6 апрелалда Москваялда Россиялъул президент Владимир Путингун дандчӏвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов.
Гьезул хабар ккана гьабсагӏаталда республикаялда бугеб жамгӏиябгун экономикияб ахӏвал-хӏалалда тӏасан.
Мисалалъе, бицана коронавирусалда сверухъ регионалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул, росдал магӏишаталъул, Чӏикӏаб хӏоринисан Махӏачхъалаялдегун Каспийскиялде гьекъолеб лъим бачиналъул, цӏолбохъанлъиялъул, гьединго хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏадамазе гьабулеб бугеб кумекалъул ва гьеб гуреб цогидалъулги хӏакъалъулъ.
Сергей Меликовас улкаялъул бетӏерасда бицана пандемиялда сверухъ ахӏвал-хӏал гьабсагӏат парахатаб бугин, гьеб унтуда данде вакцина гьабиялъул ишги цӏакъ цебетӏунин республикаялда. Мисалалъе, 90 процент вакцина гьабурал районалги ругин баян кьуна республикаялъул бетӏерас.
С. Меликовас президентасда абуна, мисалалъе босани, цӏолбохъанлъиялъул рахъалъги чӏел босанин республикаялъ. Гьесул рагӏабазда рекъон, Дагъистаналъул цӏибил гьанже баччула Крымалдегун Севастополалдегицин.
Гьеб дандчӏваялда Владимир Путиница лъикӏаб къимат кьуна олигарх Сулейман Керимовасе, хасго Дербент шагьар цебетӏезабиялъе гьес лъолеб бутӏаялъе.
А. Юсупов