Гьал къоязда тӏобитӏараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда Сергей Меликовас бицана Украинаялда хасаб операциялда къварилъи ккарал, гӏумруялдаса ратӏалъарал дагъистаниязул хъизаназе кумекалъе хасаб фонд гӏуцӏулеб букӏиналъул (чӏварал рагъухъабазул хъизамазе 1 млн гъурущ кьолеб буго), ДНРалдегун ЛНРалде гуманитарияб кумек (800 тонна) битӏиялъул хӏакъалъулъ.
Гьединго МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовас баян кьуна гьабсагӏаталда республикаялда такъсирал рагьиялъул иш, Россиялъул цогидал регионазда дандеккун, чанго нухалда цӏикӏкӏун бугилан.
Избербаш шагьаралъул мэр Мухӏамад Гӏисакъовас бицана гьекъолеб лъел къварилъи букӏиналъул хӏакъалъулъ. Гьединго рорхана батӏи-батӏиял суалалги.
Амма аслияблъун букӏана С. Меликовасул доклад. Масала, республикаялда социалиябгун экономикияб рахъ цебетӏезабизе гӏуцӏараб программаялъул бицунаго, гьес тӏадчӏей гьабуна промышленносталда.
Меликовасул рагӏабазда рекъон, цӏикӏкӏун буго улка цӏуна-къаялъе къваригӏунеб къайи-цӏа, энергия хӏадури, Махӏачхъалаялдагун Буйнакскиялда рагьун руго хьитал гьарулел фабрикал. 10 предприятиялъе кьун буго 50-гӏан млн гъурщил къадаралда субсидиял.
Пачалихъалъ кумек гьабун буго республикаялда индустриалиял паркал рагьизеги. Лъабнусгоялдаса цӏикӏкӏун гектаралда рагьараб гьединаб анлъго парк буго гьабсагӏат республикаялда. Гьез кьун руго 600 млн гъурщил къадаралда налогалги.
Меликовас бицана газалъул масъалабазул хӏакъалъулъги. Масала, гӏезегӏан хӏалтӏи гьабун буго лъицаго милатги гьабичӏого рехун тун рукӏарал газалъул рогӏрал рукӏалиде рачиналъе. Гьедин кадастралъул сияхӏалда лъун руго 1,5 азарго км халалъиялда ругел рогӏрал. «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъухъе ижараялъе кьун руго республикаялъул бетӏергьанлъиялда ругел 4,5 азарго км халалъиялъул газалъул рогӏрал.
«100 школа» абураб проекталда рекъон, гъоркьиса 31 муниципалитеталда къачӏан буго 105 школа.
Бакӏалъул инициативабазда хурхараб проект сабаблъун, 300 млн гъурущ харж гьабуна 27 районалдаги ункъо шагьаралдаги инфраструктура лъикӏлъизабиялда тӏад.
Социалиябгун экономикияб рахъалъ мугӏрузул росаби церетӏезаризелъун гӏуцӏараб программаялъул мурадалда, пачалихъалъ 48 млн гъурщил кумек гьабуна 152 чиясе (жидеца гьарурал харжазухъ рецӏалие гӏарац кьеян гӏарзаби хъван руго гьез хасал идарабазде).
Хадубги Сергей Меликовас бицана ресукъазегун лъимал гӏемерал хъизамазе гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ.
Дагъистан уна хӏалтӏиги гьечӏого хутӏарал гӏадамал гӏемераб анцӏго регионалда гъорлъе. Амма пачалихъалъ ресал ратулел руго гьединал гӏадамазе цогидаб рахъалъниги квербакъи гьабизе, гьединго лъимал гӏемерал хъизамаздехун хасаб бербалагьи бихьизабизе. Щуабилебги хадусебги лъимер бугеб 1,8 азарго хъизамалъе ва ресукъав 7,7 азарго чиясе гӏаммаб куцалда 870 млн гъурущ щун буго гъоркьиса пачалихъалъухъа.
Цинги Меликовасул ирга щвана шагьранухазде.
«Кавказ» федералияб шагьранух хӏинкъи гьечӏеблъунги санагӏатаблъунги гьабизелъун гьеб къачӏазе бокьун букӏин загьир гьабун букӏана С. Меликовас улкаялъул президент Владимир Путинилгун букӏараб дандчӏваялда. Гьелъул хӏасилалда исана цӏидасан къачӏазе байбихьана 73 км халалъиялда бугеб ункъо батӏияб нух. Ункъо кьер гьабун транспорт унеб куцалда гӏатӏилъизаризеги руго гьел. Хасавюрт, Дербент, Махӏачхъала шагьарал сверун шагьранухалги рахъизе руго исана.
З. Хӏажиева