БАЯН:

2 апрелалда 140 сон тӏубала Махӏач Дахӏадаев гьавуралдаса.

Гьес дунялалда бана 36 сон. Вукъун вуго Буйнакскиялда. Махӏачил вукӏана цохӏо вас, Гӏадилгерей абун.

Махӏач Дахӏадаев кколаан имам Шамилил вас Мухӏамадшапигӏил дурц.

Махӏачил хӏакъалъулъ Гӏабдулатӏип Хӏажиевас биччараб тӏехьалда гьадин хъвалеб буго:

«Мухӏамадгӏали (Махӏач) Дахӏадаев гьавуна 1882 соналъул 2 апрелалда Авар округалъул Унсоколо росулъ ресалда вугев маххул къебед Давудов Дахӏадалги ХӏасанхӏажиеваДавудова Хӏуриялги хъизаналда.

Росдал лъималго гӏадин, Махӏачицаги цин гӏараб цӏали гьабуна мажгиталда цебе рагьараб мадрасаялда. Гьитӏинго эменги камун, эбелги росасе ун, гӏагарлъиялъ хьихьун гӏолев вукӏана гьев. Гьедин эбел-инсул рокьиги лъачӏого, жиндиего чед-хинкӏ щвезелъун гӏетӏ тӏун хӏалтӏизе кколеб хӏалалда рехун тун вугин Махӏачилан гӏадамазул гӏайиб-гъвелалги щун, эбелалъги Чӏиркъатӏаса бесдал эмен Мухӏамад-Султаницаги Махӏач Хунзахъ гӏурус (байбихьул) школалда цӏализе лъола.

Авар округалъул начальник лъикӏ лъалев вукӏуна бесдал инсуда. Гьес кумек гьабула Махӏач цӏализе лъезе.

Хунзахъ гӏурус школалъул директорасул малъа-хъваялда рекъон, гьелдаса хадув Махӏач лъугьуна Темир-хан-Шураялда букӏараб реалияб училищеялде. Гьенир рукӏана гиназазулги, бегзабазулги, дармихъ- абазулги, офицерзабазулги, хӏакимзабазулги лъимал. Эбел-инсул буголъиялдаса ракӏги чӏухӏун, гӏадатиял хъизаназдаса лъималазда жидерго бечелъиги пахрулъиги бихьизабулел рукӏунаан гьел. Бесдалавги гьелгӏан рес бугевги вукӏинчӏолъиялъ Махӏачидехун гьез лъикӏаб бербалагьи бихьизабулароан. Гьебги бичӏчӏун, гьес хӏаракат бахъана училище тӏадегӏанал къиматазда лъугӏизабизе.

Гьеле гьеб реалияб училищеялдаса байбихьанин абизе бегьула тӏекълъиялда дандечӏун, ресукъазул ихтиярал цӏуниялда хурхун Махӏачил къеркьей. Амма тӏолабго халкъалда бан гьединаб хӏаракатчилъи бихьизабизе ккани, цин лъай камил гьабизе ва бажари цӏубазе кколеблъи бичӏчӏана гьесда. Гьединлъидал 18 сон барав Махӏач 1900 соналда Петербургалде уна Александр Тӏоцевесесул цӏаралда бугеб маххул нухазул инженеразул институталда цӏализе. Гьединаб бакӏалде цӏализе иналдасан бихьулеб буго Махӏач бергьун кӏудияб лъаялъул чи вукӏараблъи.

Амма институталда цӏаларалъухъ гӏарац кьезе кколаан. Рокъосан гьелъие ресги букӏинчӏого, Махӏачица гьеб кьолаан гиназ Хъазаналиповас чӏезабураб стипендиялдаса, хадуб – Кавказалъул цӏалул округалъ кьураб гӏарцудаса.

Петербургалда Махӏачил лъай-хъвай ккана М.-М. Хизроевасулгун, С. Марковасулгун, И. Котровасулгун, М. Тӏалхӏатилгун, Р. Каплановасулгун. Гьелги дораго цӏалулел рукӏана. Лъабго соналда жаниб гьесда гӏурус мацӏ тӏокӏкӏун лъана, бажарулеб букӏана эркенго сочинениял хъвазеги. Гьес гӏемер цӏалулаан политикияб литератураги.

Махӏач гӏахьаллъулаан доб заманалда Петербургалда студентаз гьарулел рукӏарал дандечӏеязулъ. Гьесие кӏудияб асар гьабуна 1901 соналда Обуховалъул рагъулаб заводалъул хӏалтӏухъабаз 1 маялда гьабураб дандечӏеялъ».

Махӏачил бесдал эмен, Чӏиркъатӏаса Мухӏамад-Султан-хӏажи вукӏун вуго доб заманалда бечедавин рикӏкӏунев чи. Гьесул квербакъиялдалъун цӏалана Махӏач Хунзахъ. Темир-хан-Шурагун Петербургалда цӏализе абуни Махӏачие кумек щвана гиназ Хъазаналиповасдаса.

Туапсеялда

«Инженер Дахӏадаевин» абулаан гьесда Петербургалда маххул нуха- зул институт лъугӏизабиялъ. Туапсеялда гьабсагӏатги хӏалтӏулеб буго гьанжего-гьанже инженерасул ди- пломги щун, доб мехалда Махӏачица гьениб бараб порт. Рес къотӏиялда рукӏарал дагъистаниязул 1500 чи ва- чун вуго гьес гьениве хӏалтӏизе.

Махӏачил хӏурматалда рагьараб музейги, гьесул цӏар кьураб къватӏги буго Туапсеялда.

Хунжрузул завод

Революциялъул ишазе гуревги, цогидаб хӏалтӏи гӏуцӏиялъеги лъикӏав вукӏун вуго Махӏач. Масала, 1916 соналда Темир-хан-Шураб хунжрул гьарулеб завод рагьун буго гьес. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго гьадинаб документалъ:

№ 125. Донесение жандармского унтерофицера об открытии в ТемирХан-Шуре мастерских по изготовлению кинжалов 172 12 февраля 1916 г.

С разрешения правительства в г. Темир-Хан-Шуре в доме купца Мавраева с 1-го февраля с.г. открываются мастерские-кузницы в не-сколько горнов для изготовления и выделки полмиллиона азиатских кинжалов для вооружения кавказской действующей армии. Все заказы взял на себя инженер Дахӏадаев совместно с купцом Мавраевым. Мастера и рабочие туземцы, лезгины и мусульмане. За всеми работами следит и руководит сам инженер Дахӏадаев.

Мастеров принято пока немного и мастерские не окончены. Об изложенном доношу вашему высокоблагородию.

Унтер-офицер Григорий Коротаев.

Северияб Кавказалда советияб власть бергьиналъе гӏоло къеркьолев вукӏарав Сагӏид Габиевас гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго:

«Хас гьабун Дагъистан областалъул бакьулъ – рагъулав губернаторасул хъалаялда ракьцоязе хӏалтӏизе бакӏал гӏуцӏи кколаан студентлъун вугеб мехалдаго Махӏачил букӏараб анищ. Рагъул заманалда гьес гьеб хунжрузул завод рагьун букӏинчӏебани, 1917-1918 соназда революциялда дандечӏарал батӏи-батӏиял къува- тазда данде къеркьезеги бажару- леб, зарудегун яргъиде ккезегӏанги (жидерабго билълъинабун) киналго съездазда, конференциязда гӏахьаллъулеб додинаб захӏматхалкъ Шура букӏунароан».

Хунжрул гьарулеб заводалъул тарих тӏубан жеги лъазабун бахъун гьечӏин хъвалеб буго цойги документалдаги:

«Темир-Хан-Шураялда цохӏо хун- жрузул завод кколаан батӏи-батӏиял миллатаздаса хӏалтӏухъаби жанир рукӏараб предприятие. Махӏач Дахӏадаевасул нухмалъиялда гъоркь заводалда гӏуцӏун букӏана миллияб багъа-бачариги Россиялъул пролетариатги цолъиялъе квербакъараб цолъи – «Союз рабочих и земледельцев»

1918 соналда Дагъистаналда советияб власть бергьиндал, гьеб заводалъул аслиял захӏматчагӏи Багӏараб Армиялдеги лъугьун, Махӏач Дахӏадаевасул нухмалъиялда гъоркь тушманасда данде рагъулел рукӏана. Гьадинаб хӏужаги рехселин – дагъистанияз революциялъе гӏоло гьабулеб къеркьеялда гьоркьоса Дахӏадаев нахъе инавиялъул мурадалда гьесул тушбабаз хунжрул гьарулеб заводалъул хӏалтӏи гьесда бадибчӏвалеб (данде хӏалтӏизабулеб) букӏана 1917 соналда.

Гьелда бан Махӏач Дахӏадаевас хъвалеб бугоан гьедин абулел чагӏи цере жалго рукӏанин лъикӏаб гуреб гӏумруялда, Дагъистаналъул халкъалдаги гьел хъамалчагӏи хӏисабалда лъалилан («с темным прошлым, достаточно известные дагестанскому народу как грабители…»). (См. ЦИВИА. Ф 2170. On. 1. Д. 208. Л. 27.).

Имам Шамилилгун гӏагарлъи

1907 соналда имам Шамилил вас, Россиялъул генерал Мухӏамадшапигӏил кӏудияй яс Патӏимат-Загьра ячуна Махӏачица. Петербургалда цӏалулеб мехалда, ракьцояв хӏисабалда лъай-хъвайги ккун, гьезухъе гьоболлъухъ щолев вукӏуна гьев. Патӏимат-Загьраги йикӏуна къватӏисел улкабазул чанго батӏияб мацӏги лъалей, цеетӏурай яс.

Патӏимат-Загьраца Гӏадилгерей абурав вас гьавун хадуй гьей унтула. Цинги гӏагарлъиялъул изнуялдалъун жеги гьелъулго гьитӏинай яц Написатги ячуна хадуй Махӏачица.

1916 соналда Написатгун цадахъ гьев гочуна Темир-хан-Шураялде. Тарихчи Булач Хӏажиевас хъвалеб бугоан Махӏач Дахӏадаевас гьениб босанила Дагъистаналъул полкалъул офицер Мальсаговасул букӏараб мина; цӏакъ баркат бахъараб минаги букӏун бугила гьеб – офицерасул ясалъ жийго жинцаго жаний чӏвараб; къокъабго заманалдасан Махӏачил жиндирго магӏирукъги лъезе кканила гьениб.

Кисловодскиялде хӏухьбахъизе арав Махӏачил вакьад Мухӏамадшапигӏ хола 45 сон бараб мехалда. Хадувги ун, Махӏачица Кисловодскиялда аскӏоб бугеб росулъ вукъула гьев.

Гьелдаса хадуй Махӏачил якьад Ленинградалде гочуна. Татарай кколаан гьей.

1918 соналда Махӏач чӏван хадуб Написатги гочуна гьаниса Ленинградалде. Гьеб мехалдехун цойги чиясе росасеги ун йикӏуна гьей. Цинги Ленинградалъул блокадаялда хола.

Махӏачил цӏарал

Порт-Петровскиялда Махӏачил хъалаян цӏар лъезе хӏукму гьабула 1921 соналъул 14 маялда.

1930 соналъул 19 апрелалда даргиязул Ураринский районалдаги лъуна Дахӏадаевасул цӏар.

1944-1957 соназда Чачаналда Даттах ва Ца-Ведено росабаздаги лъуна Дахӏадаево, Махачаул абун цӏарал. Гьеб мехалда чачаналги Гьоркьохъеб Азиялде гочинарун, гьенир гӏумру гьабулел рукӏана магӏарулал.

Гӏумруги хвелги

Сунда квер баниги, хӏалтӏи гьабун хӏалтӏи релълъунев, ккезесеб жо цебеккунго лъалев чи вукӏун вуго Махӏач. Дагъистаналда тӏоцебе армияги гьес гӏуцӏана. Гъов кколаан Дагъистаналъул рагъулав комиссар.

Гьанжесеб «Хӏакъикъат» газеталъе байбихьиги Махӏачицагун гьесул лъади Написатица лъуна, «Заман» газетаги биччазе байбихьун.

Халкъ хадуб цӏазеги кутакаб махщел букӏун буго гьесул. Темир-хан-Шураялда митингазда Махӏачица гьарулел кӏалъаял рагӏарал чагӏи Хӏоцоса Нажмудинил рахъалдаса гьесул рахъалде рачӏунел рукӏун руго.

Бичераховасул чагӏазул рахӏатхвезабизе лъугьун буго гьеб хӏужаялъ, гьединлъидал хӏукму гьабун буго Махӏач чӏвазе. Революциялъе цӏиял къуватал ралагьизе магӏарухъе унев вукӏарав гьев чӏвана Жунгуталде щведал.

Амма бицуна Махӏачил рахъккурал чагӏаз туснахъалъуб рецӏел босун бугин гьел чӏвадарухъабаздасаян.

Махӏач чӏван хадуб гьабураб кӏалъаялда Сагӏид Габиевас абулеб буго гӏумруги хвелги кинаб букӏине кколебани халкъалда бихьизабунин гьесилан. 36 сон гурони бачӏо гьес дунялалда.

Хӏадур гьабуна З. ХӏАЖИЕВАЛЪ. Махӏач Дахӏадаевасда хурхарал сураталги документалги ритӏун рачӏана Дагъистаналъул Миллияб Музеялъ ва Дахӏадаевасул цӏаралда бугеб республикаялъул фондалъ.