29 марталда Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана дипломат, тарихиял гӏелмабазул кандидат Багьавудин Гӏалиевасул лъабабилеб тӏехьалъул презентация.

«Первое в Аравии. История Генерального консульства России в Джидде (1891-2021)» абураб гьел- да бицунеб буго Гӏарабазул бащдаб чӏинкӏиллъиялда Россиялъул офи- циалияб вакиллъи рагьаралдаса араб 130 соналда жаниб ккараб тарихалъул хӏакъалъулъ. Гьанжелъагӏан букӏун гьечӏо гьединаб магӏнаялъул тӏехь.

Багьавудин Гӏалиевас гьеб хъван буго кӏиго соналда жаниб.

Презентациялда гьес бицана гӏезегӏан кӏудияб тарих бугила гьеб генконсуллъиялъул, гӏараб улка- базда хӏалтӏулаго, рукӏа-рахъин язихъаб, сверухъ бугеб ахӏвал-хӏал хӏинкъараб букӏиналъ пашманаб къисмат ккарал посолалги чанги кканила. Масала, 70 километр гурони гьоркьоб гьечӏеб Жиддаялдаса Маккаялде унаго нухда кӏиго къо балеб букӏун буго. Рукӏа-рахъиналъул шартӏазул бицани, лъабго миллион чияс жаниб гӏумру гьабулеб Жидда шагьаралда чанго соналъ цебе гурони канализацияцин гьабун гьечӏо.

Гьединго тӏехьалъ квербакъила хӏажизабазда хурхараб тарих лъаялъеги. Хасго Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса гурони, хӏеж борхизе Кавказалдаса унел рукӏарал гӏадамазул бицарал бакӏал къанагӏат гурони дандчӏваларин абуна Б. Гӏалиевас.

Жиддаялда Россиялъул генконсуллъун Багьавудин Гӏалиев тӏамун хадуб хӏажизабазе бигьалъанин цоцо суалал тӏуразеян бицана презентациялда Дагъистаналъул халкъияв поэт, «Хӏаж-миссиялда» хӏалтӏулев вукӏарав Мухӏамад Хӏамзаевас. Официалиял кагъталги хъван цере гӏезегӏан заманаялъ балагьун чӏезе кколел рукӏун ратани, гьес телефоналдасан кӏалъан сордо-къоялда жаниб бокьараб мехалда тӏубалаанила хӏажизабазулги, дора цӏалулел студентазулги, даран-базаралъ рачӏаразулги суалал.

Багьавудин Гӏалиев сабаблъун кьолеб букӏун буго нилъер гьаниса хӏажизабазе тӏадеги квотабиги.

«Гьесул гӏадатлъи бихьизабулеб цоги хӏужа рехселин. Маккаялдаса Гӏарафат магӏарде гӏадамал раччулеб къокъаб нух бахъичӏеб заман букӏана. Гьединлъидал нухда транспорталъул читӏирги лъугьун, тӏубарал сагӏтаз автобусазда жанир балагьун чӏезе кколаан хӏажизаби. Гьеб соналъ анцӏго сагӏатниги бана магӏарде щвезе. Гьеб мехалда Цӏумадаса чи лъугьана разилъи гьечӏолъи бихьизабизе, гьаб щибила жидее кьолеб гӏакъуба, жинца жидерго Багьавудиниде гӏарз бахъилила. Ахӏана гьесухъе. Цинги Багьавудиница гьесие жаваб кьуна мун гӏодов чӏун рагӏулила, жив абуни 13 сагӏаталъ цого хӏатӏида вахъун чӏун вугила, щибила гьабилеб, гьаб жо хӏеж кколеблъидал», — абун бицана М. Хӏамзаевас.

Багьавудин Гӏалиевасда тӏехь баркизе рачӏун рукӏана батӏи-батӏияб заманалда гьесда цадахъ хӏалтӏарал, лъале-хъвалел, ракьцоял.

З. Хӏажиева