Россиялъул ва Белоруссиялъул Хъвадарухъабазул, Композиторазул ва Художниказул союзазул член, Дагъистаналъулгун Чачан республикабазул халкъияв художник, «Горо» абураб дагъистаниязул тӏолгодунялалъулаб жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев, скульптор, шагӏир ва композитор Хизри Асадулаев ккола Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъа. Гьениб лъугӏана школа, цӏалана Джемалил цӏаралда бугеб художествияб училищеялда (ювелир), Орел шагьаралда лъугӏизабуна художествияб училище (скульптор) ва гьелдаса хадуб (1981 сон) гӏумру гьабун вуго Минск шагьаралда. Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукӏарав гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги ккана нижер.
— Хизри, нилъер цебеккун лъай-хъвай букӏинчӏо. Жакъа бихьулеб буго мун махсара-хочӏалъул чи вукӏинги…
— Дида бичӏчӏуларо махсараялъе бакӏ гьечӏеб гӏумру ва магӏишат. Цо-цо мехалда дицаго дидагогицин абула махсараялъе вижун ватилин дун Аллагьасилан абун. Киналдаго тӏаде дун 1 апрелалда гьавунги вугелъул.
— Амма мун ккун вуго дагьаб батӏияб рахъалде, ай скульпторасул махщалиде. Гьелъие гӏилла щиб ккараб?
— Гьеб буго чӏванкъотӏун жаваб кьезе лъалареб суал. 4-5 классазда цӏалулаго рекӏелъе бачӏана дун скульпторлъун вукӏине кколин абураб пикру. Дида гьеб мехалъ лъазегицин лъалароан щив чи гьев кколевали ва щиб хӏалтӏи гьес гьабулебали. Дир эбелалъул эмен 1937 соналда репрессиязда гъоркьеги ккун, тӏагӏана. Гьев вукӏун вуго лъикӏав спортсмен, чотӏахъан, кечӏ ахӏулаан, бакънал хъвалаан. Дир эбелги йикӏана махщел бугей гӏадан, ай ретӏел букъулей, халичаби рессулей устар. Гьездаса щвараб батилин ккола дие сурат бахъиялде, кучӏдул хъваялде ва бакъназде рокьи.
— Дуцаго мун щивлъун рикӏкӏунев – скульпторлъунищ, шагӏирлъунищ ялъуни композиторлъунищ?
— Дида лъалелъул унго-унгоял шагӏирзаби щал кколелали, дунги шагӏир вугин абизе кинго кӏоларо. Амма дун кутакалда вохарав вуго Расул Хӏамзатовасдаса байбихьун жакъа чӏаго ругезде гӏунтӏун цӏар арал нилъер шагӏирзабазулгун гьудул-гьалмагълъи, лъай-хъвай букӏиналдаса. Гьебго буго машгьурал композиторазул рахъалъги, гьединлъидал дунги вугин композиторин дица абизе ресго гьечӏо. Дица къалмица рахъула суратал (гьеб къагӏида захӏматабги къимат цӏикӏкӏарабги буго), къватӏисел пачалихъаздасаги рукӏуна заказал. Дипломалда ва дир аслияб хӏалтӏуда рекъон дун ккола скульптор, гьел- да цадахъго гьабула художникасул хӏалтӏиги.
— Скульптор хӏисабалда дуца гьарурал хӏалтӏабазул аслиял, бищун кӏвар бугеллъун кинал рикӏкӏунел?
— Дун гӏахьаллъана тӏолгосоюзалъулаб анкьго выставкаялда (щивав художникасул анищ букӏуна цоялданиги гӏахьаллъизе, гурони гьев восулароан СССРалъул Художниказул союзалде), гьениб дир лъабго хӏалтӏи бичунги ана (гьел руго музеязда). Москваялда буго, конкурсалда бергьун, гьениб лъураб Россиялъул бахӏарчиясе памятник. Гьенибго буго лъабго барельеф – Мерецковасе, Лагошкиние ва Манаковасе. Руго хӏалтӏаби Минскалда, гьениб буго Совет Союзалъул Бахӏарчи, молдованав Ион Салтысие лъураб памятник (гьеб рагьиялда гӏахьаллъана Молдавиялъул цеве вукӏарав президент Додон ва парламенталъул председатель), буго заказ гьединабго памятник Кишиневалда лъезеги. Болъихъ районалъул бетӏер Мухӏамад Патхӏулаевас лъазабураб конкурсалда рекъон, Владимир Путин гьениве вачӏиналде (2019 сон) Болъихъ рагьизе кколаан Кӏудияб Ватӏанияб рагъда, Афгъанистаналда ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъаразе ва нилъер ополченцазе цадахъаб памятник-монумент. Лъабалго цадахъ цо кьурулъа къватӏире раккулеб ругеб хӏисабалда гьабураб гьеб кӏудияб хӏалтӏи рагьиялда хӏакъикъаталдаги гӏахьаллъана Путин. Аскӏовеги ахӏун, гьес тӏадегӏанаб къимат кьуна памятникалъе, дие кьуна гӏемерал суалал, абуна гьадинаб хӏалтӏи жинда жеги кибго бихьун букӏинчӏин абун. Дицаго абизе рекъон гьечӏониги, балъхъадерил чӏухӏилъун лъугьана гьеб. Исана педуниверситеталдаги лъуна гьелъул гьитӏинаб копия.
— Дуца кучӏдул хъвалел руго цохӏо кӏаралазул мацӏалда. Кин ккараб хас гьабун гьеб мацӏалда хъвай?
— Тӏоцебе дие кинго рагьичӏо (кучӏдул хъвалеб хӏисабалда) я гӏурус, я магӏарул мацӏ. Хӏалбихьараб мехалда, цо-цо рагӏи бачӏунарого букӏиналъ лъикӏаб хӏалалда словарал хъирщизе кколаан, гьедин хъвараб жо шигӏру гурин кколаха дида. Жидер заманалда, 50-абилел соназда Машидат Гъайирбеговалъ кӏаралазул мацӏалда хъван букӏун буго чамалиго кечӏ, дие гьел загьирлъана хадур. Кучӏдул хъвазе гъира дир бижана ракӏалдаго гьечӏого, гьеб хиялги бачӏана жанисан гьулчун. Тӏоцебе хъвараб кечӏги букӏана Кӏаратӏа росдал хӏакъалъулъ, гьелда цадахъго ботӏролъе бачӏана бакъанги. Гьедин ккана байбихьи. Дида цадахъго гӏадин Баху-Меседу Расуловалъги хъвана кӏаралазул мацӏалда. Гьанже анцӏила хадув чи вуго гьеб мацӏалда хъвадарулев. Дир асарал гӏурус мацӏалде руссинарула бе- лорусазул машгьурав поэт Анато- лий Аврушиница, гьанжелъизегӏан Минскалда къватӏибе биччана кӏиго тӏехь. Кучӏдул руссинаруна гӏараб, турк, нугъай мацӏазде, магӏарул мацӏалда гьел рахъана «Гьудуллъи» журналалда.
— Дуца Белоруссиялда бан буго 40-гӏанасеб сон. Гьеб заманалда жаниб мун гӏемер хисанищ ялъу- ни довго Хизрийищ жеги вугев?
— Дун росулъа къватӏиве вахъа- на 16 сон барабго, гьелде щвезегӏан жеги шагьаралде щварав чиги вукӏинчӏо. Хадуб, киве дун щва- ниги, щиб хӏалтӏуда вугониги, дир рекӏелъ кидаго букӏана ва буго Дагъистан. Цӏунана нилъер мацӏги, гӏадат-гӏамалги, динги. Сагӏудиязул къиралас Минскалдаса ахӏараб къокъаялда цадахъ (туркав, татарав, сириялъулав, дин босарав белорусав ва дун) борхана хӏеж. Хӏакъаб жо, лъикӏабщинаб гӏурусазулги белорусазулги босана, дагьабги лъикӏ лъазабуна гӏурусгун белорус мацӏал.
— Гьабсагӏаталда кин бугеб доба гӏумру-магӏишат, дагъистанияв вукӏиналъ дуе кинабгӏаги къварилъи бугищ?
— Бусурбаби дол рукӏаралани доздаса иман щулиял гӏадамал кирго рукӏинароан. Белорусал руго хӏалтӏизе бокьулел, магӏишат гьабизе лъалел, яхӏ-намус, жавабчилъи, сундулъго чӏванкъотӏи бугел, кьураб рагӏи кколел, гьабураб къотӏи тӏубалел гӏадамал. Рикьа-къотӏи абураб жо доба гьечӏо, Лукашенкоца чӏванкъотӏун лъазабухъе, миллатчилъиялъул махӏгицин биччаларо. Белоруссиялъул киналго гражданазул (Хизриги ккола гьеб пачалихъалъул гражданин) руго бащадал ихтиярал.
— Гӏемерал дагъистаниял ругищ дора, бугищ гьезда гьоркьоб бухьен, рукӏунищ тӏоритӏулел тадбирал?
— Дова вуго ункъазаргогӏанасев дагъистанияв. Амма нилъеразда гьоркьоб щулияб гъунки, лъикӏал бухьенал гьечӏо. Тӏоритӏулел тадбиразда гӏахьаллъула, бухьеналда вукӏуна гӏага-шагарго 100-120-гӏанасев чи. 2004 соналдаса нахъе, чӏахӏиял залазда, санайил дица гӏуцӏула Расул Хӏамзатовасул литературиялгун музыкалиял вечерал («Ноябрьские Гамзатовские чтения»), тӏоритӏула гьесул кучӏдул цӏалиялъул ва гьесул асаразда рекъон суратал рахъиялъул конкурсал. Тӏоритӏана Махӏмудил, Цӏадаса Хӏамзатил, Батирайил, Ирчи Хъазахъил, Сулейман Стальскиясул ва гь. ц. юбилеял. Гӏалиасхӏаб Хархачаевасул гьариялда рекъон, дица тӏаде босана Россиялъул бахӏарчи, мунагьал чураяв Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировас 60 сон тӏубай кӏодо гьабиялъул тадбир нухда тӏамиялъул иш. Белоруссиялъул МВДялъул академиялда (гьенив цӏалулев вукӏана Гӏадилгерей), тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏана гьелда хурхараб тадбир. Гьелдаса хадуб, академиялъул начальникас загьир гьабуна гьеб академиялъул авалалда Гӏадилгерейие памятник лъунани лъикӏ букӏинин абураб пикру. Гьебги къабул гьабун, къотӏи ккун букӏана гьеб ишалъе нилъер гьанисанги кумек гьабизе. Амма цо-цо гӏиллабаздалъун гьеб щвечӏо. Амма доз рагӏи ккуна ва лъуна Гӏадилгерейил сипат гуреб, гьевги хӏисабалде восун, гьесул прототип хӏисабалъул памятник.
— «Горо» щиб гӏуцӏи гьеб кко- леб?
— Гьеб ккола нилъер дова вугев вакилги нусгогӏанасев дагъистани- явги гӏахьаллъун, Дагъистаналъул цо гьитӏинабго бутӏа хӏисабалда гӏуцӏараб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул аслияб мурадги ккола нилъер та- рих, мацӏ, гӏадат-гӏамал, маданият- адабият лъазаби ва цӏуни, гьеб ки- набго белорусазда бихьизаби. Цохӏо дагъистаниял гуребги, гьелда гьор- кьор руго гӏурусалги, белорусалги, украиналги, молдованалги ва цоги- дал миллатазул вакилзабиги.
— Цо-цояз кутакалда веццу- ла Лукашенко, цогидазул буго тӏубанго батӏияб пикру. Дур ки- наб пикру бугеб?
— Гьев вуго ккаралъуб рагӏиги батулев, хӏажаталъуб зарги бугев, къвакӏиги кьвариги гӏурав бихьинчи. Дир пикруялда, халкъалъул 60 ва дагьабги цӏикӏкӏун проценталъ ккола гьесул рахъ. «Не червонец чтобы всем нравится» абураб абиги бугелъул, рукӏинарищха гьев вокьуларелги.
— Нуж мадугьалзабиги ругелъул, ахираб заманалда Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназ асар гьабулеб бугищ?
— Белоруссиялъул экономика Россиялъулалда хурхараб буго, гьединлъидал гьаниб квешго бугони, добаги гьедин букӏуна, гьаниб лъикӏ бугони, добаги лъикӏ букӏуна. Амма руго цо-цо хаслъабиги. Дозул росдал магӏишат буго букӏараб хӏалалда, гӏуцӏун хӏалтӏулеб, бахъараб сурат гӏадин букӏуна сверухълъи, кибниги бихьуларо хӏалтӏизабичӏого рехун тараб авлахъ, бекьичӏеб хур. Хӏажатаб техникаялъул гӏемерисебги доз къватӏибе биччала жидецаго, дагьаб гурони гьечӏо цогидал пачалихъазда бараб жо. Бегула, бекьула, бижула, бакӏарула, кванала, дагьаб гурони рукӏунаро къватӏисел пачалихъаздаса росулел нигӏматал — гьединаб буго дозул къагӏида. Буго хӏалтӏи, руго харжалгун пенсиял, буго парахалъи. Амма кин бугониги, сверухълъиялъ, бугеб ахӏвал-хӏалалъ асар гьабичӏого букӏинищха. Тукабахъ буго щиб бокьаниги, амма дагь-дагьккун рахунел руго багьаби, раккулел руго цогидал масъалабиги.
— Жакъа нилъ гьанир данделъунги ругелъул, щиб дуца абилеб «Хӏакъикъат» газеталда хурхун?
— «Хӏакъикъат» буго хӏакъикъаталдаги букӏине кколеб, нилъее чара гьечӏеб ва нилъеца къимат гьабизе тӏадаб газета. Дагьаб цебеги дица подписка гьабулаан гьелъие ва «Дагъправда» газеталъе, амма гьел доре моцӏида жанир кӏиго нухалъ гурони щолароан. Интернет бугелъул гьанже гьеб рахъалъ гӏемерго бигьалъана. Гӏебеде щведал хъирщула, балагьула, цӏалула «чӏагояб» газета. Щиб бицаниги, интернет буго цӏорораб жо, кодоб ккураб газеталъул букӏуна тӏубанго батӏияб тӏагӏам, рекӏелъе бачӏунеб хинлъи…
Гӏабаш Гӏабашилов