Тӏоцебесеб апрелалдаса байбихьун республикаялда унеб буго гӏолохъаби армиялде ахӏиялъул ихдалилаб компания. Исана ракӏалда буго 3000-гӏанасев чи ватӏан цӏунулезул кьерде витӏизе. Гьедин бицана «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда ДРялъул рагъулав комиссар Даитбег Мустӏафаевас. Гъоркьиса хасалихъе рагъулаб хъулухъ тӏубазе ритӏаразде дандеккун гьеб тарих дагьаб бугинги абуна гьес. Гьединго цӏакъ кӏвар бугеб хӏужалъун ккана, армиялде ахӏарал гӏолохъабазул цониги чи Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялда гӏахьаллъи гьабизе витӏизе гьечӏин рагъулав комиссарас абиги.

— 2021 соналъул 1 октябралдаса 31 декабралде щвезегӏан 3000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи витӏана нижеца рагъулаб хъулухъ тӏубазе. Исана унезул къадар гьедигӏанасеб букӏине гьечӏо, гӏага-шагарго 3000 чи. Тӏубараб Россиялдаго хасалихъе букӏараб тарихалде дандеккун, чанго азарго чияс дагьлъана армиялде ритӏулезул къадар. Мисалалъе, улкаялдаса исана ихдал ватӏаналда цебе тӏадаб налъи тӏубазе ине вуго 134000 чи.

Араб хасалихъе республикаялдаса армиялде ахӏарав 3000-ялдасаги цӏикӏкӏун чиясда гьоркьов 2000 чи вукӏана кинаб бугониги махщел щварав ва гьединго гьоркьохъеб ва тӏадегӏанаб лъай бугел. Исанаги нижеца мугъчӏвай гьабизе буго гьединабго къагӏидаялде. Автомобиль бачине ихтияр кьолеб документ щварал ялъуни цогидаб махщалие куцарав гӏолохъанчи цӏикӏкӏун хӏажат вуго жакъа армиялъе, — йилан абуна Даитбег Мустӏафаевас.

Нилъер республикаялдаса армиялде ахӏарал гӏолохъабаз хъулухъ тӏубазе буго улкаялъул киналгоязде гӏагарун рагъулал частазда. Мисалалъе, гьел кколин Росгвардиялъул, МЧСалъул ва цогидалги рагъулаб аскаралъул бутӏабиян бицана гьес.

Даитбег Мустӏафаевасул рагӏабазда рекъон, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, щибаб шагьаралда ва гьединго муниципалитеталда гӏуцӏун руго армиялде гӏолохъаби ахӏиялъул комиссиял. Гьезда гъорлъ вукӏине вуго 10 жамгӏияв хӏаракатчиги. Рагъулаб хъулухъ тӏубазе гӏолохъаби ритӏиялъул тадбир букӏине бугин киназего рагьараб, гьединлъидал армиялде вас унел эбел-инсул, гьединго гӏага-божаразулги изну бугин гьел комиссиязда гъорлъ гӏахьаллъи гьабизеян абуна рагъулав комиссарас.

— Мисалалъе, армиялде ахӏарав гӏолохъанчиясул живго гӏумру гьабун вугеб мухъалъул рагъулаб комиссариаталда хурхун кинаб бугониги суал баккани, гьесул ихтияр буго республикаялъул гӏолохъаби армиялде ритӏулеб комиссиялде гӏарза хъвазе. Гьеб комиссиялъе нухмалъи гьабулеб буго Сергей Меликовас. Гьединлъидал гьенибе бачӏараб цониги гӏарзаялъул хал гьабичӏого тезе гьечӏо, — ян абуна Д. Мустӏафаевас.

Улбузул ракӏ бохизабулеб хабар

Армиялде гӏолохъаби ахӏулел киналго пунктал хӏажатабщиналдалъун хьезарун ругин бицана гьес. Щивав гӏолохъанчиясул хал гьабизе буго коронавирусалъул инфекция гьесде щун бугищ яги гьечӏищали. Гьединго гьев хьезавизе вуго рагъулаб ратӏлидалъун ва нухда кодоб хӏажатаб квен-тӏехалдалъун.

— Хас гьабун дие жакъа абизе бокьун буго, исана ихдал республикаялдаса армиялде ахӏулел гӏолилазул цониги чи витӏизе гьечӏо Луганскиялда, Донецкиялда ва гьединго Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьалъизе. Армиялде ине гӏураб ригьалде вахарав вас рокъов вугей эбелалъе гьабсагӏат батулеб ургъел дида лъала. Гьединал улбузул ракӏ гӏодобе биччазе, цоги нухалда такрар гьабулеб буго, рагъулаб хъулухъ тӏубазе ахӏарал гӏолилал гьенире ритӏизе гьечӏо. Гьединго гьенире ритӏизе гьечӏо армиялда хъулухъги тӏубан (запасалда — авт.) рокъор ругел чагӏиги.

Украинаялда гьабсагӏат руго гӏицӏго контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубалел чагӏи, — ян абуна Мустӏафаевас.

Кин бугониги, гьеб суал кӏиабизеги борхизе ккана гьес пресс-конференциялда. Дагъистаналдаса армиялде ахӏарал гӏолохъаби Украинаялде ритӏун ругилан хабар баккун букӏанин, гьеб уяб жо букӏанищан цӏехана рагъулав комиссарасда «Дагестанская правда» газеталъул журналистас.

Жиндихъе гьединал баянал щвечӏин, духъ мухӏканал, кьучӏал баянал ратани, гьел жиндаги рихьизареян жаваб кьуна Даитбег Мустӏафаевас.

— У, букӏана хабар Украинаялде гьединал гӏолохъаби ритӏун ругилан. Амма хас гьабун нилъер респубикаялдаса рукӏанин гьелин букӏинчӏо гьениб хъван. Югалъулаб федералияб округалда рагъулаб хъулухъ тӏубалел гӏолохъаби, командирзабазул тасамахӏлъи сабаблъун ккун ратана гьенире (Украинаялде). Гьеб хӏужаялда сверухъ хӏалтӏи гьабуна ва гӏайиб ккаразе гӏадлуги гьабизе батила, — ян абуна рагъулав комиссарас.

Жидеего бокьун Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялде ине бокьарал чагӏи гӏемер ругищилан гьикъана гьесда пресс-конференциялда.

— Гьединал чагӏи гӏезегӏан руго, амма гьелъул магӏна кколаро бокьанщинав чи гьениве витӏулин абураб. Тӏаса рищун, хасаб комиссияги гӏуцӏун, халги гьабун гурони гьениве чи витӏуларо. Хӏал гьабунги гьениве щивго витӏуларо. Бокьун батани чиясе дунялалъе хӏинкъи бугел нацисталгун къеркьезе, гьесие нух рагьараб буго. Вачӏа военкоматалдеги, бихьизабе дурго хӏадурлъиги. Комиссиялъ халги гьабун гьев ритӏухъ гьавуни, кӏиго-лъабго къоялда жанив гьев витӏула жиндиего ине бокьараб бакӏалде. Амма цоги нухалъ абила, цевеккарав чи гьениве витӏуларо, — ян абуна рагъулав коммиссарас.

Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса, армиялдаса лъутанхъизе бокьарал гӏолохъаби цӏикӏкӏанищиланги гьикъана журналистаз гьесда.

— Лъутанхъулезул къадар цӏикӏкӏинчӏо, армиялде гӏолохъаби ахӏиялъул тадбир гьанжего гьанжелъидал байбихьараб. Дида ккола лъутарухъаби гӏемерал рукӏинарилан. Нилъер гьедин хехго яхӏ рехулел, ккараб къо борхуларел гӏолохъаби гьечӏо. Рагъулаб хъулухъ тӏубазе ине бокьарал чагӏи гӏемер руго республикаялда, — ян абуна ДРялъул рагъулав комиссарас.

Гӏолохъабазулъ иман буголъи лъалаго цӏикӏкӏана

Чанго соналъ цебеги гӏемер ахӏи-хӏур бахъарал хӏужаби рукӏана, рагъулаб хъулухъ тӏубазе арал бакӏазда нилъер гӏолохъабаз рекъечӏел ишал гьариялъул. Жидедасаго загӏипал, данде квер борхизе кӏоларел гӏолилал инжит гьариялъул бицунел гӏемерал хӏужаби рукӏана социалиял гьиназда. Гьелъул рахъалъ гьабсагӏаталда иш кин бугебин гьикъидал, Даитбег Мустӏафаевас гьадинаб жаваб кьуна:

— Цебе букӏаралде дандеккун гӏемерго лъикӏ буго. Нилъер гӏолохъабаз хъулухъ гьабулел бакӏаздаса командирзабаз рачӏунел кагъталги лъикӏал, цебеялда дандеккун гьел разиял руго. Бахчиларо, камулел гьечӏо цо-цо тӏасан рорчӏарал хӏужабиги. Кверда килщалги ращадал гьечӏелъул, кинабго рахъ тӏокӏкӏарал гӏолохъаби рукӏунарелго гӏадин, камулел гьечӏо эбел-инсул гӏадлу щвечӏел цо-цо гӏолилалги. Амма гьединал дагь руго.

Тӏаса рищун, хасаб махщалие куцарал, автомобиль бачине лъалел ва тӏадегӏанаб лъай бугел гӏолохъаби гурони армиялде ахӏулел гьечӏелдаса чанго сон буго нилъер республикаялда. Сундениги махщел гьечӏев, «хӏокӏ гӏадин вакъварав» игит гӏемерисеб нухалъ нахъчӏвалев вуго рагъулаб комиссариаталъ. Гьединаб къагӏида хӏалтӏизаби кигӏанасеб къадаралъин битӏараблъун батарабин гьикъана журналистаз Д. Мустӏафаевасда.

— Гьеб къагӏидаялъ бачӏинахъего бихьизабуна жиб ритӏухъаб букӏин. Щайин абуни, жакъасеб Россиялъул армия буго цӏиял технологияздаса гӏуцӏараб, гьениб буго гӏемераб цӏияб техника. Гьелъул цӏикӏкӏарасеб бутӏа буго бичӏчӏизе захӏматаб, лъикӏаб лъайги гьунарги къваригӏунеб. Гьединлъидал жакъасеб армиялда вукӏине ккола тӏадегӏанаб лъайги бугев, автомобильги бачине лъалев, ругъунги бухьун бажарулев, хӏасил-калам — бокьараб махщалие ярагьунев солдат хӏажат вуго Россиялъул армиялъе. Гьеб гӏиллаялдалъун букӏана цӏалун рахъарал гӏолохъаби гурони армиялде ахӏулел рукӏинчӏеб, — ин абуна республикаялъул рагъулав комиссарас.

Ашахан Юсупов