Талихӏавлъун ккола Рамазан моцӏ тӏаде щвелалде живго витӏизавулев, мекъал гӏамалаздаса живго цӏунулев чи. Рамазан буго Аллагьасде вуссине бокьарав чи Гьес къабул гьавулеб моцӏ. Гьаб буго гӏумруялъго гӏемерал гъалатӏал гьарулев вукӏарав чиясул тавбугицин Рахӏманас къабул гьабулеб моцӏ. Муъминзабазул мунагьалги чурулеб, щайтӏанги рахсида бухьун, лъикӏал ишазде инсан машгъуллъулеб рамазан моцӏ бихьизе рес кьурав Аллагьасе рецц буго. Баркула киназдаго баракатазул цӏураб, жинда жаниб Къуръан рещтӏараб рамазан моцӏ тӏаде щвей.

Исана нилъер улкаялъе захӏматаб соналда нилъ киналго урхъун рукӏана рахӏматазул цӏураб, баракатаб моцӏ тӏаде щвеялъухъ. Нилъер щивасул рекӏелъ бугеб хӏинкъигун ургъел тӏаса босулеблъун батаги хирияб моцӏ. Гьеб ккола жиндир авал рахӏматлъун, бакьулъ бакӏ — мунагьал чурилъун, ахир — жужахӏалдаса тархъилъун рикӏкӏунеб моцӏ.

Щибаб сардилъ Аллагьас ахӏулеб буго: «Вугищ мунагьал чуризе бокьарав чи, Дица гьесул мунагьал чуризе руго. Вугищ дугӏа гьабулев чи, Дица гьесул дугӏаялъе жаваб гьабизе буго. Вугищ Диде вуссине бокьарав чи, Дун гьесде вуссине вуго», — ян. Гьалдаса кӏудияб рахӏматги щибха букӏинеб?

Сундасаха байбихьилеб? Тӏоцебесеб иргаялда, тавбу гьабила. Как балеб гьечӏищ – цӏидасан какал разе байбихьила. Цебегоялдаса нахъе Къуръан цӏализе бокьун, амма регӏичӏого хутӏун ругищ – Рамазан моцӏалъ байбихьи лъела.

Кӏал кквеялъул адабал

Аллагьасул салам лъеяв Аварагасул хӏадис буго: «Кӏал ккурав чиясул кири хвезабулеб пиша щуго буго: гьереси бицин; чиясда нахъасан кӏалъай; мацӏ гьаби; гьереси бицун гьеди; шагьваталдалъун чияр чӏужуялде балагьи», — ян.

Рамазан моцӏ Къуръан цӏалун, Аллагь рехсон, рес букӏун щуябго как жамагӏат гьабун мажгиталъуб бан рукӏине лъикӏаб буго. Пайда гьечӏел пишабазда заман гӏадада хвезабунгутӏиги адаблъун рикӏкӏуна. Таравихӏалъул каказде лъимал ва лъималазул лъимал рачинеги, гьезда какал гьуин гьаризеги лъикӏаб буго.

Гьеб моцӏалъ дагӏба-рагӏиялдасаги цӏунизе ккела. Хьандолев, вагъулев чи дандчӏвани, дун кӏал ккун вугиланги абун нахъе ина.

Рамазан моцӏалъ батӏаго тӏокӏал, лъикӏал тӏагӏамал чӏезаризе лъугьинчӏого, гӏадатлъун батараб кванда гӏей гьабун чӏела. «Гьеб напс квегъулеб моцӏ бугелъул цогидал моцӏаз кваналелдаса батӏияб, цӏикӏкӏун квен кванаге», — ян хъвалеб буго имам Гъазалияс.

Рамазан моцӏалъ цӏакъго хирияб буго цебехун как хутӏарав, гьекъелалъулгун хурхен букӏарав, зулму гьабурав, зина гьабурав, хъалиян бухӏарав чияс тавбуги гьабун, гьездаса инкар гьаби ва гьелги гьел гурелги квешал пишабаздаса ракӏбухӏун тавбу гьаби.

Гьеб пикру ритӏухъ гьабизе хӏадисалги руго. Аварагас (с.т.гӏ.в.) абуна: «Рамазаналъул тӏоцебесеб сордо бачӏараб мехалъ алжаналъул каваби рагьула, жужахӏалъул нуцӏби къала, щайтӏабаздаги, квешал жундуздаги гудрал рала. Аллагьасул рахъалдасан малаикзабаз ахӏула: «Я, лъикӏлъиялда хадув лъугьарав чи, дуца лъикӏлъиялда тӏадчӏей гьабе. Я, квешлъиялда хадув вилълъарав чи, дуца квешлъи рехун те», — ян. «Дихъе Аллагьасул салам лъеяв Жабрагӏилги вачӏун гьес абуна: «Рамазан моцӏги щун мунагьал чуричӏев чи Аллагьас рикӏкӏад гьавегиян, дицаги жаваб кьуна «Амин», — абун.

Кӏал биччалеб мехалъ дугӏа гьабизе лъикӏаб буго. Хирияб хӏадисалда буго: «Кӏал биччан хадуб гьабураб дугӏа нахъ чӏваларо», — ян.

Гӏага-божарал, гьудул-гьалмагъзаби, мискин-пакъирзаби ахӏун гьезие маркӏачӏуда кӏал биччазе квен кьейги Рамазаналъул адаб гьабилъун рикӏкӏуна. Хирияб хӏадисалда буго: «Кӏал ккурав чиясе маркӏачӏуда квенги кьун кӏал биччазабуни, мунагьал чури ва жужахӏалдаса тархъи гуребги, дов кӏал ккурасеги мукъсанлъичӏого, гьесие щваралда бащадаб кири хъвала», — ян. Цохӏо чамасдак кьуниги, къулчӏизе лъим кьуниги щола гьединабго кири».

Пайда

Кӏал кквеялъул руго гӏемерал пайдабиги. Свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Нужеца кӏал ккве, нужго сахлъизе», — ян.

Хирияб Къуръаналда буго: «Унтарав яги сапаралда вугев чиясе кӏал биччазе ихтияр буго, амма сахлъараб мехалда ялъуни сапаралдаса вуссараб заманалда кӏал бецӏила, ай камурал кӏалазул рикӏкӏен цогидал къояз ккун тӏубазабила», — ян. Кӏал кквеялъ черх тӏадагьлъизабула, Аллагьасе гӏибадат гьабиялде жеги гъира ккезабула ва чиясул пикруги лъикӏго хӏалтӏула.

Свалат-салам лъеяв Аварагасул хӏадисалда буго: «Алжаналда цо нуцӏа буго, Раян абун жинда цӏар бугеб, жинда жанисан гӏицӏго кӏал ккурал чагӏи гурони алжаналде лъугьунареб. Гьеб нуцӏихъан лъугьарав чиясе Тӏадегӏанав Аллагь вихьизе къотӏиги буго», — ян.

Рамазан ккола сабру гьабиялъул моцӏ. Сабру гьабизе кколеб буго кванде кигӏан хиял лъуниги гьелдаса инкар гьабиялдалъун. Сабруялъухъ шапакъатги алжан ккола.

Щайтӏаби рахсида рухьаниги, щай гӏадамал гӏасилъулел?

Рамазан бачӏиндал Аварагас (с.т.гӏ.в.) асхӏабзабазда рохел бицунаан ва абулаан: «Нужеде тӏаде бачӏун буго баракатаб моцӏ, жиндилъ кӏал кквезе Аллагьас нужее паризаяблъун гьабураб ва къаси тӏаде рахъун сордо чӏаго гьабизе суннатаблъунги гьабураб. Рамазан моцӏ бачӏарабго алжаналъул каваби рагьула ва жужахӏалъул нуцӏби къала, гьеб моцӏалъ щайтӏабиги рухьуна», — абун.

Рамазан моцӏалъ щайтӏаби рахсида рухьулин абуниги, гьеб моцӏалъ гӏадамаз квешаб гӏамал гьабулеблъиги бихьула нилъеда. Щайха гӏадамаз мунагьал гьарулел, щайтӏаби рахсида рухьараб моцӏалъги?

Гьеб суалалъе жаваб кьезе бегьула имам Аль-Къуртӏубияс «Фатхӏ АльБари» абураб тӏехьалда рехсарал рагӏабаздалъун:

«Нагагь лъица бугониги абуни: «Рамазан моцӏалъ гӏадамаз квешал ишал щай гьарулел? Щайтӏаби рухьун ратани, гьедин букӏине кколаро», — ян, нижеца жаваб кьела, щайтӏан рикӏкӏад гьабулин, кӏал кквеялъул киналго адабал цӏунарав чиясдаса. Хӏакълъунго, Рамазан моцӏалъ, цогидал моцӏазда дандеккун, бусурбабаз мунагьал дагь гьарула. Киналго щайтӏаби рухьанигицин, квешал ишал гьаричӏого толаро гӏадамаз, щайгурелъул, гьезие зарал гьабулел гӏемерал гӏамалал ругелъул. Гьеб ккола инсанасул напс, квешал гӏадатал, сурукъаб гӏамал ва бищунго жидедаса хӏинкъи бугел гӏадамал-щайтӏаби».

Щайтӏаби гуребги, нилъ мунагьалде цӏазе гӏемерал гӏиллаби рукӏин бихьулеб буго. Гьезда гьоркьоб бищунго нилъее хӏинкъи бугеблъун ккола нилъерго напс.

Нилъеца яхӏ бахъула хирияб моцӏалъ хӏалкӏванагӏан садакъаби гьаризе, гьоркьоб биччачӏого кӏал кквезе, какал мухӏканго разе. Цо-цо рес бугел гӏадамаз кӏудиял ифтарал тӏоритӏула кӏал ккурал гӏадамазегӏанасеб кири щвезе хьулгун. Рес рекъараз мажгитал къачӏала, республикаялда тӏоритӏулел гур-хӏел-рахӏмуялъул акциязда яги цогидал тадбиразда гӏахьаллъула. Муъминчагӏи Рамазан моцӏалъухъ урхъун ругебгӏан мехалъ, тукенчагӏи жидеего щолеб хайиралъухъ урхъун рукӏунин абула. Тӏубараб моцӏалъ кӏалалги ккун, таравихӏаздеги хьвадун, моцӏрол ахиралда жидецаго ричулел кванил нигӏматазул багьабиги рахинарун, мискинчиясул «щекъер къаялъул» магӏна щиб? Кӏал кквезе байбихьаралдасаго дагь-дагьккун рахинарула багьаби. Ахирисеб кӏиго анкьида жанибин абуни, садакъаде бикьизе босулеб гьуинлъи кӏиго нухалъ хира гьабун батула. Гьединго, пихъ, гьан ва цогидалги нигӏматазулги багьа бахинабула. Капурзабаз нилъер ва жидерго байрамазул хӏурматалдаян абун кӏудиял тукабазда акциял тӏоритӏула, къайи ва нигӏматал учузго ричула. Ни-лъер даранчагӏи щай гӏасилъулел? Исана улкаялъулго экономикаялъе захӏматаб, киса-кирего нигӏматалгун къайи бащдаб багьаялъ хиралъараб заманалдагӏаги, нилъер даранчагӏи гӏадатияб халкъалда гурхӏилин хьул буго.

П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА, (пайда босана «Адабал» абураб тӏехьалдаса)