Гӏедегӏун кӏетӏолеб буго гӏумрудул сагӏат. Къоял сардаца хисун, сагӏтал минутаз рикӏкӏун, «къиркъидулеб буго къарнудал каву». Рахӏат гьечӏеб гӏасруялъул вакилзаби лъугьана нилъ.

Замана-техтеро, гъугъадулеб зоб…

«Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал, Хваралги ракӏалде щун шигӏруялда кӏалъазин», — абун хъвана Игьалиса Чупалас нусгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебего. Гӏасругун бащадалъ цере хъварал рукӏаниги, гьел мухъал лъугьана жакъасеб нилъер хӏакъикъат жанисан бихьулеб матӏулъун, пашманлъиялде рагьулеб кавулъун. Аралъул хӏисабги гьаб дунял тун арал рухӏиял церехъабазул пикруги гьабизе нилъ тӏамулеллъун руго шагӏирасул гьал мухъал.

Абухъего, хараблъун буго магӏарухълъи, имамзабиги тӏагӏун, гӏалимзабиги ракьулъе ун, рухӏиял церехъабазда тӏад къаналги чӏван. Гьаб ракьалда нилъ хутӏун руго цо къиматаб хазинаги билун, гьеб балагьулел пашманал лъимал гӏадин.

Щай дица гьабгощинаб жо хъвалеб бугебилан ракӏалде ккезе бегьула нужеда. Халатаб цеберагӏиги нужее цӏалкӏун, цо пашманаб темаялде нуцӏа щай дица рагьизехъин бугеб?

Республикаялдагун дунялалда кколел ругел хӏалуцарал лъугьа-бахъиназда хадуб хал кколелги рукӏун, цо лъикӏав чиясул хӏакъалъулъ нужее бицине кӏочон батана араб номералда. Дица бицунеб буго рахӏимукуллагь, бергьарав гӏалим, Бакълъухъа Гӏабдулгъапурил Гьитӏинамухӏамадил.

23 марталда 10 сон сверана гьев шагьидлъаралдаса. Буйнакскиялъул аслияб мажгиталде рогьалил какде унев гьевги гьесулго росулъа гӏолохъанчиги кьвагьизавуна исламалъул тушбабаз. Ахираб 2030 соналда жаниб гьел жанавараз анцӏ-анцӏ чи кьвагьизавуна. Гьеб ракӏгъанцӏизабулеб статистикаялде, гӏадатияб жоялде гӏадин, ругьунлъун ана нилъер гӏумру.

10 сон сверана Гӏабдулгъапурил Мухӏамад шагьидлъаралдаса. Амма гьеб анцӏабго соналда жанибги хутӏа-хутӏарабги квешлъун, гӏассилъун гурони, дуниялги заманаги лъикӏлъичӏо.

Рахӏимукуллагь, Гӏабдулгъапурил Мухӏамад гьавуна 1960 соналъул 12 февралалда Шамил районалъул Бакълъухъ росулъ, гӏелмуялда гӏамал рекъарав гӏалимчи, лъикӏав мурид, Абдалил Мухӏумил Гӏабдулгъапурил хъизамалда. Мухӏамад, эбелалъул ургьив вукӏаго, Бакълъухъа Сагӏдухӏажиясул Мухӏамадафандияс (къуддиса сирругьу) Гӏабдулгъапурида абун буго: «Мун хъизанги ячун жеги устарасухъе инчӏого щиб гьабулев вугев?» — илан. Устарас малъарабги гьабун, нахъисеб къоялъ радалго Лъахъа Хӏамзатафандиясухъе уна Гӏабдулгъапурил Мухӏамадил эмен.

Мухӏамадида гьитӏинго Къуръан малъана инсуца. Дин гьукъарал со- налги рукӏун, магӏарулазул цогидал росабалъго гӏадин, Бакълъухъги балъго балаан рузманалъул как ва цӏалулаан хатму-салават.

Гьеб кинабго тадбир Гӏабдулгъапурил бетӏерлъиялда гъоркь гье- сул рокъоб букӏунаан. Гьитӏинав чи вукӏаниги, Мухӏамадицаги гьеб кидаго гьоркьоб толароан. Лъимерлъудаго Гӏабдулгъапурил Мухӏамад вукӏана гӏажаибго тирияв, квер хехав, векеризе, кӏанцӏизе гьунар бугев чи.

Устарасул файиз рекӏелъе тӏурав

Жеги гьитӏинав чи вукӏаго, Мухӏамад инсуца гӏемер витӏулаан Бакълъухъа Кӏудиясухъе къваригӏелалъ.

Гьитӏинаб къоялдаса нахъе Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афандиясухъ паналъарав, хӏакъикъияб рокьиялъ гьев вокьулев ва сундулъго гьесда релълъине хӏаракат бахъулев чи вукӏана Гӏабдулгъапурил Мухӏамад.

Цо къоялъ Бакълъухъа Кӏудияс Гӏабдулгъапурида абун буго гьав вас назру гьабун жиндие кьейилан. Кьунилан Гӏабдулгъапурицаги абун буго. Бакълъухъ росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, 1978 соналъ Буйнакскиялъул махщалил учили- щеялде цӏализе уна Гӏабдулгъапурил Мухӏамад. Амма цӏалиги багьана- де ккун, хӏакъикъаталда Мухӏамад вукӏана гӏелму цӏализе къватӏиве вахъарав чи. Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афандиги доб мехалъ гӏумру гьабун Буйнакскиялда вукӏана. Кӏудияс гӏумру гьабун жиндирго рокъов тана гьев.

1979 соналъ Сагӏдухӏажиясул Мухӏамад-афандиясда дандги бан байбихьана Гӏабдугъапурил Мухӏамадица гӏелму цӏализе ва гьелдаса нахъе гӏелму цӏали гьоркьоб къотӏизе течӏо гьев хӏикматав инсанас. Буйнакскиялдаса росулъе нахъ- вуссиндал, Кӏудияс Мухӏамадида абуна: «Малъун гурони, цӏалун гӏелмуги щоларин, гьанже дудаго лъараб жо цогидаздаги малъе», — йилан. Гьеб букӏана 1984 сон. Гьелдаса нахъе динул-исламалде рокьи бугелщинал гӏолилалги данде гьарун, гьезда балъго дарсал лъезе байбихьана Гӏабдулгъапурил Мухӏамадица. 1988 соналдаса нахъе гьесул рокъоса гӏелму цӏалулел гӏолохъаби камичӏо.

Цере цӏалараз хадур рачӏунезда малъун, анлъго-анкьго соналда жа- ниб гӏелмуялъе гьунар бугел мугӏалимзаби гӏуна Бакълухъ ва 1990 соналъ гьениб мадраса рагьана. Гьелдаса нахъе шагьидлъун живго хвезегӏан, 30 соналъ гьоркьоса къотӏизе течӏого тӏубазабуна Гӏабдулгъапурил Мухӏамадица Бакълъухъа Кӏудиясул амру.

Кигӏан мутагӏилзабаз цӏураб рукъ бугониги ва къасиги къадги гьезда гъорлъ вугониги, Гӏабдулгъапурил Мухӏамадица рогьалил как базегӏан устарас жиндихъего кьураб вирд течӏо. Бакълъухъа Сагӏдухӏажиясул Мухӏамадие цӏакъ хирияв инсанги вукӏана гьев. Гьев мубаракас абулаан цо гӏайиб бугин Гӏабдулгъапурил Мухӏамадида – гьев цохӏо вукӏин.

Хӏакъикъаталдаги цохӏо гурони вукӏинчӏолъиялъ гӏолев вукӏинчӏо гьев тӏубараб республикаялъего. Исламалъул «хехаб кумекилан» цӏарги лъун, къокъаб заманалда жанив анцӏ-анцӏ росабалъе, шагьаразде витӏулаан гьев муфтияталъ. Витӏулаан бищун хӏалуцараб ахӏвал- хӏал бугеб, исламалде гӏадамал ахӏизе хӏажалъи ккараб бакӏалде.

Дунялалъул рахӏат дуца цӏехечӏо

Гьабулеб минаялъул тӏохги жиб- го тун ана гьев баракатав гӏалим Кӏаратӏе хӏалтӏизе. Инеги, багъ- арун букӏараб цементалъул рас- творги лъугӏизабун, рокъовеги ун ретӏелги хисун, дунял рукӏкӏунеб гӏужалъ ана. Бакълъухъа Кӏаратӏеги, Кӏаратӏаса Бакълъухъеги кигӏан цӏорораб хасалоги лъелго хьвадулев вукӏун вуго гьев. Накалде бахунеб гӏазулъан нухги бахъулаго, мугӏрул къотӏун хьвадана гьев анкьго со- налъ. Гӏахьвалазул цӏорорал мугӏруз ккезабунин жинда гьуъруздаги бох- дуздаги унтиян абулеб букӏун гьес нахъа.

Ансалтӏа, Кӏаратӏа, Нечаевка, Гъизилюрталда, Генуб, Кокрекалда, Балахьуниб, Дилим, Хунзахъ, Гьоцӏалъ, Буйнакскиялда — гьев щвечӏевги гьес гӏелму малъичӏебги росу-ракьго хутӏанадай республикаялдаян ккола цо-цо мехалъ, хӏисаб гьабидал. Гьеб киналдаго гьоркьоб, бокьараб росулъ ялъуни шагьаралда гӏалимзабазул мажлисазде, мажгит рагьулеб бакӏалде инеги батулеб букӏараб заман гьесда. Гьенир гьарурал, цоялдаса цоял камилал, ракӏалдаса унарел гьесул кӏалъаял. Щибаб хӏарп рекӏелъе бортуледухъ гьарулел вагӏзаби. Аллагьас гӏажаибаб, жиндирго нияталда рекъараб къуват кьун букӏана гьев мубаракасе. Киве щваниги данделъаби гьарун, мажлисал гӏуцӏун, дарсал цӏалун цо лахӏзат гӏадада ине биччачӏо гьес гӏумруялъул ахиралде щвезегӏан

Гьединав чи вукӏана рахӏимукулллагь Гӏабдулгъапурил Мухӏамадхӏажи. Гьесул даражаялъул гӏалимчи жакъа нилъер республикаялда гӏемер гьечӏолъи хӏакъаб буго.

Азарго соналда жанив цо нухалъ вахъунев, къанагӏатаб гьунаралъул чи вахъана гьесул. Нилъер заманалъул Имам Гъазалиян абизе бегьила гьесда. Гьес киданиги кодоса биччалареб тӏехь букӏана Гъазалиясул «Ихӏяъал» абураб машгьураб тӏехь. Шагьидлъараб къоялъги гьеб букӏана Мухӏамадихъ кодоб. Рогьалил какдаса хадуб кидаго гьеб мажмугӏ цӏалулеб букӏун буго гьес гӏадамазе.

Муфти Сайидмухӏамад-хӏажидаса байбихьун, цояв цоясдаса берцинаб тӏабигӏаталъул гӏалим камуна нилъее. Гьез цадахъ босун араб гӏадин гьаб ракьалдаса дагь-дагьккун лъугӏулеб буго берцинлъиги, лъикӏлъиги, баракатги, адаб-хӏурматги. Ракӏбохизабулеб хабарго рагӏулеб гьечӏо.

Хӏамзатил Расулица абухъе: «Росулел кверазулъ, цебе букӏинчӏеб, рекӏелъе лъугьунеб хинлъи дагь буго». Хинлъи дагьлъулеб буго ракьалдаса. «Ракӏалдещвеязул щенон балеб цӏадалъ» риччизарун, цере рукӏарал лъикӏал гӏадамазул бицун, рекӏее парахат гьабулел хутӏун руго нилъ.

Ашахан Юсупов