«Россия — дир тарих» абураб музеялда тӏобитӏана гӏалимзабазул дандеруссин. Гьелъул аслияб мурад букӏана «Цо жамагӏаталъул тарихалъул азарго сон: Гӏурада ва гӏурадисел» абураб тӏехьалъулгун лъай-хъвай гьаби. Гьеб хъвана РАНалъул Дагъистаналъул федерали- яб цӏех-рехазул централъул (ДФИЦ) тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏалимзаби Шагӏбан Хӏапизовас, Рамазан Гӏабдулмажидовас ва Мухӏамад Шехмухӏамадовас.
Данделъи нухда бачарав профессор Тимур Айтберовас абуна: «Дагъистаниязе хасиятаб буго жидерго росу-ракь машгьурлъизаби, гьелъул рухӏияб ирс лъазаби ва цӏуни, гьединго гьеб бечелъи ирсилазе нахъе тезе бокьи. Гьеб ккола гьаб тӏехь хъваялъул аслияб мурадги», — ан.
Тӏехьалъе редакторлъи гьабурав тарихчи Махӏач Мусаевас абуна: «Гьаб гӏадин рагӏа-ракьанде щун ва мухӏканал документазул кьучӏалда хъвараб тӏехь республикаялъул цониги росдал хӏакъалъулъ гьечӏо. Гьеб рикӏкӏине ккола Гӏурада росдал мисалаздалъун Дагъистаналъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунеб тӏехьлъун», — ан.
Гӏурадисезул жамагӏаталъул цӏаралдасан Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Ибрагьимовас абуна: «Тӏехьалъул аслияб кӏвар ва къимат ккола гьеб архивазул, жалго бетӏергьанал чагӏазул коллекциязул, квералъ хъварал тӏахьазул ва кагътазул фондалъул документазул кьучӏалда хъвараб букӏин. Дица гьеб цӏалана, кодоб къаламгун. Гьайгьай, дун чамалиго нухалъ гьелде тӏад вуссина. Дица гьеб рикӏкӏуна кӏудияб рухӏияб бечелъилъун ва щивав гьидалъесул столалда тӏад чара гьечӏого букӏине кколеб тӏехьлъун.
Дие цӏакъ кеп щвана гьелда бицунеб бугеб, цебе Гьидалъ букӏараб, демократияб къагӏидаялда масъалаби тӏуразарулел рукӏиналъул баяналъул. Тӏад Гӏурада росдада тӏадехун бугеб «Хурда хӏор» абулеб майданалде данделъиялде ахӏулел рукӏун руго гьидерил росабазул бегавулзаби, гӏалимзаби ва рагӏи билълъарал чагӏи. Гьоркьор лъолел рукӏун руго рагъ-кьалалъул, яшавмагӏишаталъул, гӏадат-гӏамалалъул, ай гьидерил боялъе кӏвар бугел суалал. Киналго вакилзаби разилъун гурони, гьел къабул гьарулелги рукӏун гьечӏо, амма, къабул гьарун хадур, гьел чара гьечӏого тӏуразе кколел рукӏун руго», — ян.
Тӏехь хъваялъе кӏудияб кумек гьабурав Мухӏамад Чӏегӏеровас абуна, тӏехь хъваялъул хӏалтӏи байбихьанила 2008 соналда. Абизе бегьулила гьелъие кьучӏ лъунин профессор Амри Шихсагӏидовас. Гӏалимчи Мухӏамад Шехмухӏамадовгун цадахъ лъугьун, гьес реганила нахъе цӏунун хутӏарал Гӏурада росдал та- рихалъул бицунел, гӏараб мацӏалъ квералъ хъварал цӏакъ гӏемерал церегосел документал. Гьездаса тӏехьалде росарал гӏемерал баяназдасан ва хӏужабаздасан цӏалдолезда лъалила некӏо гӏурадисезул ва гьидерил букӏараб гӏумру-яшавалъул, гӏадатазул хӏакъалъулъ гӏемерал пайдаял хӏужаби.
Тӏехь хъваразул цояв Мухӏамад Шехмухӏамадовас абуна: «Аби буго, лъикӏлъи гьабурасе баркала кьоларес Аллагьасеги баркала кьолароян. Нижер рахъалдаса дица кӏудияб баркала кьела, нижее сундуего хӏалае батараб гӏурадисезул жамагӏаталъе, хасго нижер хӏалтӏуе киналго шартӏал чӏезарурал ва къиматал малъа-хъваял гьарурал Мухӏамад Муртазагӏалиевасе ва Мухӏамад Чӏегӏеровасе. Гьединго тӏехь биччаялъе хӏажалъулел харжал тӏубанго жинда тӏаде росарав Мухӏамад Талайловасе.
Гьеб тӏехь хъваялъе нижеца гьабуна цӏакъ кӏудияб гӏелмияб цӏех-рех. Моцӏаз хӏалтӏана Тифлисалъул ва Москваялъул рагъулгун тарихалъул архивазда. Цоги жоялъул бицинаро, гӏицӏго дир килщаз бегана щуазаргоялдаса цӏикӏкӏун архивияб документ. Пайда босана 106 гӏалимчи-тарихчиясул тӏахьаздаса ва макъалабаздаса. Гьадин рагӏаракьанде щун хъвараб гьеб тӏехь лъугьина росабазул тарихалъул тӏахьал хъвалел чагӏазе къиматаб мисаллъун.
Росабазул ва жамагӏатазул хӏакъалъулъ хъварал гӏемерисел тӏахьал руго «хъвадарухъанас» жинда берцин бихьараб къагӏидаялда, ай тарихиял баянал мекъса сверизарун ва хӏужабазулъ хатӏалъи бич- чан хъварал. Гьезда кӏодо гьабулеб буго жидерго тухум-кьибилалъул машгъуллъи, понцӏозабулеб буго гӏагарал чагӏазул цӏакълъи- тӏокӏлъи. Гьедин хъвараб тӏехь тарихалъулаб кколаро, гьеб рикӏкӏине ккола художествияб асарлъун, гьелъул бицине гӏураб къимат букӏунаро. Росдал хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе ккола хъвалеб жо жиндего цӏаларев вацӏцӏадав гӏалимчияс яги тарихчияс», — ан. Тӏехьалда руго цӏалулезе пайдаял гӏемерал хӏужаби ва баянал. Маса- ла, 1365 соналда гьениб бараблъун рикӏкӏунеб буго гьатӏанрукъалъул мина (часовня), гьелда сверун гӏуцӏун буго Гӏурада росу. Баян кьолеб буго Хӏарада росдал гӏадамал Гьидалъа къватӏире гъеялъе ккараб гӏиллаялъул. Бицунеб буго исламияб дин тӏибитӏизе насранияз гьабулеб букӏараб квалквалалъул ва XVII гӏасруялъул бакьулъ исламияб низам билълъанхъизабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ.
Гьайгьай, цӏалдолез гъираялда цӏалила 1741-1743 соназда Надир-шагьасде данде гьабулеб букӏараб къеркьеялда исламияв гӏалимчи Ибрагьим-хӏажияс гьабураб цевехъанлъиялъул ва гьидерил гӏолохъабаз бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ.
XVII гӏасруялъул 70-абилел соназда Гьидалъ тӏибитӏараб къавудаялъ хун вуго цӏакъ гӏемер чи, гьелъ кьаби щвезабун буго гьидерил жамагӏаталъул яшав-магӏишаталда ва рагъулаб гучалда. Гьелъул хӏасилалда гьидерил боялъул цебе букӏараб кӏвар лъугӏун буго.
Тӏехьалда гӏатӏидго бицунеб буго, Имамат гӏуцӏулаго ва гьеб цӏунулаго, гьидерил гӏолохъабаз бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Масала, 1856 соналда Гьидерил наиблъиялъ Имаматалъул аскаралде витӏун вуго 200 рекӏарав ва 300 лъелав рагъухъан.
Дир щибго щаклъи гьечӏо, гьеб тӏехь цӏалдолез гъираялда къабул гьабизе букӏиналда.
Нури Нуриев