабула.
Зайковскаялъ, цо кинабалиго разилъигун, ракӏалде щвезабуна: «Тӏоцере херазухъе рачӏунаан цохӏого цо нижер лъимал, гьелъги батила, харабаз абулаан: «Унго, №35 гурони, шагьаралда цоги школагойищ гьечӏеб?» — ан. Нижер акциял гӏемерисезда берцин рихьана ва, нижедаса мисалги босун, жакъа херазухъе уна тахшагьаралъул школазул лъимал, вузазул студентал, волонтерал, батӏи-батӏиял идарабазул хӏалтӏухъаби ва гӏадатиял гӏадамал. Масала, нижер гимназия лъугӏун арав Адам вуго гьуинал тӏагӏамал режулеб ва ричулеб бизнесалда. Гьес рехун тун гьечӏо жинцаго школалда гьабулеб букӏараб гурхӏел-рахӏмуялъул иш. Щибаб хамиз къоялъ гьес херазул рокъоре щвезарула пирогал, капризал, булкаби… Дица кьураб тарбиялъул гьединаб хӏасил ккеялдаса, гьайгьай, дун йохунги чӏухӏунги йикӏуна», — ян.
Гьабсагӏат, ковид унтиялъул хӏинкъи букӏиналъ, гимназиялъул цӏалдохъаби херазухъе ине бегьуларо, амма гьез гьеб гӏадат рехун тун гьечӏо. Кидаго гӏадин, гьезул улбуца ракӏарула сайгъатал, классалда тӏобитӏулеб концерталъул видео бахъула, гьелда букӏуна херазде видеохитӏаб. Херазе сайгъаталги росун, улбузул цояй йитӏула гьезухъе видеокассета щвезабизе. Лъималаздаса жидерго бугеб рохелги разилъиги лъазабун, баркалаги загьир гьабун, гьезги гимназиялде битӏун бачӏуна жидецаго бахъараб видеохитӏаб. Зайковскаялъ абуна, гьединал акциял кколила жиндир цӏалдохъабазе гуребги, хӏатта гьезул улбузеги кьолеб лъикӏаб тарбияйилан. Светлана Анатольевнаялъ абуна, гьел акциязул къокъаб каламлъун цӏалдохъабаз босанила «Лъикӏлъи сайгъат гьабе аскӏов вугесе» абурал рагӏаби. Лъималазулгун букӏунеб щибаб дандчӏваялда ва нух битӏиялда магӏил цӏун рукӏуна херазул берал.
Цоял гӏунсби гӏунтӏун, цоял коляскабазда рекӏун, дандчӏваялде херал ракӏарула минаялъул кӏудияб жанахӏалде. Регаралъуса рахъине кӏоларезда лъималазул кечӏ-бакъан рагӏиялъе рагьун тола гьезул рукъзабазул нуцӏби. Концерталдаса хадуб цӏалдохъаби уна бусадаса рахъунарел херазухъе щвезе, лъималаз гьезда къвалал рала, гьезие сайгъатал кьола, цоцазулгун гьоркьоблъи щула гьабула. Хӏасил-калам, гьединал дандчӏваяз лъималазе кӏудияб асар гьабула, херазул къварилъи, янгъизлъи гьез жидерго рекӏелъан биччала. Мисалалъе, цо кӏудадаца, гьесда цӏар буго Мухӏамад, цо нухалъ лъималазда бицана, жиндир киналалиго захӏмалъаби ругин багьанаги бачун, заманалъин абун, васас жив гьаниве щвезавунилан. «Лъабго-ункъго соналъ тӏуран рахъунарел захӏмалъабийищ рукӏунел, нахъе вачине бокьун батичӏони, щай дихъе щвезегӏаги вачӏунарев дир вас»,- абун, бадиб магӏу хулана херасул.
Херазул рукъалъул директор Мажид Мирзаевас, рухӏги хӏалги кьун, херазе гӏумру гьабиялъе гьенир чӏезарун руго цӏакъ лъикӏал шартӏал, гьезие тун гьечӏо щибго къваригӏунеб-камураб жо. Харабазе рес буго дандчӏваязда рукӏине, гьезие хӏухьбахъиялъе гьенир тӏоритӏула концертал, машгьурал чагӏазулгун дандчӏваял, гьел рачуна театразде, музеязде, ралъдахъе… Амма, хилиплъи гьабун, лъималаз рехун тун ругониги, хараби урхъун рукӏуна жидерго лъималазухъ ва гьезул лъималазухъ, къокъго абуни, гьезие аслияб жо ккола жидергун би жубарал чагӏазул берцинаб калам рагӏи, гьелгун дандчӏвай, гьезда къочине щвей. Къокъго абуни, харабазе херазул рокъоб лъикӏ буго, амма гьел чӏалгӏун руго жидерго лъималазул лъималазухъ.
Зайковскаялъе бокьана «Хӏакъикъаталдасан» херазул тохал лъималазде гьадинал кочӏол рагӏабаздалъун хитӏаб гьабизе:
Творите вы добрые дела,
Они скоро к вам вернуться.
Дай бог вам счастья и тепла,
И сострадания к вашим близким.
Хадубги гьелъ абуна: «Гӏумруялда жаниб щиб кканиги, кигӏан кӏудияб захӏмалъи бугониги, херал чагӏи рукӏине ккола лъималазда аскӏор. Гьезие чадил мочӏу кьезе рес гьечӏев чи щивго вукӏунаро. Амма херал чагӏазе аслияб жо ккола лъималазул рекӏел хинлъи, гӏагарал чагӏазул адаб ва гьезие жал рокьулеблъи лъай», — ян.
Светлана Анатольевнаялъ, цо кинабалиго чӏухӏигун абуна: «Поселокалъулалги пишацоялги цӏакъ рази руго нижер акцияздаса. Дир херай эбел цӏакъ рази йикӏуна дица гьабулеб гурхӏел-рахӏмуялъулаб ишалдаса, дир рос Александрги (Сагӏид) кидаго хӏадур вукӏуна дие кумекалъе вахъине. Гьес жиндирго гьудул-гьалмагъзабиги машгъул гьаруна гьеб ишалде», — ян.
С. Зайковскаялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гимназиялъул завуч Патӏимат Хӏайдарбеговалъ абуна: «Школалде хӏалтӏизе ячӏараб къоялдаса нахъе Светлана Анатольевна лъугьана нижер талихӏалъул цӏвалъун. Сентябралда, лъимал классазде хъвалеб мехалда, киназго тӏоцее цӏехола Зайковская. Улбуз кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна гьелъул классалде лъимал ккей. Ячӏараб къоялдаса нахъе гьелъ бихьизабуна жиндирго гьунарги, лъималазде бугеб рокьиги. 1992 соналда байбихьул классазул учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб «Лъагӏал учитель» абураб конкурсалда Махӏачхъалаялда гьелъ босана тӏоцебесеб, республикаялда кӏиабилеб бакӏал.
Бищунго рокьулел чагӏазул гӏадин адаб гьабула гьелъул киналго поселокалъулаз, учительзабаз ва цӏалдохъабаз. Гьединаб хӏурматалъе мустахӏикъайги йиго гьей. Дие цӏакъ бокьила гьелъул гӏадаб гӏаданлъиги, адаблъиги, лъикӏлъиги нилъер щияй магӏарулалъул хасияталъулъги букӏине. Ниж чӏухӏаралги рохаралги руго гьадинай гӏадан нижер пишацояй йикӏиналдаса, гӏодоб накуги чӏван, бетӏер къулула дица гьалъие», — ян.
Светлана Анатольевнаялда саламатго бичӏчӏула магӏарул мацӏ ва цо-цо рагӏаби абула. Гьелъ киданиги гӏурус мацӏалъ салам кьоларо, «ворчӏами», «къо-мех лъикӏ» абун гурони ва, жиндиего щибниги лъикӏлъи гьабуни, «кӏудияб баркалаян» абула, гьимулаго.
Гьей цӏакъ пашманлъизаюн йиго Украинаялда рагъ унеб букӏиналъ, ва хьихьардилей йиго гьенир ругел жиндирго гӏагарал чагӏазда хадуй.
Нилъ рохизе ккараб хӏужалъун рикӏкӏине ккола Светлана Анатольевнаялъги, гьелъул ясалъги, рос Александрицаги (Сагӏид – ислам босидал кьураб цӏар) бусурбан дин босун букӏин.
Хӏурматияй Зайковская Светлана Анатольевна, «Хӏакъикъаталъул» тӏолабго коллективалъ кӏудияб баркала кьолеб буго дуе дур лъикӏлъиялъухъ, гӏаданлъиялъухъ, гӏадатлъиялъухъ ва, цӏалдохъабигун цадахъ лъугьун, дуца гьабулеб кӏвар цӏикӏкӏараб гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏухъ.
Н. Нуриев